ГьатIан къоялъул сардилъ Рамзан Къадировасул Instagram-алда загьирабьураб видеоялда вихьула «Рагьараб Россия» абулеб гIуцIиялъул координатор ва журналист Владимир Кара-Мурзагун кIалъалев Михаил Касьянов. Гъоркь тун буго «Касьянов Страсбургалде вачIана Россиялъул оппозициялъе гIарац гьАризе. БичIуларев чиясда бичIула» – ян абураб хъвай-хъвагIай.
Страсбургалде Михаил Касьяновас сапар бухьана Европаялъул либералазулгун демократазул Альянсалъул вакилзабазулгун кIалъа-басаял тIоритIи мурадгун. Брифингалда Касьяновас рагIи кьуна Россиялда бугеб ахIвал-хIал хисизе.
Гьес гьединго ракIалде щвезабуна дагьалъ цебе Рамзан Къадировас оппозициялъул церехъабазе кьураб хIинкъи ва абуна – Россиялде данде лъазарурал санкциял нахъе рахъине гьабсагIат бегьуларин.
Касьяновгун цадахъ Страсбургалде рачIун ругоан тIадехун рехсарав Владимир Кара-Мурза ва оппозиционер Борис Немцовасул яс Жанна.
Гьез къватIисел улкабазул журналистазе цо чанго интервью кьун, ахIи бана Борис Немцов чIваялъул халкъаздагьоркьосеб цIех-рех гьабиялде. Гьанже живго Касьяновасе хIинкъи щун буго, ян абулеб буго ПАРНАС партиялъул нухмалъхулев хисулев Илья Яшиница.
Къадировасул Instagram-алъ кIудияб дандерижи багъаризабуна интернет гIатIилъиялда. Цояз гьев веццула цогидазул гIаксал пикраби руго.
Жиндирго пикру загьирабуна живго Михаил Касьяновасги. «Рагьараб Россия» багъа-бачариялъул координатор Владимир Кара-Мурзагун цадахъ гьес загьирабуна жиндирго лъазаби.
РБК-информагентлъиялъе интервью кьолаго, Кара-Мурзаца абуна, Къадировасул Instagram-алда загьирабураб видео бугин унго-унгояб чIвазе гIусси ва жидеца кватитIичIого гIадлу-низам цIунулел идарабазде гIарз битIизехъин бугин.
Оппозициялъул вакилзабаз тIалаб гьабулеб буго рехсараб хIужаялъул цIех-рех гьаби ва кьучI батани – тиакъсирчилъиялъул цIех-рех байбихьи.
Кара-Мурзаца гьединго ракIалде щвезабуна Борис Немцов чIваялъул хIужа. «Кин бугониги, гьеб такъсиралъул лъалкIал Чачанлъиялде унел руго, амма Къадиров хIатта суравалде ахIун вукIинчIо, чIварав Борис Немцовасул гIага-божаразул тIалаб сан гьабичIого тана низам цIунулез.
Живго Михаил Касьяновас абуна жив валагьун чIун вугин Россиялъул президент Владимир Путинил реакциялде. Президентасда тIадаб бугин улкаялъул субъектазул бутIрузул гьадинаб хьвада-чIвади хIисабалде босун, гьелъие къимат кьезе, ян абуна Михаил Касьяновас.