Ссылки для упрощенного доступа

И. Бердиев: "Шималияб Кавказалда диназда гьоркьоб жахIда гьечIо".


Шималияб Кавказалда ГIиса аварагасул диналда рухI речIчIулеб буго дагь-дагьккун. Регионалда цIикIкIунеб буго гьатIаназул ва диналде руссарал христианазул къадар. Гьедин бицунеб буго «Кавполит» сайталда кьураб макъалаялда.

Христианазул дин Шималияб Кавказалде бачIун буго исламалдасаги цебе. Аланиялъ гьеб дин къабул гьабун буго гьеб Киевалъул Русалда тIибитIилелде бащдаб гIасруялъ цебе. Цебесеб соналда Шималияб Осетиялда кIодо гьабуна дин босун II00 сон тIубай.

Регионалда гIадатияб динлъун ислам рикIкIунеб букIаниги, христианазул диналъул некIсияб къагIидаялъул лъалкIал руго Дагъистаналда, Гъалгъазул республикаялда, Гъарачайгун Чергессиялда ва цогидал бакIазда. ХутIун руго гьатIанал, монастырал яги гьезул хутIелал. Гьезул цоял жакъа кколел руго пачалихъалъ цIунарал туристал щолел бакIал.

Журналист Светлана Болотовалъ хъвалеб буго, гьезул цояз христианазе цIидаса хъулухъ гьабизе рес бугин. Гьелъ бицунхъе, ислам гIадин хехал темпазда батичIониги, ГIиса аварагасул дин бигьа-гьабун рухIалде бачIунеб буго регионалда. Гьелъие багьаналъун авторалда бихьулеб буго ГIурусазул православияб гьатIаналъ, хасго регионалда ругел митропополитаз ва жибго динияб структураялъ гIурусазда, хасго хъазахъазда гьоркьоб гьабулеб кIудияб хIалтIи.

Ставрополалъул ва Невинномысскалъул митрополит Кириллица лъазабун буго гIурусал православияб диналде нахъе руссинари кколин цIакъ кIвар кIудияб масъалайин. ГIурус православияб гьатIаналъ кIвар буссинабун, регионалда реставрация гьабун буго чанго гьатIаналъул ва монастыралъул.

Болотовалъ абулеб буго, православие чIаголъизабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеб бугин, регионалъул субъектазул бутIрузги, бакIалъулал цо-цо гIуцIабазгиян. Гьеб суалалда хурхун гьатIаналъул ва республикабазул талъиязул вакильзабазеги гIаммаб мацI батиялъул мисал хIисабалда гьелъ бицунеб буго Гъалгъазул республикаялда Орджоникидзевская абураб хъазахъазул росулъ монахаз гIумру гьабулеб бакI рагьиялъул хIакъалъулъ.

Гьенибго Джейрах мухъалъул Тхаба-Ерды росулъ хIалтIизе байбихьулеб рагIула гьатIан. Гьелдаго аскIоб балеб рагIула монахазе чIезе бакI. Адыгеялда араб соналъул хаслихълъиялда рагьана руччабазул монастырь.

Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна, Дербенталда археологазе батараб гьатIаналъул реконструкция гьабун гьеб хIалтIизе биччазе бугин. Гьес гьединго рагIи кьуна гIурусаз гIумру гьабун рукIарал бакIазда гьел нахъе руссиналъе шартIал гIуцIун, хIалтIул бакIазул къадар цIикIкIинабизе.

Шималияб Кавказалъул муфтий ИсмагIил-хIажи Бердиевас нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго, Шималияб Кавказалда исламалдаги православиялдаги гьоркьоб проблемаби гьечIин, гьединлъидал динал щулалъулел рукIиналъ рахъазда гьоркьоб ракIчIегIерлъи загьирлъуларин.

Бердиев ИсмагIил-хIажи, Шималияб Кавказалъул муфтий
Бердиев ИсмагIил-хIажи, Шималияб Кавказалъул муфтий

ИсмагIил-хIажи Бердиев: «Совет Союз биххун хадуб, кисса-кибего, киналго росабалъ гIагаразда мажгитал рукIинчел бакIазда мажгитал, гьатIанал рукIинчIел бакIазда гьатIанал разе байбихьана. Гьеб процесс халат бахъунебги буго. Гьелда нахъ лъиданиги квешлъиги бихьулеб гьечIо. Гъарачайгун Чергессиялда, мисалалъе, гьедин буго иш. Гьединго цогидал республикабаздаги.

БитIараб бицани, цо-цоял руго гьедин букIине бокьичIел. Гьединаз гIамал гьабулеб буго ахIвал-хIал хIалуцинабизе. Нижер гьаниб Гъарачайгун Чергессиялда букIана хIужжа балеб гьатIан бухIиялъул. Гьелъие цадахъ лъугьун реконструкция гьабуна. Шималияб Кавказалда гьатIанал разе бусурбабазги гьабула кумек, гIагсалда православияз мажгитал разеги кумек гьабула. Гьелде балагьун дида абизе кIола, гьаниб гьелъул проблема гьечIин. Бугин гIицIго рагIирекъей. Гьедин букIиналъе квербакъиги гьабулеб буго, кинаб букIаниги цогидал бакIазда гьечIел гIадатал рукIиналъги. Нилъер гIадатал, традицияби руго кIиябго конфессия ракълилаб къагIидаялда гьанир рукIиналъе кьучIода."

Бердиевасул рагIабазда, Краснодар регионалда проблемаби рукIана араб соналда. Аммайин абулеб буго гьес, гьеб кколин тIалъиялда миллатчагIазул рахъ кколел гIадамал рукIиналъул гIаламатин. Гьеб кколарин кIиябго диналъул гIадатияб гIадамазда гьоркьоб рокьукълъи бугин абурабин. Гьеб кколин гьединаб рокьукълъи бижинабизе бокьарал политикал ругин абурабин.

XS
SM
MD
LG