Бихьиназул къоялъул халкъалда гьоркьоб лъалеб Улка цlунулезул къо 23билеб февралалде дандеккун руччабазул байрам-8 Март- гIемерго машгьураб бугин абизе бегьула жакъа Россиялда. Цересел къояздаго байбихьана социалиял сетазда бихьиназ руччабазда баркизе. ТIугьдул, сайигъатал, баркиял, гIодорчIеял, микьабилеб март руччабазул къо букIин бихьизабулеб хIужаби гIемер руго. Амма советияб заманалдаго гIадаб ссиялда бугебищха гьеб байрам жакъаги Дагъистаналда? Щайгурелъул ахирал щуго-анлъго соналда жанир кьучIдасанго хисанин абизе бегьила дагъистаниязул пачалихъиял байрамаздехун бугеб бербалагьи. ЦIияб Соналда сверухъ бугеб ахIи-хIуралде киналго ругьунлъанин абизе бегьила. Капурзабазул барамиланги абуна гьелде мугъ рехун чIолезул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго Дагъистаналда.
Улка цIунулесул къо - 23 февраль баркула киналго бихьиназда. Советияб заманалда гьелъул къадру кIудияб букIана, БагIараб Армия, социалистияб советияб пачалихъ ва гьеб гуребги гьелъие квербакъулел чанги тарихиял хIужаби рукIана.
Амма 23 февраль байрамкъо гуреб, чIегIербаялъул къолъун буго гIемерисел дагъистаниязе. Сталинил депортациялъул къурбанал, ятабалъ гIагараб росуги тун гочинарун руго гьеб къоялъ, гьединалъидал гьеб байрамалдехун бугеб хинаб берабалагьиги дагьлъана ахирал соназ.
Кинаблъунха бугеб жакъа дагъистаниязе руччабазул къо - Микьабилеб март? Хисун бугищ гьелъул къимат сонал анагIан ва жалго руччабазул гьелдехун бугеб бербалагьи?
Гьединал суалал кьуна нижеца батIи-батIиял хъулухъ-пишаялда ругел магIарул руччабазе.
Аваразул шагIир МухIамадова Сабигатица гьадинаб пикру загьир гьабуна нижер программаялъе гьеб къоялда тIасан.
МухIамадова Сабигат «Микьабилеб март гьединаб байрам букIин лъикIги буго цо рахъалъ, щайгурелъул чIужугIадан кIодо гьаюн сайигъатал кьун гьелда хинал рагIаби абизе рес кьолеб къоги буго, амма нилъер диналъул тIалабалда рекъон балагьани дандекколеб жоги гуро, щайгурелъул дурго эбелалда, яцалда, ясалда, хъизамалда лъикIал рагIаби абизе, гьей кIодо гьайизе цохIо къо щай тIаса бищизе кколеб, гьелъул хIурмат кидаго гьабизе ккола, тIубараб гIумруялъго. ЦохIо къоялъ дир хIурмат гьабулев чияс гьеб кидагоги гьабула, гьединлъидал микьабилеб марталда базабун гьеб толарилан ккола дирго гIагараз».
ЭР «ШагIир хIисабалда дуца киданиги гьеб къоялда тIасан кочIодалъун пикру загьир гьабун букIанищ жеги?».
Сабигат МухIамадова: «БукIинчIо букIинчIо. Хас гьабун гьеб къоялда тIасан хъвараб кечI гьечIо дир. Хъвала эбелалде, яцалде бугеб рокьул, чIужугIадамалъул напс кIодо гьарурал кучIдул, микьабилеб марталъе сайигъат гьарурал асарал дир гьечIо.
Шамил мухъалъул Ракьуб росулъа гIолохъанай мугIалим Къурбанова Рабиятицаги хъвала кучIдул. Амма микьилеб марталдехун кIудияб байрамалдехун гIадаб асар гьечIо гьелъулги.
Къурбанова Рабият: «Дагъистаналда гьеб байрамалъул кинабаниги даража гьечIо. Цо гIадатлъун билълъараб жо букIиналъ баркула гьеб нилъер гьаниб Амма ракI-ракIалъ баркуларо. Мисалалъе сон ХIебда ракIарун рукIана киналго руччаби микьабилеб март баркизе. Гьенибги дида ракI-ракIалъулаб асар бихьичIо байрамалъул.
МагIарул чIужугIадамалъул ихтиярал цIунулеб киданиги букIинчIо ва букIинеги гьечIо, нилъеда хъатIулеб жоги гьеб гуро, доба Европаялда батила гьелъул кIвар».
Нижеца гьеб суал кьуна бихьиназеги. Микьабилеб марталда тIасан гьадинаб пикру буго Авар театралъул вукIарав артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас ул.
ХирамухIамад ХирамухIамадов «БитIараб бицани микьабилеб март ва цогидабги байрам кIодо гьабулеб букIинчIо дун гьитIинаб мехалъги рокъоб. Мунагьал чураяв эмен вукIана вехь, эбел колхозалъул хIалтIухъан йикIана. РакIалда буго армиялдаса эбелалда микьабилеб март баркун битIараб рисалатцин эбелалъ нахъе цIунун батана Хирачие къваригIараб тIамач батулин гьабилан абун. ГьедигIанцин кIвар гьабун гьечIо эбелалъ гьеб байрамалъул. Жакъа дир йиго хъизам, кIиго яс, амма гьезда байрам баркулеб бакIалда рокъоса ана дун, гьале хIалтIуда вуго гIодовчIун».
МагIарул шагIирзабаз гIемерал кучIдул сайигъат гьаруна руччаби кIодо гьарураб. Фейсбук сайталда, «МагIарул мацI тарих ва маданият» абураб группялда лъун буго микьабилеб марталъул байрамалде дандекколеб гIадаб магIнаялъул гьаб хадуб рехсараб кечI:
Щибаб их бачIингун магIарул чIужу
МахIмудил хабада лъе ихдалил тIегь.
ТIубараб гIумруялъ, гIащикъаб ракIалъ
Мун кIодо гьаюраб кечI ахIанин дос

Нижеца гьеб суал кьуна бихьиназеги. Микьабилеб марталда тIасан гьадинаб пикру буго Авар театралъул вукIарав артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас