Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Халкъияб Мажлисалдеги жибго халкъалдеги гьабураб хитIабалъулъ кIвар буссинабизе жал гIезегIан ругоан. КIалъай букIана мухIканаб, пасихIаб, гIенеккаразда макьу речIчIулареб. ХитIабалъул киналго рахъал цохIо гьаб макъалаялда рехсезе рес гьечIо. Гьединлъидал росизе руго бищунго кIвар буссинабизе рекъарал гIадал бакIал.
Парламенталъул хIалтIи лъикIаблъун рикIкIана. ХIукуматалъул хIалтIи гIей гьечIеблъун рикIкIана. Гьеб гIей гьечIеб букIиналъул хIасилалда хисанила гIезегIан министралги, вице-премьералги. "Нилъ гуккулел руго 105-110 проценталъ экономикагун промышленносталъул цебетIеялъул темпал абурал тарихаз. РагIизе гIемераб бугониги хIакъикъаталда гьеб кколеб буго гIей гьечIеблъун. Щай гурелъул гьеб цебетIей буго 70 проценталдасаги тIаде гIодобе тIинде ккараб промышленносталъул ва экономикаялъул хIасилазда данде ккун цIикIкIун бихьулеб. 150 процентниги гьечIого нилъее гIоларо церетIеялъе" - ян абуна ГIабдулатIиповас.
Гьесул рагIабазда рекъон республикаялда цересел соназда данде ккун лъаледухъ дагьлъун буго федералияб централъ кьурал дотациязул къадар. Гьединабго ахIвал-хIал рагIула муниципалитетаздаги.ТIадеги хIаракат бахъизе кколила нилъго нилъеца хьихьиялъе нухал ралагьизе. Хасго лъикIаблъун бихьана транспорталъул магъало бакIалъул бюджетазухъе кьезе, щай гурелъул гьезда лъала лъил чан ва кинаб автомашина бугебали.
ЛъикIаб хIасил букIанин араб соналъ цIибил гIезабиялъулги, нилъеда кIвана 150 азарго тонна цIолбол бакIаризеян ГIабдулатIиповас абурабго залалъул ращдаца хъат чIвана. "ЛъикIаб чагъир бокьулел депутатаца хъат чIвана"- ян махсароги реххана. Бицана 2015 абилеб соналъ тIоритIарал рищиязул, гьел лъикI анин, гIемерисел мунициалитетал жинца тун рукIанин хIакъикъияб ахIвал-хIал лъазе, гьоркьоре чагIи лъугьине риччачIого. Бугеб ахIвал-хIал лъанила, хадуб гьениб лъикIаб гIумру букIиналъе кинабго хIисабалде босилин.
Гьединабго критикаялъул цIал щвана араб анкьалъ вищарав медакадемиялъул цIияв ректорасда ва гьев вищаразда. "Медакадемия ришватаздаса хавасар гьабизе бокьарал чагIаца ректорлъун вищулев вуго проректор, гьел ришватазда бакьулъ вукIарав чи. Кинаб гIадлу гьабилеб гьеб ахIвал-хIалалда ругьунав чияс? ГьанжелъагIан доба студентас преподавателасе кьолеб букIун батани ришват, гьанже жиндие гьаракь босизе преподавателас студентасе кьун рагIула. ХIажат буго пед ва мединститутазда гIадлу гьабизе".
Гьединабго критикаялъул цIал щвана ФАСалда (антимонополияб служба), СМИязда (информациялъул алатазда), хасго иргадал "криминалиял ва финансовиял къокъабазул заказазда хIалтIулел" хIукуматалъул гурел газетазде. "Критика гьабизе гьукъун гьечIо. Гьеб беццарабцин буго, критикагун суалал роцIцIунеб нух бихьизарурал макъалаби къабул гьарула, хIисабалдеги росула, амма гIицIго хасал чагIазул мурадазе гIоло власть какулеб батани гьелъие нух букIине гьечIо. СМИязда лъазе ккола гIорхъи лъикIлъигун квешлъиялда, ватIан бокьигун хиянатчилъиялда гьоркьоб, гьеб лъачIони лъикIалде рачунаро. Дица нуж киналго ахIулел руго Дагъистан кризисалдаса бахъиялъул программаялда сверухъ цолъизе" - ян абуна ГIабдулатIиповас информациялъул политикаялда хурхун.
Гьединабго критикаялъул порция щвана Москваялда ругел Федералияб Собраниялъул ва Пачалихъалъул Думалъул депутатазеги. "Гьезул цонигияв кколеб даражаялда хIалтIулев гьечIо, цохIо Сулейман Керимов гурони, гьесадса кумек щолеб буго республикаялъе" - янги абун тIоцебесеб кьерда чIарал Думаялъул депутатазде бер речIчIизабуна. Гьенир рукIана ХIажимет СафаргIалиев, ГIабасов, МухIамадкъади ХIасанов, Мурад ХIажиев (коньяк завод), МухIамад ХIажиев (фикса).
Гьелъул магIна букIана нуж иргадулаб болжалалда депутаталлъун рищи щакаб жо бугин абураб. ХитIабалъухъ гIенеккизе рачIинчIо Ильяс ГIумаханов ва Ризван Къурбанов. Цо-цо депутатал тIокIал чIечIого жинда тIаса мацIал гьарун президентасул администрациялде хьвадулел ругинги абуна. "Гьанир Дагъистаналдаса гьел гъоркь рукIарал нухмалъулез лъутизарун рукIана. Гьезда тIаса гIарзалъ ине хIинкъун сихI къотIун чIолаан. Дица гьеб лагълъиялдаса хвасар гьарурал чагIи руго дида тIаса гIарзал гьарулел. Дица гьезда абулеб буго, гIелин мацIал гьарулел. Критика гьабе гьаниреги рачIун, суалал ратани кье дие, нуж гьенире мацIихъанлъиялъе рищун гьечIо"- ян.
Гьединго хитIабалъулъ аслияб бакI кколеб букIана бищунго хIалуцараб ракьул суалалъ. БетIерас парламенталде хитIаб гьабуна ракь бичун босиялъул къануналъул проект хIадур гьабеян. Гьеб гьечIебгIан мехалъ киданиги бажаруларо ракь пайдаяб хIалалъ хIалтIизабунин рикIкIунеб буго ГIабдулатIиповас. "ХIажат буго гIакъилаб, сабураб ва гIодобе биччараб нухмалъи ва масъалаби лъе. Сабру гIолеб гьечIо нилъер гIемерисезе. Радал дун гьаниве вачIунаго лъабго минуталъ нух къанин сигналаца босун унеб буго шагьар. Дица абулеб буго, гьудулзаби, дун нужехъе посланиягун вачIунев вуго, нужеца дун тIубараб лъагIелалъ "послать" гьавурав, жакъа послание цIализениги дунги виччай" - ян.
Залалда хъуй бахъана релъулезул ва варххиялда хъат чIвана. ГIемерал гIакъилалги кепалги жал бицана Рамазаница хитIабалда.
=========================================================
Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.