Жидеда «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъа Россиялда рикIкIуна террористазул багъа-башарилъун
Халкъаздагьоркьосел жамгIиял чанги гIуцIиязул гIарзаби руго «Исламияб пачалихъалда» тIаса. «Исламияб пачалихъалъ» жидерго ишал цIакъ вахIщияб хIалалъ гьарулел ругилан хъвалеб букIана Сириялда бугеб ахIвал-хIалалда тIаса гьабураб докладалда «Human rights watch» гIуцIиялъ. 2014 соналъул байбихьуда «Аль-Къагlидаялъ» лъазаби гьабун букlана «Исламияб пачалихъгун» жидеца бухьенал хвезарунин ва гьез гьабурабщиналъул жаваб жидеца кьезе гьечIин. Экспертаз рикIкIуна «Исламияб пачалихъалъе» бокьун бугин Сириялда жидерго низам чIезабизе ва оппозициялъул цогидал къукъабигун гьезул хабар данде кколарин.
Сириялда конфликт ккарабго Россиялъул нухмалъиялъ лъазаби гьабуна жидеца рахъ кколеб бугин Сириялъул официалияб хIукуматалъул ва оппозициялъул рагъулал къукъабигун киналгIаги бухьенал кlваричIин. Добго «HRW» гIуцIиялъул докладалда рекъон, Россиялдаса Сириялъул армиялъе щолеб буго кумек. Дуниялалда ругел масъалабазул халгьабулеб Стокгольмалъул халкъазда гьоркьосеб университеталъул лъазабиязда рекъон, 2008-леб соналдаса байбихьун 2012-де щвезегIан рагъулаб бакIаб техникалъул 71% Сириялде щолеб букIун буго Россиялдаса.
Гьал къоязда гьабураб лъазабиялда «Исламияб пачалихъалъ» абулеб буго жидеца Чечанлъиги тIолабго Шималияб Кавказги эркен гьабилин Россиялдасайилан. Гьедин хъвалеб буго Al-Arabiya каналалъул сайталда. Видео бахъун буго рагъулаб техника жаниб бугеб ангаралда ва гIараб мацIалъ гьабураб хитIаб гIурус мацIалде буссинарал титрал кьолел руго гъоркь.
«Гьаб хитIаб буго дуе, Владимир Путин! Гьал нижеда нахъе ругел аэропланал руго дуца Башар Асадие ритIарал. Аллагьасул кумекалдалъун нижеца гьал гьанже дуде данде хIалтIизарила, кIочонге гьеб», - илан абулеб буго роликалда «Исламияб пачалихъалъул» вакилаз. Ахиралда гьез тIаде жубалеб буго жидеца Шималияб Кавказалда халифат гIуцIилин.
Чечанлъиялъул лидер Рамзан Къадировас жиндирго инстаграмалда хъвана Россиялъе хIинкъаби кьолел чIвазе ругин. Гьес хъвавухъе, «Исламияб пачалихъ» ккола террористазул гьадингосеб гIуцIилъун ва гьезул лъазабияздаса щивго хIинкъизе кколаро.
Гьеб буго Америкаялъ ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ террористияблъун лъазабураб гIуцIи.
Исламиял цIех-рехалъул Шималияб Кавказалъул Централъул директор Руслан Гереевасул пикруялда рекъон, жанубияб Россиялда рагъулал провокациял гьаризе Сириялдаса оппозициялъул къуват буго.
Руслан Гереев: «Исламияб пачалихъалъул» лъазабиял гьадингосел жаллъун рикIкIине бегьуларо. Жакъа къоялда гьеб ккола цIакъ кIудияб гIуцIилъун ва гьеб гIуцIиялъул ресурсалги руго, гIарацги буго. ГIиракъалдаги Сириялдаги гьеб гуцIиялъ ккуна нарт бахъулел регионал. «Аль-Къгlидагун» бухьенал хвезаруниги гьебгун къацандизе кIолеб гIуцилъун рикIкIунаан «Исламияб пачалихъ». Шималияб Кавказалда рагъулал провокациял гьезда гьаризе кIвезе гьечIилан абураб жоялдаги божи дагьаб буго. Сириялда гIемерал кавказалъулал рагъулел руго оппозициялъул рахъалда. Гьелги гьанир ругел изну гьечIого яргъидгуцIаралги кумекалъе ахIун «Исламияб пачалихъалъ» гьаризе бегьула терроралъулал такъсирал. Россиялъул хасал хъулухъазул хIалтIуда бараб буго гьанже гIемерисеб. Ресурсал «Исламияб пачалихъалъул» руго ва гьезул ахIвал-хIал цIакъ лъикIаб буго финансазул рахъалъ. Гьезда кIола бокьараб къукъаялъе спонсорлъи гьабизе».
Чанги информалатаз лъазабун букIана Сириялъул оппозициялъул рахъккун рагъулел ругин гIемерал кавказалъулал. Азарго кавказалъулав гъорлъе унев батальон гIуцIун бугин, хъван букIана NewsRu.com информалаталъ.