Ссылки для упрощенного доступа

А. Ярлыкапов: "РитIухълъиялъул атмосфера - ИГИЛалдаса "иммунитет"


Россиялъул федералияб хасаб хъулухъалъул вакильзабаз лъазабулеб буго, «Исламияб Пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъул ахIиялда гIенеккун, ГIагараб Машрикъалде унел гIолохъабазул къадар дагьлъулеб гьечIин. Щай нилъер пачалихъалда ва динияб системаялда бажарулареб эффективияб къагIидаялда данде чIезе «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялде? «Дир ихтиярал – дир эркенлъи» абураб хасаб программаялда гьеб ва цогидал суалазде жавабал кьолел руго МГИМОялъул Кавказалъул проблемабазул ва регионалияб хIинкъигьечIолъиялъул централъул гIалимчи ва этнограф АхIмад Ярлыкаповас.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ Шималияб Кавказалдаса жиндирго кьеразде гъорлъе гIадатиял гIолохъаби ахIи гуребги, жиндихъего руссинарулел руго гьединго «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIаралцин. Гьедин лъазабуна Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалъул директор хисулев Сергей Смирновас, информалатазе комментариял гьарулаго.

Гьесулго рагIабазда, жакъаялде «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жиндирго контролалде гъоркье росарал террриториязда гIумру гьабун буго микьго миллион гIанав чияс. ХIакъикъаталдагиян, жубалеб буго гьес, абизе бегьулин 2013 соналдаса «Исламияб пачалихъ» гIуцIи бугин лъицаниги къабул гьабичIеб шаргIияб къануназдалъун хIалтIулеб гьересияб пачалихъин.

«АхIмад Ярлыкапов: "Исламияб пачалихъалъ" интернеталъул кумекалдалъун бахъизе буго Шималияб Кавказ" абураб цIаралда гъоркь МГИМОялъул Кавказалъул проблемабазул ва регионалияб хIинкъигьечIолъиялъул централъул гIалимчи ва этнографасулгун бахъараб интервьюялда бицунеб буго гьеб гIуцIиялъул Шималияб Кавказалъул гIолилазде бугеб асаралъул хIакъалъулъ.

ЭР. - Гьеб интервьюялъул цIаралъго кIудияб ургъел ккезабулеб батила регионалда гIумру гьабулел гIадамазул. Унгогийищ, АхIмад, дуца рикIкIунеб "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялда бажаризе бугин Шималияб Кавказ жиндирго контролалде гъоркье босизеян?

АхIмад Ярлыкапов: "Гьеб интервьюялъул цIар "Кавказский узелалъул" бетIерияв редакторас ургъун буго. Дица гьедин абун букIинчIо. Дица гIицIго абулеб буго гьеб гIуцIиялъул асар загьирлъулеб бугин Шималияб Кавказалдайин интернеталъул кумекалдалъунин. Гьелъ Шималияб Кавказ жинхъего босулин абураб, букIине те интернеталъул кумекалдалъунцин, гьеб ккола жибго "Кавказский узелалъул" бетIерияв редакторасул фантазия.

ЭР. - Гьедин батани, кинаб къимат дуца кьолеб, "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул нилъер регионалде бугеб асаралъе? Бугищ гьеб гьедигIанго ургъел ккезабулеб?

АхIмад Ярлыкапов: "Дир пикруялда, гьанжелъезегIан Шималияб Кавказалъе, тIолабго Кавказалъе битI кколеб буго. ХIакъикъаталдаги, "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе кIудиял икъбалал щолел руго территорияби жиндирго контролалде гъоркье рачиналъул рахъалда. Дуда лъалеб батила гьеб гIуцIиялъ гьанжеялдего Ливиялда жиндирго анклавав гIуцIун рукIин, гьелъ гIамал гьабулеб буго анклалав гIуцIизе Пакистаналдаги Афгъанистаналдаги Талибаналъул кумекалдалъун. Гьединаб фоналда Шималияб Кавказалде "Исламияб пачалихъ" щолеб бугин аби кIодо гьабун аби букIина, гьелъие гьанжеги заман щун гьечIо. Щай?

