Амма Артюхов директорлъун толеб къоялъ заводалъул хIалтIухъаби гьениве гьев виччаларилан, рагьун дандечIей бихьизабизе лъугьинчIониги, Гъизляралъул казаказул атаман Владимир Сторчакица прокуратураялде гIарза хъван буго.
Владимир Сторчак: «Нижеца шагьаралъул прокуратураялде гIарза кьун буго Олег Артюхов заводалъул директорлъун теялда тIасан. Гьанже гьенисан кинаб жаваб бачIунебали ралагьун чIун руго. Нижер хIисабалда, гьеб буго къанун хвезаби. Щайин абуни заводалъул хIакъикъияв директор Дружинин унтун, хIалтIуде вахъунев гьечIо. Гьевин абуни хIалтIудаса вахъулев вуго».
Олег Артюхов ккола Дружининил бакIалда тезе хIукму гьабурав лъабабилев директор. Гьесда цере гьенир тезехъин рукIана ШугIайбовги Ключановги. ШугIайбов ккола росдал магIишаталъул министерлъиялдаса хъулухъчи. 17 апрелалда заводалъул кIалтIуги ккун рукIана хIалтIухъаби. Гьеб къоялъ ШугIайбов гьениве вачIинчIо. Гьесда цевехунги, 14 апрелалда гьенив директорлъун тезехъин вукIана Гъизляралдасаго Ключанов абурав чиги. ХIалтIухъабаз гьевги виччачIо заводалде.
ТечIого гIолел ратичIони, генералияв директорлъун Дружининги тун, гьесдаса хадусел чагIилъун тейин ШугIайбовги, Ключановги, цойги бокьарав чигиян чIун рукIана Гъизляралъул гIадамал. Амма гьаб нухалда щаялиго Артюхов виччана гьез заводалда жаниве. Гьбе заводалдаги жибго Гъизляр шагьаралдаги гIемерисел гIурус миллаталъул чагIи рукIин батилин гьелъие гIиллаян рикIкIунеб буго цо-цояз.
Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалда тIасан гIемер бицунеб буго, гIемерисеб мехалда кутакалда рекъечIел, чорокал харбалги руго. Масала, абулеб буго Москваялде щвезегIан ругин гьеб заводалда тIад жидерго магъалоги лъун, кверщел гьабулел чагIи. Гьединлъидал республикаялъул бюджеталдеги заводалъ кьун гьечIо пачалихъалъ тIад лъурал магъалабаздаса 300 млн гъурущ.
Дагъистаналъул нухмалъулес цо нухалда Халкъияб Мажлисалда абуна цин акциячагIазул гIуцIиялдеги сверизабун, балагьилила гьеб заводалъе нухмалъиялъул кинаб къагIида данде кколебали. Амма Гъизляралъул казаказул вакил Владимир Сторчакил пикру гьадинаб буго.
Владимир Сторчак: «Гьеб буго унго-унгояб рейдеразул гьужум. РачIун цо гIадамаз кверщел гьабулеб буго заводалда. Цинги гьеб банкроталдеги ккезабун, кепкил багьаялде бичун босизе буго гьез, хадуб приватизация гьабизе буго».
Щал гьел, заводалда кверщел гьабизе къваригIарал гIадамалин гьикъидал, Сторчакица абуна республикаялъул нухмалъиялде гIагарал чагIи кколин гьел.
Владимир Сторчак: «Заводалде риччаларин гIадамаз дандечIей гьабулеб букIаниги, тIокIалъ чIечIого гьанире ритIун министразул къадру хвезабизе тIалъиялдаса чагIазда гурони кIоларелъул».
1 млрд 400 млн гъурщиде чорокаб спиртги босун, гьелъул коньяк гьабулеб букIун буго гьениб. Гьеб буго республикаялъул нухмалъулес прессаялъе кьураб баян. Амма цевехун рехсарав Сторчакица гьадин жаваб кьолеб буго гьелъие.
Владимир Сторчак: «Москваялдаса бачIун коньякалъул халгьабулеб буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз. Гьаниб чорокаб спиртги жубан гьабулеб рагIулин коньякилан абурал харбал гIемер руго. Амма гьелъие нугIлъи гьабулел хIужаби гьечIо».
Олег Артюхов заводалъул директорлъун теялда тIасан республикаялъул нухмалъиялъ гьабураб официалияб лъазаби гьечIо.