Ссылки для упрощенного доступа

ЧIезе лъала руччабазда бихьиназул бакIалда


Маргарэт Тэтчер
Маргарэт Тэтчер

Британиялъул премьер-министрлъун йикIарай тIоцеесей ва жакъа къоялде щвезегIан цого-цо чIужугIадан Маргарэт Тэтчер юкъизе йиго Лондоналда 17 апрелалда. Политикияб тIалъиялда руччаби ахираб заман щвезегIан гIемерал рукIинчIо.

Индиялъул нухмалъулей Индира Ганди йикIана киназдаго лъалей Тэтчер политикияб ареналде ячIинегIан. Амма ахираб заманалда политикаялда ва улкаялъул бищунго тIадегIанал хъулухъазда руччабазул къадар цIикIкIунеб бугин абизе бегьула.

Маргарэт Тэтчерил вукIарав пресс-секретарь лорд Беллица лъазабуна итни къоялда Тэтчерил хъизамалъ лъазабунин инсульталдаса хадуй гьей гIумруялдаса ятIалъанин гIумрудул 87 соналда жанийин.
Ахирал моцIазда Тэтчер унтун йикIана.
Британиялъул премьер Дэвид Кэмероница абуна: «Нилъее камуна кIудияй лидер, кIудияй премьер-министр ва кIудияй британиялъулай»,-ян.

ВВС-ялъе кьураб интервьюялда гьес абулеб букIана Тэтчерица Британия хвасар гьабунин.
Дэвид Кэмерон: «Гьелъул ирслъун букIине буго гьел нилъер улка хвасар гьабун букIин. АнцI-анцI, батизе бегьула, нус-нус соназцин гIадамазда жеги лъазе буго гьелъ гьабураб, гьелъул ирс».

Тэтчер юкъизе йиго Лондоналда мунагьал гьечIев Павлил гьатIаналда рагъулазе гьабулеб хIурматги гьабун. Пачалихъияб даражаялда тIобитIулеб тадбирлъун гьеб букIине гьечIо.
2003 соналдаса 2005 соналде щвезегIан консерваторазул лидерлъун вукIарав Майкл Гьовардица абуна Skynews телеканалалъе Тэтчер британиялъул политикаялда титан йикIанин.

Майкл Гьовард: « Гьей йикIана британиялъул политикаялда титанлъун. Дица рикIкIуна гьелъ улка хвасар гьабунин. 1979 соналда гьей нухмалъиялде ячIараб мехалда улка экономикияб рахъалъ кIалагъоркье чIван букIанин абизе бегьула, хакъикъаталдаги улка квердаса борчIун букIана. Тэтчерица нилъер экономика цIигьабуна. Дида ккола гьей тарихалде ине йигин бищунго лъикIал премьер-министразул цояй хIисабалдайин».

Тэтчер камиялда гIагали загьир гьабулеб букIана дунялалъул цIикIкIунисел лидеразги.
Совет Союзалъул вукIарав президент Михаил Горбачевас абуна Интерфаксалъе гьей кIудияй политик ва гвангъарай гIадан гIадамазул ракIалъги тарихалдаги хутIизе йигин.

1985 соналда улкаялъул нухмалъиялде вачIарав мехалда Горбачёв щун вукIана Британиялде Тэтчерихъе. Гьеб мехалда гьелъ абун букIана гьев чигун иш гьабизе бегьулин.

Тэтчер дунялалдаго лъалаан «маххул бика» абун. Гьелъ консерваторазул партия лъабго нухалда бергьинабуна ва гьеб нухмалъиялда букIана 1979 соналдаса 1990 соналде щвезегIан. 1992 соналда гьелъие кьун букIана баронесса абураб титул.
ГIумрудул ахирал соназ гьей унтун йикIана ва халкъалда цее гIемер яхъунароан.

