Пачалихъияб думаялъул депутат ГIумахан ГIумахановас жиндирго гара-чIвариялда бицана Дагъистаналда тIалъиялда ругел гIемерисел нухмалъулел ругин цереккун такъсириял ишазда гъорлъ рукIарал, гьанжеги цо-цо мехалда къанун хвезабулел чагIи. Бицана хас гьабун Гъизляралъул коньяк гьабулеб завод хасав бетIергьанасул кодобе кьеялъул хIакъалъулъ. Депутатасул пикруялда рекъон гьениб республикаялъул нухмалъиялъ къанун хвезабулеб буго.
Заводалъул нухмалъиялда республикаялъул бетIерасул гIагарлъиялдаса чагIи тIамун ругиланги бицунеб букIана. Щвезабулеб бугоан ГIумахан ГIумахановас Халкъияб мажлисалъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидовасда, ХIукуматалъул нухмалъулев хисулев Абусупьян Хархаровасда ва гьабсагIаталда туснахъалъув вугев МухIамадхIусен Насрудиновасда.
Щайха депутат ГIумахан ГIумахановас гьединал лъазабиял гьарулел, сунда рухьарал ругел гьесул ракIалдего гьечIел гьужумал абун суал кьуна "Эркенлъи" радиоялъ Дагъистаналдаса журналист, "Настоящее время" газеталъул бетIерав редактор Фатуллаев Милрадие. Гьесул пикруялда рекъон, гьел лъазабиял ричIчIизе бегьула республикаялда тIалъиялъе гIоло къеркьей хIисабалда. Ай, ГIумахан ГIумахановасе ва гьесда хадур ругел вацал-олигархал МухIамадовазе бокьун бугин Рамазан ГIабдулатIиповасул бакIалда Пачалихъияб думаялъул депутат ГIумахан ГIумаханов ккезавизе.
Фатуллаев Милрад: "Лъалеб жо буго, тIоцеве Рамазан ГIабдулатIипов гьаниве вачIарабго, гьесда хадув ГIумахан ГIумахан республикаялъул бетIерлъун ккезавизе бокьун букIин вацал МухIамадовазе. ГIабдулатIипов цо-кIиго лъагIелалъ президентасул хъулухъги гьабун, гьебги ГIумахановасухъе кьун ине кколев вукIин. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде, гьабсагIаталда ГIумахановас гьарулел лъазабиялги, Гъизляралъул заводалъул хIалтIухъабазул рахъкквейги, гьел киналго ишаз бицунеб буго гьев нухмалъи гьабизе гIедегIун вугилан".
Цо-цо политологазул пикруялда рекъон, Гъизляралъул заводалда депутат ГIумахановасул жиндирго мурадал рукIун руго. Республикаялъул нухмалъулезин абуни гьеб цоги чагIахъе кьолеб буго. Гьеб квеш бихьун, республикаялъул тIалъиялде тIадецуй гьабиялъул мурадалда гьарулел руго гьел гьужумалин абун. Амма Фатуллаев Милрадида гьеб пикру мекъаблъун бихьулеб буго. "Дида гьес гьарулел лъазабиязулъ политика гурони, экономикиял интересал халлъулел гьечIо", - ян абуна гьес "Эркенлъи" радиоялъе.
Рехсараб гара-чIвариялда ва депутат ГIумахановасул лъазабиязда тIаса жиндирго пикру загьир гьабуна "Миллат" газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамадицаги. Гьесул пикруялда рекъон, ГIумахановасул гьужумаздаса бихьулеб буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабудулатIипов олигархазул асар жинда гьечIев, жиндирго политика билълъанхъизабулев нухмалъулев вукIин. " Гьаниб унеб буго республикаялъул буголъиялда – ралъдал порт, аэропорт, коньякалъул завод ва анцI-анцI цогидал объектазда сверухъ къеркьей. Олигархаз хIал бихьулеб буго ГIабдулатIиповасда асарги гьабун жидеего бутIа тIезабизе. ГIумру политикиял хIаяздаги, гьезул сихIрабаздаги жанир арав Рамазан гуккизе бигьалъулев гьечIо гьезие", - абун пикру загьир гьабуна М. БисавгIалиевас.
МагIарулазул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев хисулев Маркъо ШагIбановасул пикруялда рекъон, республикаялъул нухмалъиялде ГIумаханов вачIиналъул бицине бакI бихьулеб гьечIо. Гьесул ракIчIун буго гьел киналго лъазабиязул ахирисеб мурад республикаялъул нухмалъиялда тIадецуй гьаби букIин. "Кинабго гьеб ахIи-хIур буго заводалда сверухъ бахъараб ахIи-хIуралъул хIасил. Экономика буго гьаниб, политикаги буго. Заводги, портги, аэропортги, цогидабги кодобе щвеялъул мурадалда политикияб тIадецуй гьабизе кколеб буго ГIумахан ГIумахановас ва гьесда хадур ругел политикиял къуватаз",- ин абуна Маркъо ШагIбановас.