Руччабазул ихтиярал Дагъистаналда кин ц1унун ругелали хал гьабун хасаб доклад къватIибе биччан буго республикаялъул исана инсанасул ихтиярал ц1униялда сверун пачалихъияб идараялъ. Ч1ужуг1адан ва х1алт1ул шарт1ал, ч1ужуг1адан ва политика, ч1ужуг1адан ва хъизан – гьединал бут1аби рихьизарулел руго гьеб докладалда.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъул нухмалъулей Уммупазиль ГIумаровалъ жиб-жиб соналда къватIибе бичалеб докладалда исана гIемер рехсон руго руччабазул ихтиярал.
Жакъа къоялда республикаялда руччабазул ихтиярал цIуниялъул бицичIого бегьуларин рикIкIунеб буго идараялъ ва докладалъул байбихьуда хъвалеб буго чIужугIаданалъ гIахьаллъи гьабичIеб жамгIияталъул цониги бутIа гьечIин Дагъистаналда.
Докладалда хъван буго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда хIалтIулел руччабазул къадар цIикIкIунеб бугин ва гьебгун цадахъ хIалтIул ихтиярал хвезариги цIикIкIунел ругин. Мисалалъе, бизнесалъул хважаинас гIадамал хIалтIуде росулел руго къануналда рекъечIого. Гьелдалъун руччабазе щолел гьечIо социалиял харжал, декрет бихьизабулеб гьечIо гьезие. Тукен-базаразда гIемер руго гьединал гIунгутIабиилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялда. Идараялъул нухмалъулей ГIумаровалъул пикруялда рекъон, гьел суалал тIуразе бегьула, мисалалъе, профессионалиял цолъаби гIуцIани.
Гьанибго тIаде жубала, хIалтIул пачалихъияб инспекциялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда бизнесалъулал фирмабазда руччабазул ихтиярал хвезари тIибитIараб ишлъун ккола. Фирмабазул нухмалъулез чIезарулел гьечIо рукIине кколел шартIал, цо-чанги фирмабазда сахлъиялъе хIинкъи бугел шартIал ратана. Гьединго, хIалтIул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго руччабазул хIалтIигьечIолъи ялъул къадар дагьлъанин. Амма гьел баянал руго официалияб статистикаялда рарал ва хIалтIигьечIолъи ялъул сияхIалда жал лъеилан гIемер руччаби рачIунаро.
Руччабазда тIад зулму гьабиялъул масъалаялъеги кIвар кьун буго докладалда инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ. Ясал хъамиялъул суалалъул бицунаго докладалда хъван буго такъсир гьабиялъул ишал гьел хIужжабазда сверун полициялъулаз къанагIат гурони рагьуларин. Цояб рахъалдасан, ясал хъамулел руго гьез разилъиги кьун, амма гьездаги гьикъичIого хъамиялъул хIужжабиги ругилан рикIкIунеб буго идараялъ. Гьел хIужжабазе низам цIунулез кIвар кьолеб гьечIо, нугIазухъа сурав босулеб гьечIо, букIине кколеб хIалалъ цIех-рех бачунеб гьечIо, медэкспертиза гьабулеб гьечIо.
Росас гIакъуба кьеялъул масъалаги борхун буго докладалда инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ. Докладалда хъвавухъе, гIемерисел руччабаз хIехьолеб буго росас гьабулеб зулму. Гьелъие гIиллабиги руго: гьитIинал лъимал, гIадамазул харбазукьа хIинкъи, полициялда божунгутIи, ине бакI гьечIолъи ва гь.ц. Рокъоб зулму щолеб буго ва гьеб хIехьолеб буго гIемерисала росабалъ ругел руччабаз. Пачалихъалъул къануназда гуреб, шаригIаталда рекъон гьарурал хъизанал риххунел мехалда ручабазул ихтиярал цIунизе захIмалъулеб буго. Гьелдалъун инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялърикIкIунеб буго дибирзаби, шаргIалда рекъон ригьин гьабилелда цебе, ЗАГСалдаса документал рихьизареня чIезе кколин.
Идараялъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда къваригIун руго руччабазе кумек гьабулел централ, гIуцIизе ккола телефоналъул хассаб линия. Къануназул рахъалъан буго, психологиялъул рахъалъан букIа – ручабазе чIобого кумек гьабулеб идараби гIуцIизе ккола республикаялъул пачалихъалъилан рикIкIунеб буго идараялда. Идараялъул нухмалъулей ГIумаровалъул пикруялда рекъон, руччабазе зулму гьабиялъул суал тIубаялъе хIалтIизариз ккола батIи-батIиял механизмал. Мисалалъе, низам цIунулезул хIалтIуда хадуб халкквезе ккола, диниял церехъабаз профилактикияб хIалтIи гьабизе ккола, гьел суалазда хъинтIарал макъалаби рахъизе ккола прессаялда ва гь.ц.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул хIалтIухъан ва адвокат Елена Денисенкол пикруялда рекъон, руччабазул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби гIемер руго Дагъистаналда амма жалго руччаби хIинкъулаан жидерго ихтиярал цIунизе рахъине.
Елена Денисенко: «Балагьараб мехалда, ихтиярал хвезариялъул гьез бицизени бицула, амма пуланаб идараялде яги полициялде гIарза хъвазе хIинкъула. ГIемерисала хIинкъула жиндирго росасдаса. Росас гIакъуба кьурал руччабазе кумек гьарулел централ гIуцIизе ккола, гьенир юристалги психологалги хIалтIизе ккола. Руччабазулъ божилъи гьечIо гьабсагIат пачалихъалъ жидер ихтиярал цIунилин. Гьелдалъун гьез кибниги гIарзаги хъваларо ва жидее гьабураб зулмуялъул бицун гурони тIокIаб иш гьабуларо».
Инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ докладалда бачунеб буго хIукуматалда хIалтIулел руччабазда хъинтIараб статистикаги. Гьелда рекъон, пачалихъиял идарабазул нухмалъиялда хIалтIулел руччабазул къадар 6%-даса цикIкIараб гьечIо. Гьединго парламенталдаги цо-кIиго гурони чIужугIадан гьечIо. Гьелдалъун абизе бегьула къанунал риччаялъулъ руччабаз гьабулеб щибго жо гьечIин. ДиванчагIазул корпусалдаги гIемер руччаби гьечIо. Мисалалъе, 199 федералияв диванчиязда гъорлъ 29 чIужугIадан йиго. Гьанибго тIаде жубала, Кабардино-Балкар иялда 171 диванчиязда гьорлъ 62 чIужугIадан йиго, Ингушетиялда 63 диванчиязда гъорлъ 24 чIужугIадан йиго.
Къануналда рехсон буго руччабазулги бихьиназулги ихтиярал цогоял ругин, амма цо жо – къагътида рехсараб къанун, цогидаб – гьеб къанун тIубай.
Жакъа къоялда республикаялда руччабазул ихтиярал цIуниялъул бицичIого бегьуларин рикIкIунеб буго идараялъ ва докладалъул байбихьуда хъвалеб буго чIужугIаданалъ гIахьаллъи гьабичIеб жамгIияталъул цониги бутIа гьечIин Дагъистаналда.
Докладалда хъван буго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалда хIалтIулел руччабазул къадар цIикIкIунеб бугин ва гьебгун цадахъ хIалтIул ихтиярал хвезариги цIикIкIунел ругин. Мисалалъе, бизнесалъул хважаинас гIадамал хIалтIуде росулел руго къануналда рекъечIого. Гьелдалъун руччабазе щолел гьечIо социалиял харжал, декрет бихьизабулеб гьечIо гьезие. Тукен-базаразда гIемер руго гьединал гIунгутIабиилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялда. Идараялъул нухмалъулей ГIумаровалъул пикруялда рекъон, гьел суалал тIуразе бегьула, мисалалъе, профессионалиял цолъаби гIуцIани.
