Талат къоялъ маркIачIуда Москваялъул централда бугеб рестораналда жал щалали лъаларез оппозицияв политик, ПАРНАС партиялъул лидер Михаил Касьяновасда речIчIун буго торт. Живго политикас инциденталъул хIакъалъулъ бицана гьадин.
Михаил Касьянов: «Сон маркIачIуда Москваялъул централда ругел рестораназул цоялда диде тIаде кIанцIана баянаб кавказалъулазул акцентгун кIалъалев, нилъеца абухъего, славяназул гуреб куц-мухъалъул кIиго чи.
Гьел диде аскIоре рачIана, гьезул цояс дида торт речIчIана. Гьез хIакъир гьарулел рагIаби абуна ва дие хIинкъиял кьуна».
«Московский Комсомолец» газеталъ, полициялда базабун, хъвалеб буго, гьеб тIадекIанцIи гьабунин кавказалъулаз 10.30 тIубараб мехалда Охотный Ряд къватIалда бугеб La Bottega Siciliana рестораналдайин. Гьелъулго лъазабиялда рекъон, Касьяновасда цадахъ вукIун вуго гьалмагъ Владимир Логинов.
Видеокамеразул хъвай-хъвагIаялде балагьун, бихьулеб буго, торт гьел гIадамаз рестораналъул гьуинлъи биччалеб цехалдаса тIадекIанцIи гьабилелда чанго минуталъ цебе босун букIин.
«Коммерсант» газеталъул журналист Муса Мурадовасе, чачанав хIисабалда, ракIалъе гIолеб гьечIо, гьеб инциденталда чачанал рехсолел рукIин. Аммайин абулеб буго гьес, гьел рехсолел рукIиналъе багьанаби ахираб заманалда гIунги тIокIал рукIанин.
Муса Мурадов: «Россиялъул информалатаз хъвалеб буго, Касьяновасда торт речIчIарал кIалъалел рукIанин чачан мацIалдайин. Амма рагIаба аби гурони, гьез рачIунел гьечIо кинал гIаги далилал. Амма тIаде кIанцIарал чачанал ругин лъазабиялъги дунги цогидалги тамашалъизарулелги гьечIо. Къадировас Касьянов ишаналде восун вихьизабураб видео лъуна Къадировас лъуна жиндирго Инстаграмалда. Гьеб торт речIчIиялда хурхараб лъугьа-бахъинги гьанже бихьулеб буго история халат бахъунеб букIин хIисабалда».
Гьебго «Московский Комсомолец» газетаялъул лъазабиялда рекъон, гьенире щварал полициялъулаз ккун вуго рестораналда аскIовеххун Чачан республикаялъул лъабго полициялъулав, амма ПАРНАСалъул лидерасда гьел лъан гьечIо. Рестораналъул хIалтIухъабазги лъазабун буго, гьел гIадамал жидеда тIоцере рихьулел ругин.
Информалатазда гьанже гIатIидго бицунеб буго, Касьяновасда хурхараб лъугьа-бахъиналда нахъ букIине бегьулин политик хIинкъизавиялъе, гьев рищиязда гIахьаллъиялдаса инкар гьавизе ккезавиялъе ва улка тун къватIиве инавиялъе тIалъиялъ гьабулеб хIалбихьийин.
Михаил Касьянов: «У, гьеб гьединаб жо букIине бегьула. Сон диде ахIдолев вукIарасул хьвада-чIвадиялде балагьун, гьедин бугин абизе бегьула. Гьев ахIдолев вукIана, мун тушман кколин, дуе Россиялда бакI гьечIин… Гьелде балагьизе бегьула дир политикияб хIаракатчилъи чIезабиялъе гьабулеб гали хIисабалда. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола тамихI гьабиялъул дие хIинки кьей, дица гьеб такъсирлъун рикIкIуна».
Оппозицияв политикасда хурхун загьирлъараб ахирисеб инциденталъул хIакъалъулъ Инстаграмалда информациялда гъоркь Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас тун буго «Гьанжеги дунищ?» абураб хъвай-хъвагIай.
Интернеталда комментариял гьарулезул цо-цоязул пикруялда, гьеб букIине бегьула дагьалъ цебе Михаил Касьяновги Владимир Кара-Мурзаги ишаналде росарал спецэффект хIалтIизабураб видео Инстанграммалда лъун хадуб багъарараб ахIи-хIуралде Къадировасул реакция.
Цогидазда оппозициялъулазда хурхун ахираб заманалда загьирлъулел инцидентазда нахъ бихьулеб буго, гIуралъ хIинкъи бугеб тенденция.
ЧIварав оппозицияв политик Борис Немцовасул хъизаналъе кумек гьабулев адвокат Вадим Прохоровас рикIкIунеб буго, жиндирго гара-чIвариялъул хIакъалъулъ лъиданиги ва кибниги лъазабичIев Касьяновасул маршрут лъалеб букIиналъго бихьизабулеб бугин, тIадекIанцIазул хасал хъулухъазулгун бухьен букIине бегьийин. Юристасул пикруялда, жакъа тIадегIанал хъулухъалдаса хIалхьиялде арал гIадамалцин бандитаздаса цIунун гьечIин Россиялдайин.
Гьединаб хIакъикъат бихьулеб мехалда, оппозициялъе гарантияби чIезаризе лъиданиги кIоларин, жубалеб буго интернеталда жидерго пикраби загьир гьарулел цIалдохъабазги.