Социалиял сайтазул аза-азар гIахьалчиясда жидеего бокьичIого бихьана Америкалъул журналист Джеймс Фоули вахIшияб къагIидаялда чIвараб куц. Гьединаб видео загьираруна ГIиракъалда ва Сириялда рагъдолел «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къеркьохъаназ.
Экстремистаз тIибитIизабураб жидерго гьадинаб пропагандаялъул мурадлъун букIун буго – Магърибалъул тIадтарал ва гIадатиял гIадамал хIинкъизари ва цого мехалъ жидерго рахъалдехун тIолго дунялалдаса радикалал цIай.
Видео загьирабун букIана исана 19 августалда. Хадуб Twitter ва YouTube сатйазул администратораз хIаракат бахъана гьелде данде чIезе.
ТIоцебесеб иргаялда нахъе бахъун буго рехсараб видео. Хадур тIагIинарун рукIана террористазул гIуцIабазда хурхен бугезул ва гьеул рахъ ккуразул аккаунтал.
«The Dark Net» абулеб тIехьалъул автор Джейми Бартлеттица абулеб буго, гьединал гIадамаз цогидал нухал рала-гъалагьулел ругин интернеталда ва гьеб гьедегIан захIматаб ищ гьечIин.
Гьел сайтал гьедегIан гIатIидго тIиритIизарурал гурин ва гьеб сабаблъун интернеталъухъ хал-щал гьабулезе захIматго бугин данде кколарел баяналги ахIиял ратун, гьел нахъе рахъизе.
Джейми Бартлетт: «Facebook-алда ва Twitter-алда цоцазулгун кIалъазе гъозие квалквал гьабулеб бугони, гьел рехсарал сайтаздалъун бигьаго буго пикруцоял ратизе. Нилъеда лъала цензураялде гъоркье ккарал террористикиял гIуцIабазул гIахьалчагIазда щиб гьабизе кIолебали жаваб хIисабалда».
Vocativ абулеб информационияб сайталъул баяналда рекъон радикалаз гIуцIарал сайтазул администраторазул хасал планал руго. Гьезда гъорлъ – магърибалъул сайтазде кибергьужумал гьари ва автоматикияб къагIидаялъ жидерго баянал цо сайтаздаса цогидаб сайталде рехи.
Гьединал цIигIуцIарал сайтазул цояблъун ккола Диаспора абулеб. Twitter-алде ва YouTube-алде жидее нухал къан хадуб хасго гьеб цIияб сайталдехун реккерана радикалиял бусурбаби. Гьеб коммерциялъулаб сайт гурин, гьединлъидал дораса захIматго бугин материалал нахъе рахъизе.
Россиялда ва цебесеб Совет Союзалъул республикабазда Facebook-сайталдаса Вконтакте абулеб сайт чанги нухалъ гIатIидаб буго. Гьале америкалъул журналист чIван хадуб хасго гьеб сайталда къватIире рахъана цо-цо баянал.
Гьединал баянал загьирарурал жиндирго аватар – ай аслияб сурат – хIисабалда тIамуна Исламияб пачалихъалъул логотип, ишара. Гьездаса цояв – Сейфуллагь Адиев абурав чи. Гьев гьединго цогидал интернет форумаздаги жигарав вуго.
Дора загьираран руго Сириялда ва ГIиракъалда «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназул контролалда гъоркь ругел мухъазда рахъарал суратал.
Гьединал баянал загьирарураз «Исламияб пачалихъалъул» кьеразде гIолохъанал ахIула. Цо-цо лъазабиязда рекъон къватIисел улкабаздаса Сириялде аза-азар чи вачIун вуго. Радикалиял суннитазул рехсараб сайталда загьирарурал баянал жибго сайталъул низамалде данде кколел гьечIо.
Ва батизе бегьула гьаб гIагараб заманалда жанир гьел гьенисаги нахъе рахъизе руго. Амма гьебги кIудияб пайда кьолеб иш гурин, щай гурелъул, хIасил гьабулеб буго Бартлеттица, радикалазда цогидал нухал ратила бигьаго.