Цо босани, Шималияб Кавказалда "Имарат "Кавказ" абураб радикалиял исламистазул гIуцIи буго. ЛъикIаланго талхун букIаниги, гьеб идеологияб рахъалдаса данде чIун буго гьанже "Исламияб пачалихъалде". "Имарат Кавказ" жидерго гIуцIилъун рикIкIунезе цIакъ ракIалъе гIечIо, мисалалъе, "Дагъистаналъул секторалъул" гIамирас "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе жив мукIурлъулев вукIин лъазабун, гьа баялъул галиялъе. Гьеб сабаблъун "рохьилазда" гьоркьоб рагIирекъонгутIи цIикIкIана. Гьеб галиялде букIана хехаб реакция ва хехабго къагIидаялда гьеб хIужжа бахчизабизе гIамал гьабуна гьез.

Гьединал рагIирекъонгутIияз "Имарат Кавказ" талхизабулеб буго. Гьедин букIаниги, гьеб гIуралъ жигарго данде чIун буго "Исламия пачалихъ" гIуцIиялъул асар регионалда цIикIкIине биччангутIилъул мурадалда. Гьеб цо жо.

КIиабилеб багьана хурхараб буго "Исламияб пачалихъалъул" хазинаби къабул гьабулел гIадамал регионалда хутIулел гьечIолъиялда. Щайгурелъул гьезухъ рагъизе хIадурал гIадамаз, исламияб терминология хIалтIизабун абуни, гьабуна хIижра. Ай, гочана гьеб гIуцIиялъул контролалда гъоркь ругел территориязде. Хасго гьеб процес жигарго унеб букIана 2013 ва 2014 соназда.

"Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъ гьединаб ахIи бан букIана. Гьеб ахIиялъ асар гьабуна Шималияб Кавказалъул гIемер гIолилазе. Кавказалда жидеего мутIигIаб гIуцIи гьабизе гьелъ хIалбихьичIо ва гьелъул рахъ кколел гIолохъаби ана рагъизе гьелъ ккун ругел территриториязде. Гьединлъидал Шималияб Кавказалда гьечIо, мисалалъе, Ливиялда ругел гIадал «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул анклавал".

ЭР. - У, гьебни гьедин батила, амма Россиялъул федералияб хасаб хъулухъалъ лъазабулеб буго, "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъ "Имарат "Кавказалъул" яргъид гIуцIарал жинхъего цIалел ругин абун. Кин дуда кколеб, бугищ гьединаб лъазабиялда гъоркь мухIканаб кьучI?

АхIмад Ярлыкапов: "У, хIижра гьабуразда гъорлъ руго "Исламияб пачалихъалъул" идеологиялъул рахъ кколел "Имарат "Кавказалъул" гIахьалчагIиги. Гьединаз хияналъи гьабуна жидерго "Имарат "Кавказалъе" ва ана ГIагараб Машрикъалде, аслияб къагIидаялда Сириялде. Гьединлъидал абизе бегьулеб батила, гьез гьел жидерго рахъалде руссинарун ругин. Амма дица такрар гьабила, «Исламияб пачалихъалъе» гьа базе байбихьарабго, гьединаб гали такрар гьабизе тIокIаб биччачIо "Имарат "Кавказалъ", баккизехъин букIараб тенденция гьел бугеб бакIалдаго тIагIинабуна. Гурони, рес букIана регионалда «Исламияб пачалихъалъул", гьитIинаб букIаниги, бутIа баккизе. Гьединлъидал жакъа, дир пикруялда абизе бегьула, «Имарат Кавказ» кколин Шималияб Кавказалда "Исламияб пачалихъалде" данде чIараб гIуцIиян.

