Стамбулалда жийго жинцаго кьвагьизаюн, теракт гьабурай Рамазанова Диана лъан йиго лъугьа-бахъин ккараб бакIалдаса квагьизаюрай гIаданалъул сураталда гьелъул эбел Райзанат Рамазановалда. Гьедин баян гьабулеб буго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъ. Рамазанова Райзанатихъа генетикияб халгьаби гьабизе би босанин ва генетикияб экспертиза Интерполалъул рахъалъ тIубазе бугин баян гьабулеб буго низамцIунулез. Дандкквей гьабизе кьвагьарай гIаданалъул биоматериал туркиялъул хасал хъулухъаз Россиялде битIун бачIине кколин тIаде жубалеб буго гьез.
Низам цIунулезул баяназда Дианал улбул ратIалъун рукIун руго ва эбел цIидасан росасе ун Москваялда гIумру гьабун йикIун йиго.
Дианал бесдал эмен МухIамад Рамазановас LifeNews сурсаталъе баян гьабулеб буго Дианал бокьараб гьабун гурого чIолареб гIамал букIанин, кинабгIаги тарбия гьелъие кьезейин лъугьаниги, гьелъ, мун жиндир эмен гурин абун гIинде гьабулароанин абураб жо. Рамазановас лъазабухъе, Диана Москваялдаса Дербенталде ун, гьений росасе ун йиго ва диналде юссун йиго. Амма заманго балелде росасдаса ятIалъун эбелалъухъе тIад юссун ячIун йиго.
Заманалдаса Диана тIагIун йиго. Гьеб параялъ Райзанатихъе хъван бачIанила ясалъ жий Стамбулалда йигин ва лъимер гьабизе йигин. Лъимер гьабурабго жиндихъе ячIайиланги гьаранилан гьелъ. Гьес гьебго сурсаталъе кьурал цогидал баяназда рекъон, Диана арав чи вукIун вуго Туркиялъ чIарав чачанав Сердер абун цIар бугев
«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, Сардар абун гьелъ хъварав чи кколев вуго чачанав Абу Эдельвиев, Дианагун Туркиялъ лъабго моцIгIан мехги бан гьел ун руго Шамалде. Шамалда 2Исламияб пачалихъалъул» кьеразда вагъулаго, 20 декабрялда Эдельбиев чIван вуго. 26 декабрялда къороллъарай Диана Туркиялъе тIад юссун ячIун йиго.
7 соналъ цее Диана эбелгун ва бесдал эменгун Москваялде яхъун йиго. Гьений Долгопрудный абураб бакIалда бугеб школалда цо лъагIелалъ цIалун йиго, амма рокъоб гьелъул эменгун данде кколеб букIинчIолъиялъ гьей ункъгIалзабахъе Дербент шагьаралде тIад юссун йитIун ячIанин йиго. Дербенталда бугеб 19 школала лъугIанин Рамазановалъ 11 классин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дербент шагьаралъул 19 школалъул хIалтIухъан Мехтиева Неллица.
Мехтиева Нелли: «Щибго квешаб жо гьелъул хIакъалъулъ школалда цIалуб заманаял букIанин абизе кIоларо. ГIодое йиччарай яс йикIана гьей. Школалда гьелъ хIижабги киданиги чIвалароан. РетIа-къазе бокьулей, жиндитIего кIвар гьабизе бокьулей яс йикIана, гьеб букIун батизе буго рокъосан ахIвал-хIал лъикIаб букIинчIолъиялъул гIаламат. Хадуб хисун ятаниги, диналде юссаниги, кин гьеб лъалеб, кIаз чIван, хIижаб ретIун ругелщиназул хал гьабун бажаруларелъул, гьезул ракIалда щиб бугебали».
Дербенталда гIумру гьабун йигей цояй ункъгIалалда яскIой йикIанин гьей гIумру гьабун, миллатги табасаранай йикIанин баян гьабуна Мехтиевалъ.
Россиялъул Федералияб цIуна-къаялъул хъулухъалъ лъазабулеб буго Дианал Туркиялъ ругел цогидал дагъистаниязулгун рухьенал рукIун ратизе рес бугин ва гьеб рахъалъ гIемер хIалтIаби тIоритIизе ругилан. Амма Туркиялъ ругел Дагъистанияз гьеб теракт гьабиялъул рахъ кколарин, гьелда дандеги ругин жалин баян гьабулеб буго.
Теракталдаса хадуб Дагъистанияздехун Туркиялъул тIалъиялъул бербалагьи хисичIин, амма гьеб провокация букIанин рикIкIунеб буго Туркиялъ гIумру гьабулев вугев МухIамадов Шамилица
МухIамадов Шамиль: « КIочене бегьуларо, гьанир цо-цо къуватал рукIин батIиял ракьаздаса рачIарал рокьуларел. Гьезул аслияв сиясатчи ккола ФитхIулла Гюлен абурав чи. Гьев вуго бетIерлъун Эрдогъанида данде вугеб оппозициялъул. Гьез гIемер гъалмагъир гьабуна гьаниб. Гьев чиясул рахъ ккурал казиятаз дагъистаниял цIакъ квешал гIадамаллъун рихьизарулел руго. Гьезул аслияб казият ккола гьеб «ХIурият» абураб казиятги. Амма гьеб информация нахъчIвана расмиял газетаяз».
Туркиялъе гьижра гьабурал Дагъистаниязул мухIканаб къадар абизе кIоларила, амма 350 гIанасеб хъизан бугин ахираб кIиго соналъ Туркиялъе рачIун, гьениб чIейи гьабун ругел. Гьезда гъорлъ бищун гIемер ругила Унсоколо мухъалдаса гIадамал.
Дагъистаниял Туркиялъе гочунел тIоцебесеб нух гурин, гьедин, Кавказалъул рагъул заманаялъ, инкъилаб бахъараб мехалъ, гьединго гочунел рукIанин гьенире гIадамалин баян гьабулеб буго Туркиялъ чIун вугев Дагъистанияв, «Платфрима диалога Российской федерации и Турции» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев АхIмад АхIмадовас. Гьесул пикруялда, гьеб терракт гьабурай гIаданалъул миллаталде кIвар буссинаби кколеб бугеб Дагъистанияздехун бербалагьи хисизе къваригIарал чагIи ругин абулеб жо. Гьединго, гьеб теракталдаса хадуб, Россиялъул ва Туркиялъул хасал хъулухъазда гъорлъ рухьенал щулалъизе рес бугила, кIиябго рахъалда терроралда данде къеркьезе кумек букIине.