Ссылки для упрощенного доступа

«Суверенияб» демократиялъе «суверенияб» Интернет


Россиялъул сенаторас улкаялда жиндирго «суверениябин» абун рехсараб Интернет гIуцIиялъул тема тIокIаб борхизабулеб гьечIониги, Кремлалъ гIамал гьабулеб буго Интернеталда тIад жиндирго контроль чIезабизе. Кинаб тайпаялъул фильтр Россиялъ гьеб мурадалда халтIизабизе бегьулеб?

Интернеталда тIад дагьалъги хъачIаб контроль чIезабиялъул Кремлалъул проектал гьоркьор лъолеб мехалда ракIалда щвезабуна I966 соналъул мультфильмалъул персонаж. Апрелалъул ахиралда Россиялъул парламенталъул ТIасияб палатаялда гьоркьоб лъолеб букIана къватIисел улкабазда бихьулареб улкаялда жанисеб «Интернеталъул» суал. Сенатор Максим Кавджарадзеца цебелъей гьабуна гьединаб «Интернеталъе» Чебурашка абураб цIар кьезе.

ЦIиял шартIал рижунел руго Россиялда гьанжелъезегIан эркенаблъун букIараб Интернеталда сверун. Кинаб реакция интернеталдаса пайда босулезул букIине бугебали баянаб жо гуро. Апрелалда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна къанун Россиялъул гурел оператораздаса бакIалъулаб информация 6 моцIалде гIунтIун жибго Россиялда жаниб цIуниялъул тIалабалгун. «Коммерсант» газеталъ хъвалеб буго, Россиялъул президентас гIуцIараб хасаб комиссиялъ рекомендацияби гьарунин Россиялдасахун кьолеб контенталъул фильтрация гьабулеб система гIуцIиялъул.

Информация цIунулел серверал ва централ Россиялда гIуцIи гьеб цIакъ хирияб масъала ккола ва ине ругищали гьединаб галиялде мисалалъе Google яги Facebook, баянаб жо гуро. Баянаб жо гуро гьединго, мукIурлъичIел сайтазе хIалтIизе ресал къазе ругищали.

Путинил хьвада-чIвади гьеб бакIалда гIорхъаби лъалареб Интеренталъул гIатIилъи жидеего мукIурлъизабизе хIалбихьулел автократиял лидеразул хьвада-чIвадиялда релъараб буго.

Киналха рукIине бегьулел галаби Россиялъул нухмалъиялъи жиндирго мурадалде щвезе ккани?

Гьединаб «интернеталъул мисалал дунялалда руго.
  1. Шималияб Кореялъул «Сверун ккураб ах»
«Сверун ккураб ах» - гьеб хIакъикъаталдаги ккола лъиданиги бачIеб жанисеб «Интернеталъул» система. КъватIисан гьелъул контенталде раккизе рес гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жоги дагьаб буго. Амма «Ассошейтид пресс» агентлъиялъул репортажалда хъвалеб буго, гьеб системаялда бугин 5500 щвезеган сайтин. Гьел аслиял къагIидаялда кколел рагIула университетазул ва пачалихъиял структурабазул.

Гьединал ва гьездаго релъарал системаби руго Жанубияб Корея, Куба гIадал авторитариял, рагIул ва прессаялъул эркенлъиялъул рахъалъан бищунго нахъе карал, пачалихъазда.



  1. Китаялъул Firewall
Щиб гьеб кколеб? «Меседил бача» абураб Китаялъул системаялъ нух къалеб буго яги фильтрация гьабулеб буго нухмалъуда бугеб Компартиялъе хIинкъи бугеб информациялъул. Нухмалъиялъ байбихьудаго хIукму гьабун букIун буго Интернеталда тIад контроль чIезабиялъул. Китаялда нормалъун кколеб рагIула Интернеталда пачалихъияб цензура. Магърибалъул кампаниязул захIмалъаби рукIараб мехалда Байду абураб информация балагьиялъул бакIалъулаб система цебетIолеб букIана.