ЭР. - Дуца рехсана "Имарат Кавказ" гIуцIиялда жанир ругел рагIирекъонгутIиял. Кинаб къимат кьезе кIолеб дуда гьезие? Бугищ рес къватIисан гьезул даража бихьизе?

АхIмад Ярлыкапов: "КъватIисан балагьани, гьел абизегIанго рихьулел гьечIо. Амма, дида лъалеб букIахъе, гьениб гIуралъ гъваридаб рагIирекъонгутIи баккана 2013 соналда "Исламияб пачалихъалъ" хIижра гьабиялъул ахIиялда хадуб. Хадуб гьелъ жибго лъазабуна халифатлъун, гьелъги гьел рагIирекъонгутIиял тIадеги хIалуцинаруна. Цо-цо нухалда гьезул жахIдаялъул деталал къватIирехунги рагIуна. "Дагъситан вилаяталъул" гIамир, гьезул иерархиялда рекъон, гIадатияв чи кколаро. Гьес гьа бараб мехалда кIудияб гъалмагъир ккана. Гьел командирзабазул даражаялда пуланаб жо ккараб мехалда гурони, нилъеда щибниги рагIунеб гьечIо".

ЭР. - АхIмад, кин дуда кколеб, "Исламияб пачалихъ гIуцIиялъул пропагандаялъул лъиде бугеб кIудияб асар, гIадатиябин абулеб ислам билъанхъизабулездейищ яги салафияздейищ? Яги хIижра гьабулеб мехалда гьезда гьоркьоб бугеб батIалъи бихьуларебищ?

АхIмад Ярлыкапов: "Баянаб жо ккола, гьединал гIадамазда гьоркьоб социологиял цIех-рехал гьаризе бажарулареблъи. Амма доре унел гIадамазде балагьун, Facebook-алдасахун гIадамазулгун гара-чIвариял гьарун хадуб дида бичIухъе, салафиязул аслияб бутIа чIван къотIун данде буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул идеологиялде. Къабул гьабунгутIи гуребги, гьеб гьез рикIкIунеб буго исламалде данде бугеб идеологиялъун. Гьез гьеб гIуцIиялдеги абулеб буго "Антиисламияб пачалихъин".

ЭР. - Гьенире унел чагIи щал кколел хасиятгун гIел ракIалде босун? Кинаб кьезе бегьулеб гьезие къимат? Щай гьединаб хIукмуялде гьел рачIунел?

АхIмад Ярлыкапов: "Щал гьенире унел ругел? Гьел ккола хIакъикъаталдаги диналда щулалъичIел гIолохъаби. Гьезда гъорлъ гIемер руго ислам босаралги. ГIаммаб къагIидаялда абуни, гьенир батIи-батIиял руго гIадамал.

Щай гьел гьенире унел? "Исламияб пачалихъалъул" лидераз ва пропагандистаз жидеца билъанхъизабулеб бугин хIакъаб, битIараб исламин, жал къеркьолел ругин социалияб ритIухълъиялъухъин, жидеца росарал территорияби кколин хIакъаб исламалъул территорияйин абурал харбазда божун унел руго аслияб къагIидаялда гIолохъаби гьенире. Гьезул божилъи цIикIкIинабулеб фактор ккола, "Исламияб пачалихъалъ" территориязда тIад жидерго контроль чIезабун букIинги, гьел гIатIилъулъизурулел рукIинги.

Территориябиги, жиндирго бюджетги, нартги бугеб "Исламияб пачалихъги" жиндихъ интернеталъул гIатIилъи тун тIокIаб щибниги гьечIебин абизе бегьулеб, жиндир яргъид гIуцIарал дора-гьанир рахъчун, рохьабахъ рахчун ругеб "Имарат "Кавказги" данд бани, узухъда "Исламияб пачалихъ" бергьунарищха жидер гIумруялъул хIалбихьи дагьал ва диналда щулалъичIел гIолилазул берда цебе! Гьеб гIуцIиялъ ккун руго территорияби, гьез лъазабун буго жидерго тахшагьарцин, гьелъул буго гIемер жо.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалде гьел руссиналъе кIвар кIудияб факторлъун кколеб буго гьединго социалияб ритIухълъиялъул гуребги, шаргIияб пачалихъ гIуцIулеб бугин абураб декларацияги».

