Нижеца халат бахъинабулеб буго кIудияб къокъаялъ «блогеразде данде» бахъараблъун рикIкIараб къануалъул тема. Итни къоялда гьелда гъоркь гъулбас лъуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Загьирлъулеб буго гIуралъ жигараб дандерижи.
«Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор, политолог ва жигарав блогер Милрад Фатулаевасул пикруялда, блогосфераялда низам чIезабизе заман щун буго цебего. Аммайин абулеб буго гьес, къануналъ дурусго гьеб мурадалде щвезе кинниги рес кьоларин. Гьесулго рагIабазда, гьеб къанун бахъун буго гьитIинаб къокъаялъул мурадал тIуразариялъе, «тункизеги» буго гьеб аслияб къагIидаялда блогазда эркенго пикраби загьир гьарулезул гьитIинабго къокъаялда.
Милрад Фатулаев: «Дидани щибни квешаб бихьулеб гьечIо блогерал гьеб къануналде гъоркье тIуранго рачунел ругони. Амма лъала гури нилъеда сундуе гьеб къанун къабул гьабурабали. Дир пикруялда, къабул гьабуна коньюнктура, улкаялда бугеб политикияб ахIвал-хIал ракIалде босун. Гьеб къвариIгун букIана гIицIго гьитIинабго, жидер цIарал интернеталда ризго рехсолел гIадамазул къокъаялъе. Лъиде данде гьеб гьеб хIалтIизабизе бугебалиги нужедаги бичIчIунеб батила. ГIицIго I5-20 персонаялда данде. Гьелъ буго ракI хвезабулеб. Щайгурелъул къануназул букIине кколелъул системаялъул хасият. Гьел рукIине ккола щвалде щварал, Гьезда гъоркь букIине ккола гIельмияб кьучI. Гьел рукIине ккола объективиял.»
Машгьурай журналист ва блогер Светлана Анохиналъул ццин бахъун буго къанунал рахъулезда. Гьелъ абулеб буго ахирисел соназда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб гьибин абизе пайда бугеб къанун жинди ракIалдацин гьечIин. Депутатал ругин жалго жидеего къанунал рахъулелин.
Светлана Анохина: «ГIумруялда жаниб дида рихьичIел инициативаби хутIун ратиларо. Амма нилъер нухмалъиялъул инициативаби жакъа руго гIантал. Дида ккола гьел къануназул мурад бугин щуб букIаниги гьукъизе, къазе, гIорхъи чIезабизе, биччангутIизе, щиб букIаниги бахъизе. Гьездаса батIиялни диданиги церего рихьичIо. Гьукуъулеб руго чархарал тIажаби яги блогерал журналистазда ращалъизарулел руго. МагIнагIаги щиб бугеб гьелъул?!»
ЭР. Светлана, дуда лъала, къанун буго къанун. Гьеб тIубазабичIого мун тIуяларо, дуе бокьаниги бокьичIониги. Дур буго гIуралъ машгьураб блог. Дур блог рагьулезул къадар азаргоялдасанги цIикIкIун чи вуго гури. Щиб дуца гьабизе бугеб, дудаса регистрацияги, цогидал шартIал турIазариги тIалаб гьабизе байбихьараб мехалда?
Светлана Анохина: «Гьедин ккани дица, цо босани, хъубал жал рикIкIина (елъанхъулей йиго), гьебги гурищ гьукъулеб бугеб гьеб къануналъ. Гьелеха гьаб бакIалдаго дун кIиго статьяялде гъоркье ккезехъан йиго. …ТIагIа гьел цереса! Дун гьедингоги йиго журналист. КIиго нухалъищ дица регистрация гьабизе кколеб.»
ЭР. Къанун буго къанун. Гьеб тIабазабизе ккезе буго.
Светлана Анохина: «Инкар гьабизе буго. Дица цIияб гьумер яги блог рагьизе буго диего. Дие бокьун гьечIо гIантIал къануназе мукIурлъизе. Дир битIахъеб къагIидаялда гьелде данде чIезе рес гьечIони, дие хутIулеб жо ккола, "жиндирго багьа лъалев советияб чияс гIадин", сихIраби хIалтIизари. Цоги къагIида дида бихьулеб гьечIо.»
«Интерфакс» агентлъиялъул мухбир ва машгьурав блогер Тимур Джафаровасги гIантаблъун рикIкIунеб буго цIияб къанун. Гьесул пикруялда гьеб къануналъ жибго журналистикаялъул къимат хвезабулеб буго.
Тимур Джафаров: «Дир берблагьиялдаса, профессионалияв журналистасул бербалагьиялдаса, блогал информалатазда ращлъизари яги блогерал журналистазда ращад гьари ккола гIантаб жо, абсурд. Гьеб ккола местIерасул хIаракатчилъи профессионалияв тохтурасул - хирургазул, анестезеологазул, терапевтазул - хIалтIуда дандбай гIадаб жо.
Журналистика буго лъазеги тIуразаризеги кколел жиндирго къанунал, къагIидабиги ругеб профессия. Гьеб кколаро къватIисан вачIарав чияс, «гьале дица битIараб бицунеб бугин, дица хIакъикъат бихьизабулеб бугин, дун журналист вугин абураб жо.
Блогерал руго цогидал чагIи. ГIадамаз гьениб загьир гьабулеб буго жиндирго хасаб пикру. Гьесул пикру къабул гьабизе бегьула, къабул гьабичIого букIине бегьула. Гьезул рес буго жидеего бокьа-бокьухъе гьел пикраби загьир гьаризе.
Журналистазулин абуни, гьединаб ихтияр гьечIо. Буго цIулахъанасул профессия, буго лъин бачунесул профессия, буго пилотасул профессия, буго журналистазул про-фе-сси-я.
ГIагалигун абила, Россиялда гьанже гIемерисел сферабазда гIадам гьечIо жидерго бакIазда. Журналистикаялъулни, бицинецин ракI балеб гьечIо. Дида ккола 10 чиясда гъорлъан 9 жиндирго бакIалде гьечIин. Гьединаз рикIкIунеб буго, гIолин битIараб бицани, яги гьез битIаралъун рукIинеб жо бицани. ГIоларо! Унго-унгояв журналистас балагьизе ккола хIужжа, гьеб хIужжаялъе далилал ратизе ккола, цойги нухалъ хал гьелъул гьабизе ккола, гьелда хадуб гурони къватIибе гьел хIужжаби кьезе бегьуларо. Журналистас хIалтIизабизе ккола добго тохтурзабазул "Зарал ккезабуге!" абураб принцип. Блогеразул гьединал гIорхъаби гьечIо. Гьел журналистал кколаро."
ЭР. Кин дуда кколеб, щай гьединал, дуцаго абухъего, гIантал къанунал къабул гьарулел нилъер депутатаз?
Тимур Джафаров: «Дир пикруялда, къанунал рахъулезул аслияб бутIаги жидерго бакIалда гьечIо. Гьезда берцинго жидецаго гьоркьоб лъолеб суалцин берцинго лъалеб гьечIо. Гьезда берцинго бихьулеб гьечIо таксиялъул шоферасдаги лайнералъул пилотасдаги гьоркьоб батIалъи. Гьединал депутатазул темаялда хурхунги буго гьадинаб логика: блогераз хъвалеб батани, гьел журналистал ругин, абураб.