Китаялъул интернеталдаса пайда босулезда бигьаго бажарулеб буго цензураялде гъоркье кколарел провайдеразул «матуялъулалин» абулел сайтазде. Амма цебетIураб «бакIалъулаб» Интернеталъ гIуралъ мурадал тIуразарулел рукIиналда бан, абизегIанго тIалаб гьабулеб гьечIо цIиял нухал ралагьиялъул.



  1. Ираналъул «ХIалал» - интернет
2009 соналъул рищиязда хадуб Тегераналъул къватIазде аза-азар протесталъул гIахьалчагIи къватIире рахъун хадуб, Ираналъ бихьулеб къагIидаялда цIикIкIинабуна Интернеталда тIад контроль.
Нух къана Тweeter, Facebook ва Youtube гIадал магърибалъул сайтазде. 2011 соналда Ираналда гIуцIизе байбихьана улкаялда жаниб гурони хIалтIулареб «ХIалал» абураб система. Министразул цояс абухъего, гIадамазул рес букIине буго «этикиябгун моралияб даража цIунулеб» системаялдаса пайда босизе.

Улкаялда жанисеб «интернет» гIуцIулеб заманалда, свак лъачIого хIалтIулел рагIула цензорал. Гьез исламияб республикаялъе хIинкъи бугел сайтал къалел руго нахъ тIамичIого. Китаялъул гIадаб системаялъул инфраструктура гIуцIи гьеб цIакъ захIматаб масъала кколеб рагIула. ГIемерисез пайда босулеб буго магърибьалъул системаялдаса «матуялъулал» сайталги хIалтIизарун.
  1. Туркиялъул модель
Араб соналда хIукуматалде данде протестал загьирлъизе байбихьараб мехалда Туркиялъул премьер-министр Реджеп Эрдоганица байбихьана Интернеталде данде рагъ. 20I4 соналъул байбихьуда гьесул хъизаналъул коррупциялде хурхен букIине бегьиялъул видео Интернеталда бахъун хадуб, Эрдоганил буюриялда рекъон? ресал къотIизаруна Tweeter ва Youtube рагьиялъе. Диваналъул хIукму букIаниги, гьанжеги Youtube рагьиpе рес гьечIин гIарp гьабулеб буго гIадамаз жакъаги.

Дагьалъ цебе муниципалиял рищиязда икъбал щвейги Эрдоганида бихьана Интернеталде данде репрессияби халат рахъинаризе рес хIисабалда. Гьанже гьес Интернтеладаса пайда босулезул информациялде раккиялъул ресал тIадеги цIикIкIинаруна Туркиялъул хасал хъулухъазе . Провайдераз хIалтIизаризе байбихьана Китаялъул гIадал технологиял.

Кинаб нух бищизе рес бугеб Россиялъ?

ТIоцебего кколеб буго, Россиялъе данде ккезе букIанин Китаялъул «Firewall». «Яндекс» яги «ВКонтакте» гIадал сурсатал цIакъ машгьурал руго Россиялда. Амма гьезул икъбал хIурхараб буго къватIисел моделал ва инвестициял хIалтIизариялда.

«Яндексалъул» регистрация гьабун буго Голландиялда. Гьелъул акцияби ричулел рукIуна Нью Йоркалда бугеб NASDAQ-лъул биржаялда. Гьанже КIиябго компаниялъул нухмалъулез загьир гьабулел буго гьезул бизнесалъе зарал ккезарулел Россиялъул нухмалъиялъул тIалабазда разигьечIолъи.

ГьанжелъезегIан Россиялъ аслияб къагIидаялда квал-квал гьабулеб букIана ва къалеб букIана хасал оппозициялъулав Алексей Навальныясул гIадал сайтал ва блогал. Амма гьанже баянго бихьулеб буго, гьелдалъун Интернеталда гIорхъаби чIезариялъул Кремлалъул хIаракатчилъи лъугIине гьечIеблъи.

«Суверенияб интернет» лъугьине бегьула Кремлалъул идеаллъун. Россиялъ бищизе бегьулин Туркиялъул гIадаб чанго даражаялъулаб системаян рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.
XS
SM
MD
LG