ЧIахIиял налъабазул гIиллаби

​ЦIатариялъухъ тIолго Шималияб Кавказалъул, Чачан хутIун, хутIарал республикаязул бугеб гIаммаб налъул къадаралъулъ 55 процент кколеб буго гIицIго Дагъистаналъул налъи.

Соналдаса соналде цIатариялъухъ гIарац кьунгутIи тIагIиналъе гьарулел тадбирал согIлъизаруниги гьеб гIунгутIи тIагIунеб гьечIила.

Гьал къояз Шималияб Кавказалда газ бикьулеб аслияб гIуцIилъун кколеб «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абураб гIуцIиялъ Шималияб Кавказалда президентасул ишал кодосев хисулев Сергей Милейкогун гьабураб къотIиялъул хIасилалда бахъун буго цIияб план, газалъухъ налъаби дагьлъизариялъе. Шималияб Кавказалда «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абураб гIуцIиялъ газ чIезабулареб бакI кколеб буго цо Чачан республика. ХутIарал киналгIаги республикаязул бутIруз гьеб хIукуму къабул гьабунги буго. Гьеб гIуцIиялда цебе Шималияб Кавказалда ругел газалъул налъабазул къадар кколеб буго 50 млрд. гъурущ, гьелъул 55 процент кколеб буго гIицIго Дагъистаналъул налъи.

Дагъистаналда цIатариялъухъ гIарац бакIариялъе гIадатиял лъазариязул хIасил ккунгутIиялъ, 2014 соналъул ахиралда, ункъазарго рукъалъе газ къотIизабун, азаргоялдаса цIикIкIун рукъзабахъ дагь гьабун букIана, гьелъул хIасилалда бакIарун буго 71 млн. гъурущ.

2015 сон байбихьаралдаса низам цIунулезухъе 98 чиясда хурхун иш рагьиялъе документал кьунин, гьезул гIаммаб нилъиги 800 млн. гъурщидаса цIикIкIун бугин баян гьабулеб буго «Газпром межрегионгаз Пятигорск» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилас.

Цо гуреб, чанго соналъ газалъухъ гIарац къоларого бугин гIадамаз. Гьелда тIадеги, щибаб къойил хал гьабулел хIалтIухъабаз анцI-анцI рукъалде къануналда рекъечIого бачун батулин цIатарийин баян гьабулеб буго гьеб гIуцIиялъул вакил Имав ЗайнулгIабидовас.

Имав ЗайнулгIабидов: «ЛъагIалабаз гIарац кьоларого буго газалъухъ гIадамаз. Гьанже хIукму гьабун буго 2014 соналъухъ бащадабниги гIарац кьурал гIадамазе заман кьезе гьеб тIубан бецIизе. Араб соналъул ноябрь моцIалдаса бахъун кьваризаруна гIарац кьоларого ругел чагIигун гьабулеб хIалтIи. Санаца гIарац кьоларого ругел гIадамазе гьеб тIубан къатIинабизе буго».

Амма гьединал тадбиразулгицин хIасил кколеб гьечIин, араб соналъ букIараб налъул къадаралде данде ккун гьаб соналъ бугеб гIицIго 3 проценталъ гурого дагьлъун гьечIин баян гьабуна гьес.

Газалъухъ гIарац кьезе кколел абоненталгун, гьарун, лъазариял ритIиялдаса бахъун, диваналде ахIиялде щун хIалтIи гьабулила, амма кколеб хIасил гьечIила.

Марталда монополиялда данде чIараб Хъулухъалъул вакил ГIабдула Багандовас лъазабун букIана Дагъистаналъул газалъухъ бугеб налъи 24 млрд. гъурщидаса цIикIкIун бугин. Гьеб суал борхун букIана Сергей Меликовасги, коммуналиял хъулухъазул даража бахинабиялъул бицунаго. Гьес лъазабун букIана, пайда босараб газалъухъ гIарац кьезабизе кIоларел чагIигун коммуналиял хъулухъазул цIигьариял къабул гьариялъул кинин бицинеб.

ГIарац кьунгутIи гуребги гIиллаби ругин, гьединал чIахIиял налъаби рукIиналъейин баян гьабулеб буго экономист Андрей Меламедовас. Масала, гьал къояз монополиялда данде чIараб Хъулухъалъ «Махачкалагаз» гIуцIиялда гIакIа кIотIанила 225 азарго гъурущ. МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей гIаданалъе рокъобе газ бачаралъухъ гьез цIакъ гIемер гIарац тIалаб гьабидал, гьей гIаданалъ монополиялда данде чIараб Хъулухъалда лъазабун бугила.

Амма кин бугониги, гIадатиял гIадамаз гIарац кьунгутIи гурин аслияб гIилла бугеб гьедигIан кIудияб налъи букIиналъейин рикIкIунеб буго экспертас. Гьелъие аслияб гIилла бугила предприятияз ва цогидал гIуцIабаз гIарац кьечIогон рукIине хIиллаби гьарулел рукIин.

Андрей Меламедов: «Цоги кIиго нухалъ гуро нилъер республикаялда ратун рукIарал бикъун газгун хIалтIуел кирпиз къотIулел заводал. Жакъа къоялъги гьединал заводал гьечIин абизе бегьуларо. Гьез газалъухъ гIарац бакIаризе кколел чагIазе ришватги кьун гьарула гьединал ишал. Гьеб гIарац уна инспекторазул чунтбухъе. Цогидаб гIилла ккола жакъа гьеб газ кколеб къагIидаялъ бачунеб бугони гьелъухъ цIакъ гIемер гIарац тIалаб гьабула газалъул гIуцIабаз. Масала, МахIачхъалаялда босанани, жакъа анцI-анцI гIемертIалаял минаби руго къануналда рекъечIого газ бачарал, гьел минаби цин шагьаралъул планалдацин гьечIогон, гIемер саназ рукIуна гьаваялда, гьез я газалъухъ, я токалъухъ гIарац кьоларо хIукуматалъе. Гьеб гIарац уна хасал чагIазул чунтбухъе».

Гьединго абизе кколила ракI бацIцIадго гIарац кьолел гIадамал гIемер ругин, амма гьезие хIилла гьабулин газалъул гIуцIабаз, гьезего гьечIел тарихал хъварал лъазариял рачIун. Нагагь, гьелъул цIехон гIадамал анани, компьютералъул гъалатIилан абулила хIалтIухъабаз.

Цо гIадамаз гIарац кьуунгутIи гуреб, цогидал гIиллаби ратиялда щаклъи ккун, араб соналъ Дагъистаналъул прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда батун буго кIинусгоялдаса цIикIкIун чиясда тIад гIазалъухъ налъи хъван, гьел гIадамал газго бачинчIел рукъзабахъ гIумру гьабун ругел мехалъ. Биччазего биччачIеб газалъухъ 7 млн. гъурщидаса цIикIкIун налъи хъван батун буго «Газпром межрегионгаз Пятигорск» гIуцIиялъ.