Ссылки для упрощенного доступа

Хъутабазул росаби гьариялде данде митинг


Бабаюрталда митинг
Бабаюрталда митинг

Бабаюрт мухъалда ругел хъутабазе, Дагъистаналъул тIалъиялъ, росабазул статус кьезехъин букIиналдаса разигьечIолъи загьир гьабулеб буго гьеб мухъалда гIумру гьабун ругел лъарагIазгун нугъаяз. Гьез абулеб буго гьел хъутабазе росабазул статусал кьуни гьанжелъагIан ижараялъ босун букIараб ракь тIубан гьезие щвезехъин бугилан. Гьел суалал гьоркьоб лъун 800 гIан чияс гIахьаллъи гьабураб митинг тIобитIана Бабаюрталда 9 марталда.

Дагъистаналъул тIалъиялъул магIна гьечIеб сиясаталъ тIамулел ругила жакъа лъарагIал гьадинал митингал тIоритIизе, гьанжелъагIанги бикьанила гьез жидер ракь, гьанжеялдаса хадубги дагьабги цIакъ бикьизехъин бугин, гьелде дандечIей гьабизе кколинги абун рагьана митинг жамагIатчи Нурудинов Нурудиница. Гьес бицана советияб заманалъ бакIалъул гIадамазухъа ракь махсароде ккунщиб, тIамунлъиялда щиб бахъизеги бахъун мугIрузул мухъаздаса гочинарурал гIадамазе кьунила.

Цониги нухалда нужер ракьги бугин гьаб, бегьилищин гьаб цойгидазухъе кьезейилан цIехечIила лъицаниги жидеда, гьанжеги гьел хъутабазе росабазул статусги кьун тIубан гьезие жидер ракьал кьезехъин ругеб мехалдаги тIалъиялъ жидер пикруцин цIехечIила. Амма гьанжениги жидеда руцIцIун чIезе ракIалда гьечIин лъазабуна Нурудиница. Гьединго гьес абуна къануналда рекъон хъутабазда гIи-боцIи хьихьизе бокьалги, гIухьбузе рукъги гурони тIокIаб щибниги базе бегьуларила. Къанунги хвезабун тIубарал росаби ран ругила Бабаюрт мухъалда, гьезие бокьарал санагIалъабиги чIезарулел ругила, гьезул иш роцIцIинабулаго гIодоса-тIадего гьенир гIумру гьабун рукIарал лъарагIазул росабазде регIулебго гьечIила тIалъийилан.

Нурудинов Нурудин: «ТIалъиялъ кинабго гIарац гьел хъутабазда тIад хвезабулеб буго. Масала, Бабаюрт росдал цо-цо авалазда жеги я лъим я газ бачун гьечIо. Гьел къого соналъ балагьун чIун руго жидее хIукуматалъ кколел шартIал чIезаризегIан. Гьединго мухъалъул центаралда бугеб поликлиника бицун бажарулеб хIалалда гьечIо басралъул, биххун иналде ккун буго. Гьеб къачIазеги тIалъилъул гIарац батулеб гьечIо. Амма доба кибалиго бугеб Ибрагьимотарин абураб лъебелазул хъутаналде газ бачинеги, нухал гьаризеги цойгидал шартIал чIезаризеги кидаго санагIалъи батулеб буго гьезда. Гьединго Бабаюрталъул цIиял авалазда минаби разе ракьал кьурал гIадамал руго 20 гIан соналъ гьеб ракьул бетIергьанилъиялъул документал гьарун бажаруларого. Гьел росдал магIишаталъул ракьал ругила, гьенир рукъзал разе бегьуларинги абун чIезарун руго нижер гIадамал. Гьебго заманалъ хъутабазде республикаялъул ракьул суалал тIуралел хасал идарабазул хIалтIулхъабиги рачIун, гьезие рукIине кколел документал хIадурун кьолел руго. Кибха бугеб ритIухълъи? Кинабго гьезиеги гьабун, газги лъимгицин гьечIого нижер гIадамал тун руго».

