Москваялъул мухъалъул диваналъ талат къоялда байбихьана «Домодедово» аэропорталда теракт гьабиялъул ишалъул хал гьабизе.
ГIайиб гIунтIизабулеб буго ункъго чиясда гьебги Такъсир гьабиялда сверун кодексалъул чанго статьялда рекъон, гьездаго гьоркьоб «теракт», «гIадамал чIвай» ва «гъачагълъи». Процесс унеб буго къараб режималда.
2011 соналъул 24 январалда «Домодедово» аэропорталда живго кьвагьулес теракт гьабиялъул хIасилалда хун вукIана 37 чи, лъукъун вукIана 172яв. Низам цIунулезул баяналда рекъон, гьеб теракт гIуцIун букIун буго Шималияб Кавказалда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лидер ГIумаров Докуца.