Лъалеб букIахъе, исламияб диналъул ва шаргIалъул тIалабалда рекъон щивав бусурманчиясда цебе бугеб масъала буго умматалъул суал. Бусурманичиясе бусурманчи - вац, гьесул роххелдалдаса воххи ва пашманлъиялдаса пашманлъи абураб шартI. Гьеле гьеб Хабаровскиялда бусурбабазе мажгит базе ракь кьеялъул роххелги нилъее гIахьалаб букIине кколеб рагIула исламалъул тIалабалда рекъон.
Хасго Россия гIадаб исламалде гIемерго хинаб гуреб берблагьи бугеб улкаялда. ТIубараб Россиялда бугеб масъала буго жакъа бусурбабаца эркенго рузман базе санагIалъи бугел мажгитал чIезари. ЦохIо гIатIиракьалде гIадамалги ун хутIарал росабалъ магIарухъ гIолеб батила мажгиталда эркенго бакI рузманалъе, хутIарал киналго бакIазда къваридго руго рузман къояца. Масала, МахIачхъалаялда къватIир халичаби тIамичIого хIебтIулеб цониги мажгит батиларо рузман къоялъ.
Дица гIажаиблъи гьабуна тIокIаб чIечIого нилъеца киналго балагьазул ва пасалъиялъул бетIерлъун жиб рикIкIунеб, цо-цояз исламалъул тушманлъун чIезабулеб къосараб Магъриб ва гьезул улкабазда Исламалъе чIезарун ругел шартIал рагIарабго. Кинаб пачалихъ бугеб ахирал соназда бищунго цIикIкIун миграциялъул проблема, динияб дандеккунгутIи ва чIвай-хъвеяздалъун машгьурлъараб бакъбаккуда? Франция. Шарли Эбдо. Террор. ЧIварал журналистал ва тIурал биял.
Гьеб вахIшилъи Париж бакьулъ кканиги рагIулеб гьечIо рассовияб ва динияб тушманлъиялъул гьаракь жибго терроралде данде гурони. Кинаб хIалха бугеб, масала гьеб пачатаб антиисламияб Франциялда? Парижалда буго рузман балел чIахIил щуго мажгит ва 1500 ялдаса цIикIкIун как балел рукъзал ва гьелъие санагIалъаби.
Социологазул цIех-рехалда рекъон гIаммаб къагIиялда ругел этникиял бусурбабаздаса 15-20 процент гурони щибаб къоялъ как балелги рагIуларо гьенир. Амма гьездаса 80 проценталъ кколеб рагIула Рамазан моцIалъ кIал. ГьедигIан къадар как балел диниял чагIазул гьечIониги "нагIана батаяб" Магърибалъ ран аза-азар как базе рукъзал кьун руго. Гьел как базе бакIалги кколел руго аслияб къагIидаялъ гIараб дунялалдаса рачIарал мигрантаз.
КъватIиса гьел жидер улкаялде рачIаниги, жидее данде кколареб дин ва хьвада-чIвади гьабуниги, шагьар бакьулъ терактал гьарун гIадамал чIваниги Франциялъ хIаракат бахъулеб буго халкъалда гьоркьосеб правоялъул нормабиги, жидер улкаялъул конституциялдасаги къватIире рахъичIого щивав гражданин диналде, миллаталде, жинсалде ва тIомол кьералде балагьун ратIа гьаричIого ращад гьаризе.
Гьелъ сундул бицунеб бугеб? Гьелъ бицунеб буго кигIан нилъеца Магърибалде гъегъ баниги доздаса мисал босизе жо нилъер гIезегIан бугин абун. РачIинин Россиялде. Жанив кIиго миллионалдаса тIаде арал бусурбаби ругеб Москваялда рагIула 6 мажгит.
Гьабги, бичас биччани, демократиябин цIар бугеб нухмалъиялъул жидерго конституцияги бугеб пачалихъ. Франциялъ гIадин мигрантазе гуреб жидерго гражданазул къадар буго улкаялда къого миллионалдасаги цIикIкIун бусурбабазул. Щай гьел мажгитал гьечIого тун ругел?
Щай гурелъул Конституциялда (кагътида) хъварабги хIакъикъияб гIумурялъулъ бугебги кIиго батIияб гIумру букIун. Кинабго гьерсида буцун. Гьелда релълъараб букIинарищ яшавги, нухмалъиги? Франгазул къватIиса рачIарал мигрантазде бугеб бербалагьи щай лъикIаб букIине кколеб Россиялъул жиндирго гражданаздехун бугелдаса?
Дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул аслияб майданалда республикаялъул гIарцухъ 98 процент бусурбаби ругеб, гьадингоги мажгитал гIолареб республикаялда аскIоб цун бана килисаги, чан чи дове иневали лъаларо, лъалеб жо буго гьеб чIобого букIине бугеблъи. Гьеб килиса бюджеталъул гIарцухъ бан бахъулеб заманалда Москваялда рагьана кIудияб мажгит, меценат Сулейман Керимовас I2 миллиард гъурущгIан жиндир гIарацги кьун бараб?
Алъул щибха ккараб? ХIажат гьечIелъуб бюджеталъул гIарцухъ балеб буго килиса, гьавагIан хIажаталъуб нилъер гIарцуца базе кколеб буго, тIаде бакI гIоларого къватIирги хутIулел руго. Щай гьедин бугеб? Щай гурелъул гьадал франгазул гIадин нилъер кагътида (конституциялда) хъварабги, хIакъикъаталда бугебги гIумру кIиго батIияб букIун.
Законалда цере диналги миллаталги ращадал гьечIолъиялъ. Ращадал рукIаралани жакъа Дагъистаналда дунялалъул цояб рагIалда, Хабаровскиялда мажгит базе ихтияр кьуни роххел бицинароан. Хабар лъикIаб рагIайги.
=========================================================
Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.