Ссылки для упрощенного доступа

Кремлалъул цIияб бербалагьи ва Дагъистан


Шималияб Кавказалъул республикабаздехун Кремлалъул цIияб бербалагьи бугин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Гьезул пикруялда рекъон, хас гьабун Дагъистаналда 90-лел соназдаса политикиял церехъаби Москваялъе къваригIун гьечIо, къваригIун гьечIо цIикIкIараб авторитет бугел политикал ва къуват бугел хIакимал. Цогидал экспертазин абуни рикIкIунеб буго щибго хисизе гьечIин. ТIадежоялъе Крымалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъ Кавказалъул республикабазул масъалаби кIиабилеб планалде ккезарунин хъвалеб буго информ-алатаз.

Украиналда бугеб ахIвал-хIал сабаблъун Шималияб Кавказалъул республикабазда кколел лъугьа-бахъиназе кIвар кьолеб гьечIин Россииялъул информ-алатазилан абизе бегьула.

Крым Россиялда гъорлъ бачIаралдаса хадуб чанги аналатиказ гьеб регион Дагъистаналде дандеккуна. Мисалалъе, экономист Маир Пашаевас рикIкIунеб буго Крым Дагъистангун къацандизе бугин экономикияб нухдаилан. Гьесул пикруялда рекъон, кIиябго республикабазда церетIезе кколел релълъарал сфераби руго.

Цогидал экспертаз хъвалеб буго гьанже Шималияб Кавказалда сеператизм цIикIкIине бугин. Крымалда гьабураб референдум гьаризе жалги риччаилан рахъине бегьула Кавказалъул республикабазда цо-цоялилан рикIкIунеб буго политологаз. Гьединго гьез тIаде жубалеб буго къватIиса экстремистазе бачIунеб гIарцул къадарги цIикIкIине бугилан.

Политолог Руслан Къурбановас араб анкьалда «Новое дело» газеталда хъвалеб буго Россиялдаса экспертазул цогидаб пикру бугин гьеб суалалда тIаса. Мисалалъе, жамгIиялгун-политикиял цIех-рехал гьарулеб Централъул директор Владимир Евсеевас рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда Кремлалъ жиндирго позициял къвакIинаризе ругин.

Живго Руслан Къурбановасул пикруялда рекъон, Крымалда ккарал процессаз хисизе бугищ яги гьечIищ Шималияб Кавказалда бугел ахIвал-хIал, абизе захIмат буго. Амма, экспертас хъвавухъе, цодагьалъ заман индал къватIисел къуватаз хIалбихьизе буго Россиялдаса Кавказ батIа тIезабизе. Гьединго Украиналда ккарал лъугьа-бахъиназ хисизабуна Россиялъул официалил информ-алатазул политика. Гьез гьанже улкаялъул аслияв тушманлъун кавказалъулав вихьизавулев гьечIо, гьанже гьединав тушманлъун ккана «Правый секторалдаса» радикал. «Гьелдалъун бихьулеб буго кавказофобиягун исламофобия Россиялда ургъунго цебетIезабулеб букIин», - илан хъвалеб буго Къурбановас.

«Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовасул пикруялда рекъон Шималияб Кавказ ва хасго Дагъистан ва гьаниб бугеб ахIвал-хIал гьанже Кремлалда цIияб рахъалдасан бихьулеб буго. «Рамазан ГIабдулатIипов президентлъун вачIиналъ бихьизабуна Дагъистаналда хиса-басиял рукIинин», - илан абуна Шведовас. Экспертасул пикруялда рекъон, 90-лел соназдаса политикиял церехъаби республикаялда Кремлалъе къваригIун гьечIо, къваригIун гьечIо цIикIкIараб авторитет бугел политикал, къуват бугел хIакимал.

Кремлалъул цIияб политикаялда лъикIаблъун абизе бегьиладай? Дагъистаналда цIияб нухмалъиялъ лъазабуна ришватчилъиялдагун тухумчилъиялде данде къеркьезе ругин, амма, мисалалъе, кадровияб политикаялъул халгьабураб мехалда бихьулеб буго батIаго щибго жо хисулеб гьечIолъиилан рикIкIунеб буго халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб Къукъаялъул вакил Варвара Пахоменкоца.
Эксперталъ абухъе, Дагъистаналъул микьго мухъазда хисана нухмалъулев, амма гьел мухъазда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисанин абизе захIмат буго. «Кадровияб ротация гурони букIинчIо Дагъистаналда, цIиял чагIи хIакимазул кьеразде рачIинчIо, цоял хIакимал цогидал хIакимаз хисана», - ян абуна Пахоменкоца.

Гьелъул пикруялда рекъон, Дагъистаналда чанги масъала буго тIубазе кколеб. Гьел масъалаби ран руго экономикиял суалазда, социалиял суалазда, политикиял суалазда. Амма аслияб масъалалъун эксперталда бихьулеб буго терроризм. «Терроралъулал такъсирал бищун гIемер кколел регион буго Дагъистан жакъа. ТIадежоялъе Россиялъул регионазда гьоркьоса пачалихъалъул институтал бищун хIалуцараб хIалалда руго Дагъистаналда. ГIадамазул божилъи гьечIо пачалихъалда. Мисалалъе, терактал рукIа, цогидал такъсирал рукIа – гьел гьоркьоса къотIизе ккани, агентурияб хIалтIи гьабизе ккола. Гьеб хIалтIи гьабизе лъалел профессионалал хутIун гьечIо. ТIадежоялъе гIадамазул низам цIунулездехун ккинаб бербалагьи бугеб лъала. Шималияб Кавказалда къуваталъул идарабаз жидерго хIалтIи тIаса ккараб хIалалъ бачунеб буго ва жидерго гьел ишазухъ жаваб кьолеб гьечIо гьез. Гьеб гIадамазда бихьулеб буго ва гьелдалъун гьезда божилъи гьечIо», - илан рикIкIунеб буго Пахоменкоца.

ЖамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкол пикруялда рекъон, гIемерисез рикIкIуна терроризм тIибитIулеб бугин радикалияб ислам сабаблъунилан. Экспертас абухъе, диналъул гIайиб гьеб суалалда цIакъ кIодо гьабун буго.

Максим Шевченко: «Терроризм тIибитIулеб буго, дир пикруялда рекъон, ислам ва диниял къукъаби сабаблъун гуреб. Хас гьабун Дагъистаналда. Аслияб гIиллалъун ккола социалиял гIузраби. Боевиказда гъорлъ руго идеологиялъе гIоло гьенире ккаралги, бандиталги руго, амма гьенире руго гIемер чагIи пачалихъалъул гIунгутIаби сабаблъун ккаралги. Дагъистаналдани пачалихъияб система дида бихьула криминалиябгун феодалияблъун».

Гьединго экспертас тIаде жубана гьеб система хисизе кIолеб гьечIин республикаялъул нухмалъиялда. Гьесул пикруялда рекъон, щивав цIияв хIаким, кинал лъикIал пикрабигун хIалтIизе гьев вачIаниги, гьеб системаялъ къулчIулев вуго. Жибго гьеб системаялъул кьалбазни Москваялде рачунел ругоян абуна ахиралда экспертас.
XS
SM
MD
LG