Митингалъул гIахьалачи Бабаюрт мухъалъул Люксембург росулъа ГIалиев Фазилица бицана хъутабаз жидер ракьал ккун рукIиналъ, бакIалъул гIадамазе боцIи хьихьизе ресал гьечIила. Жидерго ракьал гьел мугIрузул мухъазул колхозазухъ ижараялъ росизе кколел ругила жидеца, гьебгицин чанго нусго нухалъ цIикIкIун гIарацги кьун. Жидер рокъореги рачIун жидее бокьахъин рукIарал гIечIого гьанже жидер ракь тIубан бахъичIого чIеларин лъугьун ругила гьел хъутанчагIи. ТIалъиялъул гIадалаб сиясаталъ миллиял тунка-гIусаби ккезаризехъин ругила, гьединлъидал лъарагIаз жидерго ихтиярал цIунизе гIамал гьабизе кколин абуна гьес.

ГIалиев Фазил: «Гьадинал данделъабаз тIалъиялъе щибго асар гьабизе гьечIо, гьез нилъ рикьа-риххизаризе хIаракат бахъизе буго. Гьединлъидал цолъизеги цолъун нилъерго лъарагIазул республика гьабизе ккола, гурони нилъер халкъалъул ихтиярал хвезарун гурони цIунулев чи вахъунев гьечIо. КидаллъагIан нилъ гьадин рукIинел ? Нилъер депутатазеги къваригIун гьечIо нилъ. ТIалъиялъ малъухъин хIалтIулеб нилъер мухъалъул нухмалъиялъеги ургъелги гьечIо нилъер, киналниги данделъаби ва митингал тIоритIиялдеги дандечIун руго гьел».

Митингалъулъ гIахьалъи гьабизе рачIун рукIана Нугъай мухъалъул вакилзабиги. Гьез лъазабуна жал лъарагIазда цадахъ ругила, жидерги ракьуда хурхун гьезулго гIадинал захIмалъабиги ругилан. ЦIураб гIарадаялда тIад ругел гIадин ругила нугъай мухъалъул чанги росабазул гIадамал, щай гурелъул гьеб ракьул суалалъ цоцада речIчIиялде ккезарун ругила гьел. Жидер гьел мугIруздаса гочинарурал гIадамазда щибго дагIба гьечIила, жал миллатчагIиги гурила, амма жидер ракьалги ккун республикаялъул тIалъиялъул гIадамал гочинариялъул программа тIобитIи гьеб битIараб гьечIилан абуна гьез. Гьедин нугъаязул вакил Бекмурзаев Асланица лъазабуна республикаялъул тIалъиялъе гьеб суал берцинго, би гIодобе тIечIого тIубазе къваригIун батани гьел хъутабазде гочинарурал гIадамал гьез рукIарал бакIалде мугIрузде рахъинаризе кколила. Биччантейила гьезие пачалихъалъ гьаниб тараб магIишаталъухъ рецIалил гIарацги кьезе. Гьеб иш гьабизе рес бугила тIалъиялъул, ЦIияблак мухъ гочинабизе къваригIарал мехалда батараб гьеб санагIалъи, хъутабаздаса гIадамал гочинаризеги балагьейилан. Жидеца яги гьел гочинарулел гIадамаз гурила ургъел гьабизе кколеб гьеб киналъулго, гьелда тIад бетIер тIалъиялъун унтизе кколилан лъазабуна Асланица.

Жакъа къоялде Бабаюрт мухъалъул ракьалъул 84 процент хъутабаз кколеб буго, Нугъаязул доба 79 процент кколеб буго. Гьел хъутаби ругел ракьал жидехъе рукIахъин тIадруссинаруни жидер гIадамал магIишат гьабизе кирениги къватIире ине кколарила, гьелдаса пайда босизе бегьулила. Гьаб сагIат хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъ ва магIишат гьабизе ресал гьечIолъиялъ лъарагIал жидеего санагIалъи бугеб бакIалде гочине кколел ругин лъазабуна митингчагIаз.

Акциялъул ахиралда митингалъул гIахьалчагIаз къабулгьабураб резолюциялда гьез тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналъул хIукуматалъул хъутабазе росабазул статус кьеялда хурхун бахъараб къанун нахъе бахъейила, ва жидер ракьал тIадруссинарейилан. ГIагараб заманалда гьел тIалабал тIурачIони жал дагьалги кIудиял митингалгун акциял тIоритIизе хIадур ругиланги лъазабуна гьез.

XS
SM
MD
LG