МахIачхъалаялдас
ХIусен Халилулаев:
«Буссурбанчиясда бичIчIизе ккола жинца сундуе гIоло гьабулеб бугеб кинаб бугониги иш. Щай гIадамаз кIодо гьабулеб 8 март? Байрам хIисабалдасаги дида ккола гьез гьеб цебе-цебеги кIодо гьабулеб букIун ругьунлъун гьабулеб батилин гьанжеги, амма бусурбанчиясе 8 март яги цогидаб къо къваригIунаро жидерго руччаби кIодо гьаризеги, гьел роххизаризеги. Къойил сайгъатал кьечIониги гьимиялдалъун, берцинаб рагIудалъун роххизаризе ккола гьел», - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIусен Халилулаевас.
ХIусенил пикруялда рекъон феминизмалъе кьучI лъурал, руччабазул ихтиярал цIунизе лъугьиналдего, Исламалъ гьезул ихтиярал цIунун рукIана. Феминисткабазул къеркьеялдалъун руччабазе щварал ихтияраз гьезие пайдаялдаса квалквал цIикIкIун бугин рикIкIунеб буго ХIусен Халилулаевас. Щай гурелъул руччабазе бихьиназда бащадго хIалтIизе рес щвеялъ гьезие жидерго аслиял тIадал ишал тIуразе заман гIолеб гьечIо, ай, хIалтIи цебетIезабулаго хъизан-лъималазд
Дагъистаналда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» идараялъул нухмалъулей Елена Денисенкоца рикIкIунеб буго чIужугIаданалъул ихтиярал гьелъ жинцаго гурони цIунуларин, гьединлъидал кавказалда нилъер руччабазе гIадатияблъул букIинчIеб адвокатасул махщел тIаса бищарал руччабазул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб бугилан.
Елена Денисенко:
«Кавказалда гIемерисеб мехалда къварилъи тIаде бачIарабго чIужугIадан жийго хутIула. Рос чIван, яги викъун ун хутIарал руччабазе кумекалъе чи ватуларо гIемерисеб мехалда бихьиназеги жиндиегоги гIоло чIужу гIадан къеркьезе ккола. ХIукуматалъул рахъалъ яги къуваталъул идарабазул рахъалъ гьелъие гIемерисеб нухалъ квалквал гуреб кумек щоларо. Руччабазда гIадин руччаби лъидаго ричIчIуларо. Гьединлъидал руччаби адвокатал гIемерлъулел руго.».
Елена Денисенкол баяназда рекъон ихтиярал цIунулел идарабазде кумек гьарун бихьиздасаги цIикIкIун руччаби рачIунел руго. Васал, росал, вацал полициялъулаз рикъун, хъамун, чIван хутIарал, тамихI тIалаб гьабулел руччаби гурелги росгун ратIалъулелъул жидер ихтиярал цIунейилан гьарун рачIунезул къадарги цIикIкIараб буго.
Елена Денисенко:
«Масала нижехъе гIемер рачIуна ва телефоналъ ахIула жий россгун ятIалъулей йигин, гьес лъимал кьолел гьечIин жиндихъеян, яги росгун ятIалъун хадуб жиндие рукъ-бакIалъулги цогидаб цадахъаб магIишаталъулги бутIа кьолеб гьечIин абун гIарзалъ. Нижеца кIвараб кумек гьабулаха. Гьединал суалал гIемерлъулел ругелъул хас гьарун цохIо руччабазул ихтиярал цIунулел адвокаталги раккулел руго», гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Елена Денисенкоца.
Ихтиярал цIунулей Елена Денисенкол пикруялда рекъон сиясаталда кIудияб бакI кквечIониги, социалиял, захIматалъул идарабазда чара гьечIого руччаби хIалтIизе ккола, щай гурелъул руччабазда гIадин гьел суалал бихьиназда ричIчIуларелъул.
МахIмудова ПатIимат