2013 соналда жидедехунго бугеб рокьукъаб бербалагьиялъул къурбаналлъун ккун руго гIемерисел «Иеговил нугIзал»- абулеб диналъул чвахиялъул нух ккурал. ГIадатиял гурел диназул рахъ кколезул проблемаби цересел соназде данде ккун нахъисеб планалде ун руго.
Цебесеб иргаялде бачIун буго буссургьанаб диналъул рахъ кколезул проблема.
Хасго данде чIеял гьарулел руго буссургьабазе машкIидал раялде .Кьолел гьечIо гьел разе бакIал,раралги тIаса ричизе тIамулел руго цо-цо бакIазда тIадтараз.
Православияб диналъул тун батIияб, хасго буссургьанаб диналъул рахъ кколезе машкIидал ралел ругони цебе бачIунеб буго ксенофобиял бербалагьиял.
Докладалъул автор «Сова централъул» гIахьалчIужу Ольга Сибиревалъ абухъе бищун кIудияб проблема буго россиялъул халкъалъе ричIизе бокьунгутIи цогидал диналъул цереъабазул ихтиярал.
Православияб диналъулаз бихьизабулеб буго гьезие къваригIун гьечIолъи чияр диналда хурхаб кинаб букIаниги иш жидерго ракьалда КигIан кIудияб къадар буссургьабазул я цогидазул гьаниб букIаниги.
Гьединал бербалагьиязул рахъ кколеб буго ва цо-цо мехалда инициатораллъунги цин рукIунел руго праворадикалиял идараби.
Гьезда тIадго рекъолел руго цо-цо мохъалъул тIадтаралги.
Мисалалъе цIакъго гьеб проблема цIикIкIараб мохълъун докладалъул автор Ольга Сибиревалъ бихьизабулеб буго Ставрополь мохъ. Гьениб кIиго, шагьарал гIанасел росабалъ Белореченский ва Индустрия абулел 20I3 соналда разе риччан гьечIо машкIидал. Тамун руго ранлъугIилел машкIидал тIаса ричизе. Гьеб къотIиги гьабун буго цин кисловодскиялъул диваналъ,цинги гьелда тIад рекъон буго Ставрополь мохъалъул диванги.
Гьединабго ахIвал хIал цо соналъ цебе лъугьун букIун буго Пятигорск шагьаралда балеб машкIидалда сверухъги. БанлъугIулеб мащкIидалда тIаса кIиго си бичизе тIамун руго жанир гIадамал хьвадулел рукIиналъухъги балагьичIого. Хадубккун гьеб мина биччан гьечIо диналъе хIалтIизабизеги. Цоги бакI кьезе къотIи гьабун буго шагьаралъул тIадтараз, амма гьебги кьун гьечIо. Эркенго, ракIалъ бищараб дин кквезе рес гьечIо Россиялда еретиказулги, католиказулги, иеговасул нугIзазеги.
Сова централъул докладалда гьединго кIвар буссинабун буго диналъул рахъ кколезул бичIчIи хIакъиргьабиялда тIасан къануналъул магIна гьечIолъиялдеги.
ЦIияб къанун докладалъул авторазул рагIабазда рекъон лъугьун буго церерукIарал гьелдаго релъарал къанунал жубагъубазабураблъун. Кин рикьулел къанун цIунулез такъсирал церерукIарал ва цIияб бахъараб къануналда рекъонин суал лъолеб буго докладалда.
«Гьеб бичIулеб гьечIо я нижеда,я къанун цIунулезда жидедагоцин.ЦIияб къануналда рекъон бижизабураб цониги ишги гьечIо жеги»- ян якъин гьабулеб буго президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтияразда тIасанги, гражданазул жамгIият цебетIезабиялда тIасанги шураялъул гIахьалчи Александр Верхоскияс.
Гьеб проблема кIвар бугеблъунцин рикIкIунеб гьечIин Россиялда йин хъвалеб буго «Кавказский узел»-интернет тIамчида.Гьелъул корреспондентас бицахъе.
доклад цебе лъолеб лъиданиги байчIеб пресс-централде рачIун гьечIо 9 журналистги цолъарал штатазул вакиллъиялъул цо цевехъанги гурони. Журналистал рачIине гIан 20 минуталъ нахъе цин бахъун буго конференция.
Доклад гIуцIулаго цо хасаб регионалъул буссургьабазе ругел квал квалал хIисабалде росун рукIинчIин ,буссургьанаб дин кколезул тIолго россиялдаго проблемаби ругин абун буго Ольга Сибиревалъ. ХIакъикъаталдаги Москваялъул цо-цо гIумру гьабулез цIакъ агресивияб бербалагьи загьир гьабулеб буго хас гьабун буссургьабазул диналда бан. ГIицIго цо суал кьуна нижеца Москваялда гIумру гьабун йигей Кудрявцева Свеланае.
Кин дуда кколеб Москваялда гIураб къадаралда машкIидал рукIине кколищ православиял килисабиго гIадин эркенго буссургьаби хьвадие?
Кудрявцева Свелана: "КигIанги квешаб бербалагьи буго.ТIадегIанас цIунаге.Раралги рихизаризе ккола нужер машкIидал.Нижерго бакIаздеги ун рй какалги,гIуцIе мажгиталги. Нужер дин ракI-ракIалъ бокьуларо дие. Хас гьабун гьелъул чIужу гIаданалдехун бугеб бербалалъиялдалъун.Дие щибниги квешлъиги исламалъ гьабичIо,амма гьаб бегьула,гьаб цояб бегьуларо абураб гъукъиял.Дие гьеб бокьуларо."
Светланаца ракIалде щвезабулеб буго машкIидалде жанире инее бакI щвечIеб мехалъ нухазда какикьтIамалги тIамун кIал биччалеб къоялъ Москваялда какал ралел рукIараб халкъ.Ва гьелдехун жиндирго бербалагьи гьадин загьир гьабулеб буго: Доб машкIидалъул кIалтIа гIодор бутIрул чIваял лъие къваригIараб жо Москваялда.
Кудрявцева Свелана: Нужее гьеб дин батизеги бегьула. Нижее Москваялда гьеб щиб гьабизе. НахъегIанисан балагьун гьеб букIана ракI релъулеб сурат. Нужерго улкаялдеги ун гьабе.Москваялда гьеб щиб гьабизе. Гьанже, рарал машкIидал рихизарун бажаризе батиларо,амма цоги тIаде разе къваригIун гьечIо Москваялда."