ЭР. - Щай нилъ къолел ругел информациялъулаб рагъалда? Щай нилъер улкаялда, нилъер рухIиял жамгIиятазда бажарулеб гьечIеб эффективияб къагIидаялда данде чIезе "Исламияб пачалихъалъул" ва гьелдаго релъарал цогидал гIуцIабазул пропагандаялде?

АхIмад Ярлыкапов: "БитIараб букIина гьеб рагъда нилъ киналго къолел ругин абуни. Гьелдаса къолеб буго Россия гуребги, Цолъарал Штаталги, Европаги, тIолабго дунял. Добго Европа босе, Европаялъул улкабазул гьанжелъезегIан шок буго, гьенисан ГIагараб Машрикъалде унел гIадамазул къадар бихьун. Гьебги щиб, гьенире унезул къадар киссаниги дагьлъулебцин гьечIо, Европаялъул улкабаздасаги, гьездаго гъорлъ Россиялдасаги. Гьеле цебесеб анкьалдаги Россиялдаса анкьго чи ккуна Туркиялъулгун Сириялъул гIорхъода «Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул кьеразде рагъизе унезул.

Щай нилъ къолел ругел? Щайгурелъул кин гьезде дандечIезе кколин абураб суалалъе жаваб гьанжеги батун гьечIин абизе бегьула. Щайгурелъул «Исламияб пачалихъ" ва гьелда релъарал цогидал гIуцIиязул къагIидаби данде кколел гьечIо гьанжелъезегIан рукIарал цогIаги стандарталде. Гьеб кколарелъул гIадатияб пачалихъ! Гьединаб структураялдаса кьезе рес буго къуватаб пачалихъцин. Щайгурелъул тIоцересез хIалтIизарулел ругелъул гIадатиял гурел къагиIдаби. Гьеб ккола ассиметриябин абулеб рагъ.

Босе 2006 сон. Израиль Ливаналда. Ассиметрияб рагъал рагъулал авлахъазда гуребги, идеологияб фронталдаги рукIуна. Гьеле гьеб идеологияб фронталда Магърибалъул системаялда гьанжеги хиса-басиял гьарун гьечIо. Батун гьечIо "Исламияб пачалихъалъул" идеологиялъул гьужумалде данде жаваб. Ахириселъ азарго проценталъ пайда босулеб бугин абизе бегьула жибго Магърибалъул технологиял, Магърибалъул цивилизациялъул ресаздаса. Гьелъ эффективияб къагIидаялда хIалтизабулеб буго добго Twitter, Facebook ва цогидал интернет-сурсатал. Гьелъ тIиритIизарулел нашидал, мисалалъе, абизе бегьула пропагандаялъул махшелалъул тIадегIанаб даража бугин. Гьелго клипал. Гьез махшелгун хIалтIизарулел руго бищунго гьитIинал ресалцин.

Бищунго аслияб жо, гьединал гIуцIиязул материалазухъ гIолохаби балагьулел руго жидеего бокьун. Гьел гIолохъабазе бокьун гьечIо балагьизе официалиял каналазухъ. Гьез къабул гьабулеб гьечIо официалияб пропаганда. Аслияб масъала ккола гIолохъаби ахирисезул пропагандаялдаса цогидаб рахъалдехун руссинари. Амма гьеб цIакъ кIудияб ва захIматаб масъала ккола. Гьеб рахъалда бищунго кIвар кIудияб жо ккола пачалихъалъул ракIбацIадаб политикаги, халкъалъул гIумруялда ритIухълъиялъул атмосфераги».

XS
SM
MD
LG