Британиялдаса журналист Джон О'Салливан хIалтIулев вукIана Даунинг-стриталда 1986 соналдаса 1988 соналде щвезегIан премьер-министр Маргарет Тэтчерил хасав гIакълучилъун ва официалияб гуреб куцалда гьелъие каламал хъвалев чилъун. Хадуб О'Салливаница кумек гьабулеб букIана цоги хъвадарухъанасда цадахъ Тэтчерица 1993 соналда «Даунинг-стриталда рарал сонал» абураб тIехь хъвалеб мехалдаги ва 1995 соналда «ТIалъиялде нух» абураб тIехь хъвалагоги. О'Салливан гьединго хIалтIулев вукIана Эркенлъи Радиоялда вице-президентлъунги. Гьанже Вашингтоналда вугев О'Салливангун дандчIвана нижер мухбир Гьизе Маар ва кьуна гьесие Тэтчерил хIакъалъулъ чанго суал.

Эркенлъи Радио: Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница абуна ВВС-ялъе кьураб интервьюялда Маргарет Тэтчерица «нилъер улкаялъе нухмалъи гьаби гуребги гьел нилъер улка хвасар гьабунин». Кин гьелъ хвасар гьабураб Британия?

Джон О'Салливан: «Тэтчерица Англия хвасар гьабуна аслияб къагIидаялда экономикияб рахъалъ. Премьер-министр хIисабалда гьелъ жиндего тIаде босана 1979 соналда букIараб «Разилъи гьечIолъиялъул хаселалъул» хIасилал. Гьеб заманалда тIолабго улкаялъе бигьаяб букIинчIо. Масала Ливерпулалда хварал рукъулел рукIинчIо, кьищни-къул боржанхъулеб букIана тIолабго Лондоналда тIад, ракI унтун азарханаялде вортарав унтарав къабул гьавичIого гьениса тIадвуссунев вукIана, гьениб пикет букIун. Гьеб мехалда хIажатал рукIана кьварарал тадбирал».

http://www.businessinsider.com/thatcher-and-the-winter-of-discontent-2013-4

Гьелъ гьабуна лъабго иш. Бищунго цебе гьелъ профцолъиязе контроль гьабизе рес кьолеб куцалда хисизаруна къанунал. КIиабизе бугони, гьелъ дагьлъизабуна гIарцул къадар, валюталъе гьабуна стабилизация. Лъабабизе бугони, Тэтчерица революция гьабуна приватизациялъулъ ва экономикиял эркенлъабазулъ. Хадуб тIолабго дунялалда гьарунин абизе бегьула гьединазда релъарал хиса-басиял.
Приватизациялъул бицунеб мехалда гIадамазда гIемерисеб нухалда кIочон тола Британиялда Тэтчерица баккараб жо гьеб букIин. Гьедин гIуцIун букIана жидер буголъи киданиги букIинчIел акционеразул цIияб класс. Гьедин Тэтчер нухмалъиялда йикIараб 10 соналда жаниб Британиялъул экономикаялъ дунялалда кколеб букIана ункъабилеб бакIал».

Эркенлъи Радио: «Гьей йикIана жинца гьабулеб жоялда ва жиндир принципазда ракIчIарай гIадан. Гьелъ абулаан: «Дун консесусазул политик гуро. Дун йиго принципиалияй политик»,-ян. ГIамалалъул кинал хасиятал рихьизарулел гьел рагIабаз?

Джон О'Салливан: «Гьелъие тарбия щун букIана провинциалияб Англиялда. Гьей йикIана гьитIинаб тукадул хважаинасул яс. Гьелъ кидаго абулаан жий йижараб ва гIураб бакIалъ гIуцIанин жиндир политикиял бербалагьиялин. Инсул тукада щвараб хIалбихьиялъ гIуцIана экономикаялда гьелъул либералиял бербалагьиял. Узухъда, хадусан гьелъ жиндирго теориял дагьабги академикияб къагIидаялдаги щвалде щвезаруна.
Гьелде тIадеги гьелъ кколеб кьварун букIана диналъул Методистазул килисаялъул рахъ. Гьелъул гIолохъанлъи араб Англиялда христианлъиялъул дагьал кьварарал къагIидаби рукIана доб мехалда тIиритIун.
Гьей тIолабго гIумруялъ йикIана динияй чIужулъун. Гьелъул дин букIинчIо рихьдае гьабулеб, гьеб букIана гьелъул рекIелъ.
Гьелъие бищунго рокьулаан англиялъул килисаялъул хIалтIухъан ва христианазул теолог Джон Уэлсил (1703-1791) рагIаби: «ХIалтIун балагье кIварабщинаб, цIуне кIварабщинаб, бикье кIварабщинаб!»-ян.
Дида ккола гьеб абиялда рекъон гIумру гьабулеб букIанин гьелъин».