Гьанибго тIаде жубала, хIалтIул пачалихъияб инспекциялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда бизнесалъулал фирмабазда руччабазул ихтиярал хвезари тIибитIараб ишлъун ккола. Фирмабазул нухмалъулез чIезарулел гьечIо рукIине кколел шартIал, цо-чанги фирмабазда сахлъиялъе хIинкъи бугел шартIал ратана. Гьединго, хIалтIул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго руччабазул хIалтIигьечIолъи
Руччабазда тIад зулму гьабиялъул масъалаялъеги кIвар кьун буго докладалда инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ. Ясал хъамиялъул суалалъул бицунаго докладалда хъван буго такъсир гьабиялъул ишал гьел хIужжабазда сверун полициялъулаз къанагIат гурони рагьуларин. Цояб рахъалдасан, ясал хъамулел руго гьез разилъиги кьун, амма гьездаги гьикъичIого хъамиялъул хIужжабиги ругилан рикIкIунеб буго идараялъ. Гьел хIужжабазе низам цIунулез кIвар кьолеб гьечIо, нугIазухъа сурав босулеб гьечIо, букIине кколеб хIалалъ цIех-рех бачунеб гьечIо, медэкспертиза гьабулеб гьечIо.
Росас гIакъуба кьеялъул масъалаги борхун буго докладалда инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ. Докладалда хъвавухъе, гIемерисел руччабаз хIехьолеб буго росас гьабулеб зулму. Гьелъие гIиллабиги руго: гьитIинал лъимал, гIадамазул харбазукьа хIинкъи, полициялда божунгутIи, ине бакI гьечIолъи ва гь.ц. Рокъоб зулму щолеб буго ва гьеб хIехьолеб буго гIемерисала росабалъ ругел руччабаз. Пачалихъалъул къануназда гуреб, шаригIаталда рекъон гьарурал хъизанал риххунел мехалда ручабазул ихтиярал цIунизе захIмалъулеб буго. Гьелдалъун инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялърикIкIунеб буго дибирзаби, шаргIалда рекъон ригьин гьабилелда цебе, ЗАГСалдаса документал рихьизареня чIезе кколин.
Идараялъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда къваригIун руго руччабазе кумек гьабулел централ, гIуцIизе ккола телефоналъул хассаб линия. Къануназул рахъалъан буго, психологиялъул рахъалъан букIа – ручабазе чIобого кумек гьабулеб идараби гIуцIизе ккола республикаялъул пачалихъалъилан рикIкIунеб буго идараялда. Идараялъул нухмалъулей ГIумаровалъул пикруялда рекъон, руччабазе зулму гьабиялъул суал тIубаялъе хIалтIизариз ккола батIи-батIиял механизмал. Мисалалъе, низам цIунулезул хIалтIуда хадуб халкквезе ккола, диниял церехъабаз профилактикияб хIалтIи гьабизе ккола, гьел суалазда хъинтIарал макъалаби рахъизе ккола прессаялда ва гь.ц.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул хIалтIухъан ва адвокат Елена Денисенкол пикруялда рекъон, руччабазул ихтиярал хвезариялъул хIужжаби гIемер руго Дагъистаналда амма жалго руччаби хIинкъулаан жидерго ихтиярал цIунизе рахъине.
Елена Денисенко: «Балагьараб мехалда, ихтиярал хвезариялъул гьез бицизени бицула, амма пуланаб идараялде яги полициялде гIарза хъвазе хIинкъула. ГIемерисала хIинкъула жиндирго росасдаса. Росас гIакъуба кьурал руччабазе кумек гьарулел централ гIуцIизе ккола, гьенир юристалги психологалги хIалтIизе ккола. Руччабазулъ божилъи гьечIо гьабсагIат пачалихъалъ жидер ихтиярал цIунилин. Гьелдалъун гьез кибниги гIарзаги хъваларо ва жидее гьабураб зулмуялъул бицун гурони тIокIаб иш гьабуларо».
Инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ докладалда бачунеб буго хIукуматалда хIалтIулел руччабазда хъинтIараб статистикаги. Гьелда рекъон, пачалихъиял идарабазул нухмалъиялда хIалтIулел руччабазул къадар 6%-даса цикIкIараб гьечIо. Гьединго парламенталдаги цо-кIиго гурони чIужугIадан гьечIо. Гьелдалъун абизе бегьула къанунал риччаялъулъ руччабаз гьабулеб щибго жо гьечIин. ДиванчагIазул корпусалдаги гIемер руччаби гьечIо. Мисалалъе, 199 федералияв диванчиязда гъорлъ 29 чIужугIадан йиго. Гьанибго тIаде жубала, Кабардино-Балкар