ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хасаб хъулухъалъул Санкт-Петербургалда бугеб идараялъ Мария Погореловалъда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьун буго. Низам цIунулез рикIкIунеб буго, «Исламияб пачалихъалъ» гIуцIиялде гъорлъ рагъизе анилан студентка. Социалиял сайтаздаса гьелъ цогидал ясалги ахIулел руго жигьадалъе.
Халкъазда гьоркьосеб интерполалъул цIех-рехалда лъезе йиго гIагараб заманалда I8 сон барай гьей Погорелова илан, хъвалеб буго информалатаз.
Жакъа къоялда Марияца гIумру гьабулеб рагIула Сириялъул Алеппо шагьаралда. ЦIарги хисун буго гьелъ – Марьям буго гьелъул цIияб цIар.
«Фонтанка» сайталъ бакIарараб информациялда рекъон, Мария цIалулей йикIун рагIула Петербургалъул университеталда, гьелъул эбел-эмен гIадатиял чагIи руго. Жийго Мариял биографияни гIадатияблъун рикIкIине бегьуларо – 20I2-леб соналда гьей нецонацистазул къукъаялде гъорлъ ккана. Гьелъул габуралда свастика бахъараб татуировкацин букIун буго. Чанги нухалда полициялъги ккун йикIун йиго гьей.
Ахир-къад гьелъие фашистазул идеял чIалгIана ва гьей диналде юссана. Инжил цIализе байбихьун буго гьелъ, килисиялдеги хьвадулей йикIун йиго. Насраниязул динги чIалгIана гьелъие. Исламалдехун интерес ккун буго гьелъул. Исламалъул хIакъалъулъ хъварал батIи-батIиял тIахьал цIалулел рукIун руго гьелъ. Как базеги ругьунлъана гьей. Пуланаб къоялда эбел-инсуда цее чIана гьей хIижабги ретIун. ЦохIо берал гурони рихьуларел хIижаб букIун буго гьеб.
ЦIияхъарай гIурус бусурбаналъул социалиял сайтазда лъай-хъвай ккун буго Абу Бакр тIокIцIаралда гъорлъ хъвадарулевгун. Гьез цоцаде хъвадарулеб букIун буго ва гIемерисала Марияе лъазе бокьун буго кинаб гIумру бугеб Сириялда, гIадамал кинаб хIалалда ругел. ЦIияв гьудулас гьелъие бицухъе, гьениб кинабгIаги такъсирчилъи ва вахIшилъи гьечIо. Социалиял сайтал тун руго кIиязго ва бухьен кколеб букIун буго хадуб хал кквезе бегьуларел программабаздасан.
Дов чияс Марияе гIарац битIун буго Истанбулалде билет босизе. Араб соналъул октябралъул ахиралда гьей щун йиго Турциялде. Гьениса гьей Сириялде ун йиго – Ракка шагьаралде. Хасал хъулухъаз бакIарараб информациялда рекъон, Раккаялда гьелъ гIумру гьабулеб букIун рагIула дов Абу Бакр тIокIцIар бугеб чиясул минаялда.
Интернеталдаса Марияца бухьен ккун буго Петербургалда хутIарал жиндирго гьудулзабигун. Ясазда гьелъ бицунеб букIун рагIула Сириялда гIумру лъикIаб бугин ва информалатазгун прессаялъ гьерсал рицунел ругин ургъунго. Цо-цо ясазе Мариял харбал рекIее гIун руго. Гьез хъвалеб букIун буго жидеца диниял тIахьал цIалулел ругин. Гьезухъ Марияца б+итIун руго Сириялде кин рачIине бегьулебян хъвараб мухIканаб инструкция.
Гьал къоязда хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз гьел ясаз гIумру гьабун бугеб бакIазда чIухь бана. Жалго ясалгун гьикъа-бакъи гьабун буго.
Низам цIунулез абухъе, Марияца ясазухъ хъваралдаса бичIчIулеб буго Раккаялдаса Алеппоялде арай Мария теракт гьабизе хIадурулей йикIин. Гьелда малъун буго автомобиль бачине, малъун буго кьвагьул алатал кин гьаризе бегьулеб. Россиялде гьей йитIизе рес буго гьаниб теракт гьабиялъе гIолоилан абуна журналистазе къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз.
Экспертазул рагIабазда рекъон, Сириялда терактал гьаризе малъулеб буго руччабазда. ТIадежоялъе «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул лъазабиязда рекъон, Россия гьезул тушманлъун ккола. Гьелдаго цадахъ, исана Сириялде рагъизе арал россиялъулал нахъруссинин хIинкъи буго. Гьезул тIадруссиназ ахIвал-хIал хIалуцинабизе бегьула.
БатIи-батIиял къиматазда рекъон, рагъизе Сириялде Россиялдаса ана гIага-шагарго кIиазарго чи. ЖамгIияв хIаракатчи Сулейман Уладиевас рикIкIунеб буго гьеб суалалъ кIвар кьезе кколин.
Сулейман Уладиев: «Азарго-кIиазарго чи дораги рукIун гьел нахъе рачIани, хIукуматалъ гьеб суал тIубазе ккела. Яги гьел туснахъалда лъезе ккола, яги гьезие цогидаб тамихI гьабизе ккелаха. Цо жо буго гьел чагIи гIадатияб ракълилаб гIумруялде тIадруссин. Амма рагъизе нахъруссун ратани, гьединаб ишалъ ахIвал-хIал хIалуцинабила гьез».
Гьес гьединго тIаде жубана, хасаб халкквей букIине кколин Сириялда рагъулел рукIарал кавказалъулазда хадубилан.