Эркенлъи Радио: «Тэтчер йикIана гIемерав чи жинда бахиллъарай ва гьебго заманалда гIемерав чиясда рихарай гIадан. Гьей йокьуларел гIадамл рукIана гьелъул Тори партиялдацин».

Джон О'Салливан: «Узухъада, рукIана. ГIемерав чигун къуркьезе ккан гьей. Гьелда лъалебги букIана жий сундуе гIоло къеркьолей йигеяли. Гьеб киналъго гьелъул гIамал-хасият дагьабги лъадарулеб букIанин абизе бегьула. Гьелда лъалаан дискуссия гьабизе, лъалаан лъикIал аргументал рачине ва гьелъул жийго йитIарай йикIиналда ракIчIараб букIунаан.
Гьединлъидал психологияб рахъалъ гьеб киналъулго гьелъие кIудияб асар букIинчIо».

Эркенлъи Радио: «Гьей йикIана Америкалъул вукIарав президент Рональд Рейганил кIудияй гьалмагъ. Жиндир гIумруялда жанив бищун аслиял чагIазул, рос Денисида хадув, кIиабилев чи вугин гьеванцин абуна букIана гьелъ цо нухалда. Дуда ракIалда бугищ гьезул гьудуллъи байбихьараб мех?»

Джон О'Салливан: «Гьудуллъи байбихьана 1975 соналда, гьей консервативияб партиялъул лидерлъун лъугьун цо-кIиго анкьидасан. Гьеб заманалда Рональд Рейган вукIана Лондона, гьев вачIана гьелъухъе ва гьез цадахъ базе кколаан бащдабсагIат. Амма гьел кIалъана кIигогIан сагIаталъ. Гьеб мехалда гьез гьабуна цоцазулгун бухьен тIезе теларин хIукму. Гьелдасан байбихьана кинабго. 1981 соналда гьезул гьудуллъи сверана политикияб бухьеналъул къагIидаялде. Гьелда бан гьелде тIадецуй гьабулеб букIана жиндирго улкаялдаги, тIоцее Вашингтоналде араб мехалда гьелдаса Рейган рикIкIад чIезе бокьун букIана гьесул хIалтIухъабазул цIикIкIунисезеги.
Амма гьев рикIкIад чIечIо. Гьелъул гIаскалда, Рейганица гьелъул гьабуна кIудияб хIурмат. Официалияб тепси тIибитIи ругебги, гьес къабул гьабуна гьелъ гьоболлъухъ ахIиги. ГIадатияб куцалда президентаз гьедин гьабуларо, гьеб протоколалда рекъон гьабулеб иш гуро. Гьес гьелда къвалцин бана. Гьедин байбихьана гьезул гьайбатаб гьалмагълъи ва дида ккола гьеб лъикI букIанин.

Узухъда, гьезул рукIунаан цоцалъ къецалги, амма гьез хIаракат бахъулеб букIунаан гьел къватIире загьир гьаричIого тезе».

Эркенлъи Радио: Тарихчи Ричард Олдосица «Рейган ва Тэтчер: захIматал гьоркьорлъаби» абураб жиндирго тIехьалда хъвалеб буго кIиялго лидеразул гьоркьорлъаби бигьаял рукIинчIин коммунизмалдаса Европа эркен гьабиялде иш щвараб мехалдацинин. Тэтчер Рейганидасаги агрессивияй йикIанин, амма Москваялде данде цолъизе къваригIун букIанин гьезиейин.

Джон О'Салливан: «РукIана гьезул рагIирекъонгутIиял. Цо-цо мехалда гьей йикIунаан гьесдаса агрессивияй, цоги мехалда Рейган вукIунаан Тэтчеридаса агрессивияв. Масала, Советияб Союзалдаса Алманиялде натр бачунеб рогIоро лъеялде данде кьварун чIун вукIана Рейган. Гьелда бичIчIулеб букIана гьесде дандечIезе кIолеб гьечIолъи, амма контрактал хъван рукIана ва британиялъул гIемерал гIадамал хIалтIудаса махIрумлъиялъул хIинкъи букIана. РукIана гьединго рагIирекъонгутIиял Америка Гренадаялде тIадекIанцIиялда банги цогиялги. Амма гьел рагIирекъонгутIиял гьез цоцалъ рекъон рагIалде рахъинарулаан.
РукIана Тэтчерица Рейганил рахъ ккурал суалалги. Масала, Магърибалъул Европаялда америкалъул ракетаби лъолел мехалде. Гьеб мехалда гьел бергьана «цIорораб рагъулъ». Гьезул гьоркьорлъабазул хал гьабураб мехалда бихьула гьел цоцалъ рекъарал суалал гIемерго цIикIкIарал рукIин».

