Ссылки для упрощенного доступа

Эрдогьанил партия бергьана бакIалъулал рищиязда


Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьиб Эрдогьан. Анкара, 2014 соналъул 30-билеб март.
Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьиб Эрдогьан. Анкара, 2014 соналъул 30-билеб март.

Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьиб Эрдогьоаница гьатIан къоялъ лъазабуна, жиндир партиялъул вакилзабаз бакIалъулал рищиязда бергьанин ва рищарухъабазул тIаса бищиялъул хIурмат гьабизе кколин абун.

Ражаб ТIайгьиб Эрдогьан: «Митингазда рагIулел рукIарал цо цо данде кколарел каламазухъ гIинтIамичIого, жакъа гIадамаз битIараб бицине буго, ва гьеб буго аслияб хIужа. Митингазул гIахьалчагIазул гуреб - халкъалъул гьаракьалъ гьабила ахирисеб хIукму. Нижеца халкъалъул тIаса бищиялъул хIурмат гьабизе буго».

Туркиялда бакIалъулал рищиязда хIисабалде восун вукIана 52 миллион рищарухъан. Рищиязда кандидатал хIисабалда гIахьаллъана анлъго партиялъул вакилзаби. ДагIба-къец захIматаб букIун буго.

Къацандулел партиязул рахъ ккуразда гьоркьоб рагъарарал тунка-гIуссиязул хIасилалда минимум микьго чи чIван вуго бакI-бакIалда. Анлъго чи чIван вуго Юваджик росулъ. КIигояв чIван вуго Хатай вилаяталда. Гьединго ичIго чи лъукъун вуго доб вилаяталда.

Оппозициялъул рахъалъан бищун кIудияблъун ккола Халкъиябгун Республиканияб партия. Гьелъул бетIер Кемал Кылычдарогълуца гьадинаб каламгун цеве вахъана гьатIан къоялъ:

Кемал Кылычдарогълу: «Дица кидаго абулаан гIадамазде – нужерго яхI-намусалъухъ гIинтIамун гьаркьал кьеян. Ва дир хьул буго гьез гьедин гьабизе букIиналда.

Дун тIалихIав вуго дица дирго гьаракь Туркиялъул демократиялъе гIоло кьун букIиналъ. Демократия нахъеги цебетIезабизе ккола. Дун божула гIадамазул тIаса-бищиялда. Хьул буго хIасил лъикIаблъун ва битIараблъун букIиналда».

Рищиязда цебе Туркиялда кIудияб дагIба багъарун букIана гьанжесев премьер-министр Эрдогьанил партиялъул цо-цо асар кIудиял вакилзабазул ва пачалихъиял хъулухъчагIазул ришватчилъиялда ва коррупциялда хурхен букIиналда бан.

Кисса-кирго загьирарун рукIана гьелъие нугIлъи гьабулел видео ва аудио хъвай-хъвагIаял. Ццим бахъараб хIукуматалъ цо-цо социалиял сайтазде нухал къана улкаялда. Хасго Twitter ва Youtube сайтазде. Гьелдалъун политикияб атмосфера ва ахIвал-хIал хIалуцана.

Туркиялъул президент ГIабдуллагь Гюлица рагIараб къагIидаялда какана Эрдогьаница гьабураб хIукму ва жаваб хIисабалда жиндирго Твиттералда тана хъвай-хъвагIай.

ГIабдуллагь Гюль: «Рищиязул кампаниц цIакъ захIматаб букIана. Амма дие бокьилаан халкъалъе раккIалде щвезабизе: нилъер пачалихъ – гучаб пачалихъ бугин абун. Пачалихъиял киналго идарабиги гучал руго.

Ва нилъеда цере ругелщинал масъалаби нилъеца тIуразаризе руго къануналда рекъон».

ГIемерал рищарухъаби рихха-хочараб хIалалда рукIана рищиял унаго. Анкараялдаса рищарухъан Унал Сабунджица бицунеб буго:

Унал Сабунджи: «Дие 74 сон бана. Гьадинал рищиял дида жеги киданиги рихьичIо. Гьадинаб хIалуцараб ахIвал-хIалалда тIоритIулел. Ва хьул буго – тIокIаб гьадин букIине гьечIолъиялда. Гьанжеялдаса нижеца рищиял тIоритIила ракълида ва паракъалъиялда».

Аслияб къагIидаялда къец цунеб букIана Истанбулалъул ва Анкараялъул мэразул хъулухъазда бан. Цереккунго гьарурал хIасилазда рекъон гьенир бергьана хIакимлъуда бугеб партиялъул вакилзаби.

Цебеккунисеб хIасилалда рекъон гIаммаб къагIидаялда Ражаб ТIайгьиб Эрдогьанил РитIухлъиялъул ва цебетIеялъул партия бергьана 22 муниципалиял бакIазда ва 50 шагьаралда.

Гьелъие щвана рищарухъабазул 45,5%. КIиабилеб бакIалда буго Халкъиябгун Республиканияб партия – гьелъул вакилзабазе щвана гIага-шагарго 28 процент.
XS
SM
MD
LG