Москваялда квачани - Кавказалда чинхъула

Владимир Путин (квегIиса) ва Виктор Геращенко

Путинил бищунго кIудияб гъалатIлъун Геращенкоца рикIкIунеб буго премьерлъун Д.Медведев тIами. "Цо юридический отделалъе гурони нухмалъи гьабичIев чи вуго гьев, гьесда нухмалъиги, финансалги, экономикаги лъаларо, лъангутIиялъул хIасилал рихьулел ругелъул" - ин абулеб буго Геращенкоца.

1998 абилеб соналъул августалда ккараб кризисалда щиб улкаялда гьабилебали лъаларев Ельциница премьерлъун тун вукIана квегIаб рахъалде цIарав вугониги хIалбихьи бугев политик Евгений Примаков. Примаковас Ельцинида цебе лъуна чIван къотIараб шартI - тIубанго хIукумат тIадегIанал профессионалздаса гIуцIизе живго тезе, Кремлиялдаса гьоркьор журачIого. Тезеги тана. Гьеб букIанин абизе бегьула Россиялъул цIияб тарихалда цохIого цо гьудуллъи, лъай-хъваял, ритIунчагIи, гьоркьорхъаби гьечIого гIуцIараб профессионалазул хIукумат. ХIукуматалдагун Е.Примаковасда кIвана хIакъикъаталдаги улка биххиялдаса хвасар гьабизе. Гьениб кIудияб асар букIана финансалгун экономикаялъе нухмалъи гьабулев Ю.Маслюкил ва Центробанкалъул нухмалъуда лъабабилеб нухалъ тIад вуссарав Виктор Геращенкол.

Маххул къебедазул, хьитазул устарзабазул, тохтирзабазулгун мугIалимазул тухумал рукIунел гIадин, Геращенкоги ккола финансистазул, банкиразул тухумалъул чи. Гьесул эмен вукIана СССР централияб банкалъул нухмалъулесул заместителлъун. Живго Виктор Геращенко тана СССРалъул заманалдаго Центробанкалъул нухмалъулевлъун, бищунго захIматал 1989-1991 абилеб соназда, Союз биххизегIан. Гьебго хъулухъалде тIад вуссана 1992 абилеб соналъ, хIалтIана кIиго соналъ ва 1994 абилеб соналъ нахъе ана. ТIубанго аферабазул хIасилалда накабазда ккараб гъурущги, экономикияб ва финансовияб ахIвал-хIалги бихьун Примаковас 1998 абилеб соналъ нахъойги ахIана Геращенко Центробанкалъул нухмалъуде.

КIвана гьесда улка хвасар гьабизе ва рукIалидеги бачун тIад буссун кьуна 2002 абилеб соналъ. Геращенко вуго кIудияб нухмалъиялъул хIалбихьи бугев ва улка жанисан лъалев чи. Жакъа Россиялда ва халкъазда гьоркьосеб политикаялда лъугьун бугеб хIалалъул бицун букIинчIо гьанжелъагIан. Гьев вуго рагIдукь чIарав, гIемер цеве кIанцIезе бокьулареб хасияталъул политик. Гьал къоязда nacsnews.com абураб сайталъ гьабуна гьесулгун лъикIаб гара-чIвари.

Жиндиего хасиятаб юморалъ ва гIакъилал жавабаз рагьулеб Россиялъул хIукуматалда ва нухмалъиялда бугеб ахIвал-хIал гьес. Бищунго кIудияб гъалатIлъун Путинил рикIкунеб буго премьерлъун Д.Медведев тIами. "Цо юридический отделалъе гурони нухмалъи гьабичIев чи вуго гьев, гьесда нухмалъиги, финансалги, экономикаги лъаларо, лъангутIиялъул хIасилал рихьулел ругелъул" - ин абулеб буго Геращенкоца.

Гьединабго критика гьабуна гьаб сагIаталда Центробанкалъул нухмалъуда тарай Э.Набиулинаеги. "Гьеб буго бищунго кIудияб "кадровый идиотизм". Кин тIамизе бегьулей гIолохъанай чIужугIадан щибниги банкалъул хIалтIи лъаларей гьедигIан жавабияб хъулухъалда?" - ян. Геращенкол рагIабазда рекъон живго Путин цIодорго кIалъазеги лъалев, гIакъилав гIадав чи вуго, амма бищунго гьев загIипаб бакI буго кадровияб политика.

Гьединабго ургъичIеб ва ахIмакъаб хIукмулъун рикIкIунеб буго Геращенкоца улка цIуниялъул министрлъун тун вукIарав Сердюковги. "ТIамулев вуго оборонаялъул министрлъун мебель бичун вукIарав базарган, кидаялиго Германиялдаса вачIарав жиндие гарнитур босизе кумек гьабунин. Ургъизе ккеларищ киве дуца щив тIамулев вугевали?.."

ХIисаб гьабураб мехалда щиб гIаммаб жо бугеб мебелалдагун оборонаялда гьоркьобали бичIчIизе захIмат буго. Щиб гьабизе дица гьав "НухIил заманалда" вукIарав Геращенкоги гьесул пикруги бачунеб бугеб жакъа? ТIоцебесеб иргаялда Геращенкоца цIакъ мухIканаб ва битIараб къимат кьолеб жакъасеб Россиялъул хIакъикъаталъе. КIиабизе, нилъеда тIокIаб чIечIого бихьулебги рагIулебги буго хасго Дагъистаналда хъулухъазда чи толаго тухумчилъи бугин, росаби ва аслияв чиясул район цебе гьабулин абулеб.

Миллиял квотаби, интересазул паритет, киналго рекъарал хIукмаби ралагьулел ругин, профессионалал нахъе цун ругин. ХIисаб гьабурабго халкъалъ тIад калам гьабулареб хIукму гьабизе ресго гьечIо. Иш лъалев чи тIамуни миллияб суал цебе бахъула. Миллаталде балагьун тIамуни, иш лъалеб гьечIин гIайиб чIвала. Гьеб киналъго субъектазул нухмалъуда ругел чагIаз кадровияб политика гьабула Москваялъухъ балагьун, мекъи ккечIого рукIине. Россиялда кидаго халкъалъе ва хIакимзабазе мисаллъун букIана жидедасаго тIадегIан бугеб власть. Москваялда хъулухъчагIи тIамиялъулъ тухумчилъи батани, гьебго бачIуна регионазде.

ГIадада абун букIинчIо цо "Миллаталъулгун" гара-чIвариялда ГIабдулатIиповас: "Нуж гIенекке радиоялъ кьолеб Москваялъул гьава-бакъалъухъ. Жакъа Москваялда квач кьуни лъабго къоялдаса гьеб бачIуна дир росулъе. Россия буго гIаммаб организм, Москваялда бетIер квачани Кавказалда чинхъула" - ян.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.