Брюсселалда, Мисралда ва цогидал бакIазда гьарурал ахирисел терактазда хадуб хасаб кIвар буссинабизе байбихьана аэропортазда хIинкъигьечIолъиялъул суалазде. ГIемерисел экспертазул пикруялда, гьеб рахъалда бищунго лъикIаб хIалбихьи рагIула Изралалъул Бен-Гурион абураб аслияб аэропорталъул.
Цо рахъалъан балагьани, Израилалъул аэропортал, хасго Тель-Авивалъул Бен-Гурион, рикIкIуна хIинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса эталонлъун. Амма аэропорталъул хъулухъаз рилъанхъизарулел къагIидаби какулелги дагьал рукIунарин, цогидаб рахъалдасайин, абулеб буго Израилалъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Эммануэль Нахшоница. Гьесул рагIабазда, гIадамазул разигьечIолъи бижинабула, аэропорталда гIиси-бикIкIинаб жоялде щун контроль гьабулеб букIиналъ.
Цо-цоязда гьелда нахъ бихьулеб буго я расизмги, я дискриминацияги, я инсанасул ихтиярал хвезариги. Аммайин, жубалеб буго Нашхоница, хIинкъигьечIолъи гьечIони, гьединаб контроль гьечIони, киналго цогидазда гъорлъ, гьелго гIадамазулги, ай, гьедин рикIкIунезул гIумруялъе кIудияб хIинкъи букIине рес бугин улкаялда.
Тель-Авивалъул аэропорталдаса пайда босулеб буго сонида жаниб 16 миллион чияс. 1970-лел соназда гьеб аэропорталда гьарурал батIи-батIиял тIадекIанцIияз ва терактаз, Израиль гьесизабуна къвакIарал ва ракI чIараб хIасил кьолел тадбиразде. Гьенир хIалтIизаризаризе байбихьарал къагIидабазул ва электрониял системазул аслияб мурад ккола щибав пассажирасул гIумруги хIинкъигьечIоголъиги жибго аэропорталде щвелелдегоцин цIунизе байбихьи.
Бен-Гурионалъул кинабго территориялда сверун буго кьед. Гьелда киса-кирего лъун руго кинабго сверухълъи бихьизабулел видеокамераби.
Котролалъул тIоцебесеб контакт байбихьулеб буго автотранспорт аэропорталъул территориялде жанибе бачIарабго.
КIудияб махшелалъул хIалтIухъабаз хал гьабулеб буго. Гьоркьоса рищIун цо-цо автомобилазда жаниб чIухь балеб буго. Гьеб къагIидаялда хал гьабулеб буго цо-цо пассажуразулги рулалда нахъа ругезулги.
Бен-Гурион аэропорталъул хIинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса вукIарав директор Пини Шифица абуна, Брюсселалда гьабураб тIадекIанцIиялъ бихьизабунин Бельгиялъул хIинкъигьечIолъиялъул ва балъгояб контроль гьабиялъул системабазда гIемер гIунгутIиял рукIинин. Тель-Авивалъул аэропорталда гьел гIадамал чIезаризе рукIанин Бен-Гурионил майданалде щваралгойин, ай жибго аэропорталде щвелелде 11километралъул манзилдалдайин.
Пини Шиф: «Нижеца гьаниб, Израилалда хIалтIизарулел къагIидаби Европаялда такрар гьариялъ пайда кьоларо, пассажиразул къадар доба кIудияб букIиналде балагьун. Дора хIалтIизаризе ккола цогидал къагIидаби».
Брюсселалда тIадекIанцIиял гьаризе захIматаб жо букIинчIо, Шифил пикруялда.
Россиялдаги гьединал къагIидаби хIалтIизаризе бегьуларин. ХIалкIолеб жо гурин мисалалъе, Домодедово аэропорталде рачIунел киналго автомобилазул хал гьабизейин, абулеб буго гьес.
Домодедовоялъул система буго гьадинаб: машина бачIунеб буго, талон босарабго, шлагбаум борхулеб буго, гьебго заманалда дуца бахунеб буго аэропорталъул гIорхъаби ва кинабгIаги хал-шал гьабичIого, дур рес буго аэропорталъул минаялде аскIобе машина бачине яги минаялде жаниве ине. Гьединаб къагIидаялъ бокьарасул рес буго автомобил кьвагьизабизе яги жанивеги ун жиндихъго бугеб бомба кьвагьизабизе. Гьелъие мисалалги рукIана.
Бен-Гурион аэропорталда пассажиразул чанго нухалда хал гьабула. Россиялъул паспорталъул контроль букIунеб батани, Израилалда гьелдаго цадахъ гьабула тIубараб гьикъа-бакъи. Гьединаб къагIидаялда хIинкъигьечIолъиялъул системаялъул хIалтIухъабаз баянлъизабула сапаралъул мурад, чияр юк бугищ-гьечIищ, лъица гьеб юк бакIарарабали. Гьукъараб жо багажалда гъорлъ батиялъул мурадалда щвалде щун хIалтIизарула техникиял ресал.
Россиялъул аэропортаздайин абуни, гьединаб къагIидабаз рижинаризе рес буго цIакъ кIудиял читIирал.
Бен-Гурионил аэропорталда пассажиразул хьвада-чIвадиялъул визуалияб контроль гьабулеб буго гьединго гражданияб ретIел ретIарал психологаз. Аэропоталъул минаялда жаниб хIалтIулеб рагIула гIадамазул кIудияб къадаралъул гIадамазда лъачIого хал гьабулеб хасаб сканерги. Гьелдалъун баянлъизабизе бегьулеб буго лъихъ ярагъ яги батIияб гьукъарал жал ругелали.
Гьединал ва балъголъилъун хутIулел цогидал къагIидаби хIалтIизарун, Израилалъул аэропоратзда бигьаго ватизе бажарулеб буго террорист, хвалде унев. Гьединал чагIи кколел руго аслияб къагIидаялда лъиданиги лъазе биччачIого, пуланаб бакIги бищун.
Израилалъул аэропортазул администрациялъул пресс-секретарь Офер Лефлерица абулеб буго, аэропортазда хIалтIизарулел къагIидабазда хурхун гIемер гIарзал ругин.
Офер Лефлер: «Нижеца гьаниб гьабулеб щибаб галиялъул мурад ккола щивав пассажирасулги, щибаб аэропланалъулги хIинкъигьечIолъи цIуни. Нижеца киназего гьабула цокIалаб хал, динияб букIа, тIомалъул кьералъул букIа, расаялъул яги жинсалъул букIа батIалъиялде балагьичIого».
Жиндирго рагIаби тасдикъ гьарулаго Лефлерица абулеб буго, бищунго гIемерал гIарзал гIарабаздасаги европаялъулаздасаги гурин, гьединал гIарзал аслияб къагIидаялда рукIунин жибго Израилалъул гражданаздасайин.