Эркенлъи Радио: «Ахирал соназда мун хIалтIулев вукIана Централияб ва Машрикъалъул Европалъул улкабазда. 1980 соназда гьел улкабазда Тэтчер къабул гьаюлей йикIана жал эркен гьаюрай гIаданлъун. Гьениб гьанжеги бугищ гьелдехун гьединабго бербалагьи?»

Джон О'Салливан: «Гьей йикIана эркенлъи цIуниялъул рахъалъ чемпионлъун. ГIадамаз цIакъ разиго къабул гьабула гьеб хIужа. Гьелде тIадеги гьей йикIана цолъиялъул рахъ кколей гIаданги. Рес щванщинахъе гьелъ цIунулаан диссидентал. Гьелъул рахъ кквеялъ рес кьуна Ежи Попелушкое тIоцевесев нухалда инсул хабаде вахине. Гьев вукIана Польшаялъул режималъул къурбанлъун. Британиялъул хIукуматалдаги гьелъул букIана кIудияб къуват Советияб Союз кьварун какулеб букIиналъухъ ва коммунизмалде данде кьварарал лъазабиял гьариялъухъ».

Политикияб тIалъиялда руччаби ахираб заман щвезегIан гIемерал рукIинчIо. Индиялъул нухмалъулей Индира Ганди йикIана киназдаго лъалей Тэтчер политикияб ареналде ячIинегIан. Амма ахираб заманалда политикаялда ва улкаялъул бищунго тIадегIанал хъулухъазда руччабазул къадар цIикIкIунеб бугин абизе бегьула.
Масала, Аргентиналъул президентлъун яхъана Кристина Фернандес де Киршнер. Гьелъ ракьцоял ахIулел рукIана «сеньора пресидента» ва «хIурматияй президент» абурал рагIабазда ругьунлъизе.
Киршнер – Латиназул Америкалда цо йигей «пресидента» йикIинчIо. Чилиялъул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалда 2007 соналда президентлъун гьений яхъана Мишель Башле.

ТIолго дунялалда руччабазул багъа-башариял гIатIидго тIиритIизе байбихьарал араб гIасруялъул 60-70 соназдаса нахъе руччабаздехун бербалагьи хисана гIемерисел улкабазда ва жамгIиятазда. Гьедин рикIкIунеб буго Вашингтоналда бугеб Америкалъул университеталда политикаялда руччабазул кIвар лъазабиялъул Институталда хIалтIулей
Сара Брюерица.
Америкалъул бищунго тIадегIанаб шапакъат Эркенлъиялъул медаль кьун букIана Либериялъул президент Эллен Джонсон Серлифие. Гьей йиго африкаялъул пачалихъалъул нухмалъулейлъун йищун йикIарай тIоцеесей чIужугIадан.
Азиялда президенталлъун рахъун рукIана Филиппиназда Глория Арройо, Индиялда Пратибха Патил.
Руччабазул эмансипациялъе кIудияб кьаби щвезабуна 2007 соналда Пакистаналъул премьер-министр Беназир Бхутто чIваялъ.

Нухмалъиялда рагъулаб хунта бугеб Бирмаялда бищунго кIудияй политикияй хIаракатчIужулъун ккола Нобелил цIаралда бугеб ракълилаб премиялъул лауреат Аун Сан Су Чжи, ахирисеб 20-гIан соналъ гьей жиндирго рокъой жаний тIамун йикIаниги.

Дунялалдаго бищунго асар кIудиял руччабазда гьоркьой чанго нухалда лъазавун йикIана Алманиялъул канцлер Ангела Меркель.
Гьейги ккола Алмания 1871 соналда цогояб пачалихълъун лъугьаралдаса гьелъул нухмалъиялде ячIарай тIоцеесей чIужугIадан. Дунялалъул политикаялдаги жакъа гьелъ кколеб буго аслиязул цояб бакIал.

Руччаби-политикал цо-цо мехалда бихьиназдасаги кьварарал рукIуна. Гьединазда гьоркьор рехсола Израилалъул ва Британиялъул хIукуматазул бутIруллъун рукIарал Голда Меир ва Маргарет Тэтчер. Тэтчерида «маххул бикаян» абулаан тIолго дунялалда. Гьелъул хIакъалъул Англиялда къватIибе бачIунеб «Телеграф» газеталъул мухбир Эндрю Пирсица хъвалеб букIана:
«ГIадамазда гьоркьой гьей кидаго йикIана маххул бикалъун. Политикаялда руччаби рукIине ккола бихьиналгIадин кьварарал, цо-цо мехалда гьездасаги цIикIкIун къвакIиги бихьизабизе ккола гьез»,-ян.

Кинаб бугеб Дагъистаналда руччабазе политикаялде рачIине рес? Киданги республикаялъул нухмалъиялда чIужугIадан йикIине рес бугищ гьениб? Гьел суалал нижеца кьуна халкъияй шагIир ва «Дагъистаналъул руччабазул цолъиялъул» нухмалъулей ГIалиева Фазуе.

ГIалиева Фазу
ГIалиева Фазу
ГIалиева Фазу: «Политикаялда руччаби кутакалда рекъон рукIуна лъабго къадру гьезулъ бугони: гIакълу, гIакъиллъи ва ритIухълъи. Гьеб лъабго элемент бугеб чIужугIаданалда бокьараб политикаялда йикIине кIола. Амма дица абиларо жакъа Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе чIужугIаданалда бажаризе бугин. Щайгурелъул цIакъ захIмат буго ани. Цогиги абила дица, лъикIай чIужу йигев политик мекъи кколарин. Долъ биччаларо дов мекъи нухалъ ине. ЛъикIай чIужу политикасе йиго кваранаб квер».

ЭР: «Дагъистаниял тарихалдаго бихьинал руччабазул жинсалъухъ балагьичIого жидее бетIерлъи гьабизе унел чагIазда хадур рахъунел рукIанин абилищ дуца Парту ПатIимал мисал ракIалде щвезабун?»

ГIалиева Фазу: «Парту ПатIима йигоха легенда. Дун йикIана рагъ ккараб мехалда гьитIинай лъимер. Гьеб мехалдаго дида бихьана руччабалъ бугеб бихьинчилъи. Дица абула доб рагъулъ бергьенлъиялъул 50% бихьиназул батани, хутIараб 50% руччабазул бугин. Гьел рекьарана, лъилъарана бихьиназулги цIоязулги хIалтIи гьабуна. Жидедасаго рахъун гIарцул тIагIелал ракIарун фронталъе кумекалъе ритIана. Нижер гьитIинаб росулъцин саргъасалде жаниреги ран руччабазул кIилкIалгун курхьенал ритIулел дида рихьана. Гьедин букIана киса-кибего. Валлагь лъала нилъер руччабазда бихьинчиясул бакIалда чIезе.
Хадуб I999 соналда рагъ букIараб мехалда нижер "Руччабазул Цолъи" щвечIеб бакI хутIичIо. Нижеца хIатIидаса хьитал 7-8 къоялъ рахъичIин абизе бегьула. Амма нижедасаго рокьи бичулаан нижер дора ругел нилъер гIадатиял руччабазул бихьинчилъи бихьун.

ЭР: Дагъистаналъул нухмалъиялде чIужугIадан ячIине рес бугищ жакъа-метер батичIони 10-20 яги 50 соналдасан?

ГIалиева Фазу: «Дица абулеб буго президентлъун дица чIужугIадан Дагъистаналда йихьуларо жеги. Политикалъул бицинчIони дир мисал щай бачунареб поэзиялда. Дуе гьабичIо квал-квал гурони кумек лъицаниги. Анищалъ букIаралдаса цIикIкIун дицаги гьабуна. Аллагьас кинаб бугониги гьунар кьурав чиясул цояб кваркьидулъ букIине ккола бихьинчилъи-живго цIунизеги, жиндиего кьураб гьунар цIунизеги».
XS
SM
MD
LG