Гьениб гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса диниял гIалимчагIаз, Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялдаса къукъаги щвана гьенибе.
Исламияб лъайкьеялъул Шураялда гъорлъ унел экспертазул рагIабазда рекъон, батIи-батIиял вузазда ва мадрасазда гIелму батIи-батIияб хIалалъ кьолеб буго. «Исламиял цIех-рехазул централъул» хIалтIухъан Камил Насибулловас Шураялъул данделъиялда абуна лъайкьеялъул рахъалдаса мониторинг гьабунила жидеца.
«Исламиял вузазул ва мадрасазул хал-шал гьабуна. Гьелъул хIасилазда рекъон, цо вузалда, мисалалъе, цо дарсалъе 120 сагIат кьолеб буго лъагIалида жаниб, цогидаб вузалда гьебго дарсалъе 700 сагIат бихьизабун батана», - ян бицана экспертас. Гьес абухъе, гьединго гьечIо цогоял тIахьал ва дарсазул цIаралги батIи-батIиял вузазда цоцада релълъарал гьечIо.
«Жиб-жиб мадрас цебетIолеб буго батIи-батIияб хIалалъ. Гьезие чIезабураб цо стандарт букIине ккола», - ян абуна Насибулловас. Лъайкьей цо стандарталде бачиналъе буго цогидаб гIиллаги – радикалияб исламалде дандечIей. «Лъайкьеялъул мухIканаб программа гьечIеб мехалда, диниял вузазда экстремизмалъулаб идеология бачIинабизе бигьалъула. Стандарт бугеб мехалда букIина цохIо идеология, гьеб стандарталда релълъинчIеб дарс кьезе вузазда яги мадрасазда ресги букIине гьечIо», - илан бичIчIизабуна «Исламиял цIех-рехазул централъул» вакилас.
Мажлисалда гIахьаллъаразул рагIабазда рекъон, 90-лел соназда аслияб мурадлъун букIана кIванагIан гIемер мажгитал ва мадрасал рай, амма жакъа къоялда исламияб лъайкьеялъул масъалабазе кIкIвар кьезе ккола.
Исламияб лъайкьей цо стандарталде бачин лъикIаб ишлъун рикIкIунеб буго динияв журналист МухIамадрасул ГIумаровасги.
МухIамадрасул ГIумаров: «Лъайкьей цо стандарталде бачине цебего заман щвана. ТIоцебе цIалдолезе бигьалъи букIина гьелдаса. Цо бакIалда цIали тун, цогидаб бакIалде цIализе вахъин, мисалалъе, цогояб стандарталда бугеб системаялда бигьалъила. Гьединго тIахьал рахъиналъеги, методикияб материал бахъиналъеги бигьалъи букIина. Цо стандарталде лъайкьей бачиналъулъ цохIо захIмалъи бихьула: мисалалъе, Дагъистаналда цо мазгьабалдалъун кьола исламияб лъай, Татарстаналда цогидаб мазгьабалдалъун. Гьебги батIаго тIубазе бегьулареб суал гуро».
Поволжьегун Уралалъе ва Шималияб Кавказе стандартал цодагьго батIиял чIезаризе рес бугин абуна мажлисалда гIахьаллъараз. ТIоцере рехсарал регионазе стандартал рукIине ккола ханафитазул мазгьабалда рекъарал, Шималияб Кавказе – шафиитазул мазгьабгун дандекколел.
Гьел стандартал цойиде рачине ракIалда буго гIагараб заманалда ва 1-себ сентябрялдаса байбихьун Россиялда исламиял вузазда ва мадрасазда дарсал кьезе руго цохIо стандартазда рекъон.