Ссылки для упрощенного доступа

Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул багьа чIезабулеб буго


Dagestan / Kizlyar Cognac Plant
Dagestan / Kizlyar Cognac Plant

Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул къисмат дандбазе 28 апрелалда Гъизляралде данделъун рукIана Дагъистаналъул лъабго министерлъиялъул вакилзаби - росдал магIишаталъул, миллияб политикаялъул ва мал-мулкалъул министерлъиялъул.

Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул буголъиялъул гуребги, багьа гьабизе ккола жибго гьелъул брендалъулги, дармилаб маркаялъулги. Гьедин абуна гьеб заводалъул хадусеб къисмат дандбалеб данделъиялда.

Мал-мулкалъул министр Юзбековасул баяналда рекъон, республикаялъул бюджеталде гьеб заводалъ санайилго кьола 2 млрд гъурущ. Амма цо данделъиялда республикаялъул нухмалъулес абун букIана гьеб заводалдаса магъалабазул 300 млн гъурущ щун гьечIин республикаялъул бюджеталде.

Гьединго заводалда тIад бугин цо млрд гъурщил налъи.

Коньяк гьабулебин цIар букIаниги, Гъизляралъул заводалъул гьечIо жиндирго цIолбол ахал. Коньякалъе хIажатаб материал гьелъ батIи-батIиял цIолбол магIишатазухъа босулеб буго. Цебехун бицараб данделъиялда абуна заводалъ хехлъи гьабун тIубазе кколин жиндирго цIолбол ах гIезабиялъул иш.

Амма гъабу чIезе пачалихъалъ гьелъие субсидиял кьун бажарулеб рагIуларо гьабсагIаталда. Щайгурелъул гьелъул буго ГУП абулеб къагIида – пачалихъияб унитарияб предприятие.

АкциячагIазул гIуцIиялде гьеб сверизабуни, заводалъул гIемерал ресал рукIине ругин, гьединго жиндирго цIолбол ах гIезабизегиян бицана доб хIукуматалъул данделъиялда.

Дагъистаналда цIолбол ахал аслияб куцалда хинаб рахъалдехун, Дербент мухъалдехун, руго. Гьелги гьанже хадур, ахиралда, чIарал дагьалго жал руго. Щайин абуни советияб пачалихъ биххулеб заманалда, гьакълиде данде рагъ балебин абун, цIолбол ахал гъурун рукIана киса-кирго.

Амма цо-цо экономистаз абулеб буго Дербенталдаса баччараб цIибил гIоларин Гъизляралъул заводалъе. Гьеб цIибил къваригIунин Дербенталда бугеб кIиябго заводалъеги – шампанское ва коньяк гьабулел заводазе.

Гьединлъидал Гъизляралъул заводалъе хIажалъулин жиндирго ах. МахIачхъалаялдагун Хасавюрталда гьоркьоб гьелъие бакI балагьулеб букIанин абурал баяналги руго.

Бичулеб бугони, жибго гьеб заводалъул багьа чIезабун гьечIо жеги. Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, гьанжелъагIан Россиялда Гъизляралъул завод лъикIаб коньяк гьабулеб завод хIисабалда лъалелъул, гьелъул багьа-къадар чIезабулеб мехалда кутакалда кIвар букIине буго заводалъул брендалъулги.

Гьединго пачалихъияблъун кколеб гьеб завод акциячагIазул гIуцIиялде щай сверизабизе кколебалиги бичIчIулеб гьечIо цо-цоязда. Масала, экономист ТIагьир Хучбаровасда.

ТIагьир Хучбаров: «АкциячагIазул гIуцIиялде сверизабула хайир кьолареб, пачалихъалда тIад баччун бугеб завод. Гъизляралъул заводалъин абуни бащдаб миллиардалдасаги цIикIкIун гъурщил хайир кьунин рагIана дида кIиго соналъ цебего.

Гьелдаго тIаде хас гьабун Кремлялъе къайи чIезабулел предприятиязда гьоркьобги буго Гъизляралъул завод. Республикаялъул нухмалъулес цо данделъиялда 4 млрд абун рехсон букIана гьелъул багьа.

Амма кинабго жо данде кIутIани, 10 млрд гъурщидаса дагь букIине бегьуларо коньяк гьабулеб Гъизляралъул заводалъул багьа. Дир хIисабалда, тIалъиялда ругел чагIазе бичулеб батула гьеб.

«Денеб» заводалъего гIадаб жо ургъулеб бугин ккола гьелъиеги. Пачалихъалъул кверщаликь букIараб гьеб, хадуб Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовасул васасе учузаб багьаялде гурищ гьеб бичараб?»

Цо-цо цIакъго диналда тIад чIарал дагъистанияз коньяк гьабулеб завод хIарамаблъун рикIкIунеб буго. Гьединлъидал бусурбанчи гьенив кин хIалтIулевин абураб пикру буго гьезул.

ЦIакъго гIемер гьеб пикру рагIизе бегьулаан гьеб заводалъе нухмалъи гьабизе цин Дербенталъул заводалъул директор СагIадулаев МухIамад, гьесдаса хадув росдал магIишаталъул министерлъиялдаса хIалтIухъан ШугIайбов Шамиль тIамулев вугин рагIидал.

Заводалъул хIалтIухъабаз ахIи-хIур бахъинабун хадур гьезул цонигиял рачIинчIо гьенире. Жибго заводалда хIалтIулелги шагьаралда гIумру гьабулелги гIадамазул 60 процент гIурус миллаталъул буго. Гьедин гьеб завод цIунун митингал гьарулел чагIиги аслияб куцалда казакал руго.

Гьезго Гъизляралъул прокуратураялде гIарза хъван буго чанго къоялъ цеве Дружининги вахъун гьенив директор Олег Артюхов абурав чи теялъе къануналъ къимат кьеян абун.

ПалхIасил, Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалда тIасан буго цойги баянги. Абулеб буго гьеб босизе къваригIун бугин вацал-олигархал МухIамадовазеги, Пачалихъияб Думаялъул депутат МухIамад ХIажиевасеги.
XS
SM
MD
LG