Дагъистаналде Олимпиялъул цIа щвезе буго январалъул къоло анкьабилеб къоялъул сагIат 11 тIубалеб гIужалъ. МахIачхъалаялъул аэопорталде гьелда дандчIвай гьабизе буго машгьурал спортсменазги волонтеразул кIудияб къукъаялъги. Олипиялъул хIаялъул цIа бакизе буго президент Рамазан ГIабдулатIиповас
Зайнал Салаудиновас данделъаразе мухIканго бицана кин гьеб къо Дагъистаналда тIобитIизе бугебали. Байбихьуда гьес кIвар буссинабуна Олимпиялъул цIа Дагъистаналде бачIин гьеб спортивиябгун жамгIияб гIумруялда жаниб цIакъ кIудияб лъугьа-бахъинлъу
Байбихьуда цIагун рекеризе ругел спортсменазул сияхIалда вукIун вуго 270 гIансев чи амма 67 чиясде щвезегIан къокъ гьабун тIасарищанин гьел. Гьеб щай къокъ гьабурабилаан абун жиб-жиб къоялъ телефоналдасан ахIун бачIиналъ тату хвезабун бугиланги мукIурлъана Зайналов.
Зайнал Салаудинов: «ЦIакъ гIемерал чи кIалъан вачIунев вуго телефоналдасан ва битIараб бицани дир тIубараб къо унеб бугин абизе бегьила щай цIа босун ине ругел спортсменазул къадар дагь гьабурабали гьезда бичIчIизабулаго. ГIиллаби гIемерал руго, кин бугониги 270 чиясда гьоркьоса 67 чиясде щвезегIан чи дагь гьави бигьаяб масъала букIинишха. ХIукму ккана олимпиялъул цIа босун ине бищун мустIахIикъал ругин дагъистаналда спорталдагун жамгIияб гIумруялда жаниб кIудияб бутIа лъурал гIадамалилан. Гьенир руго профессоралги руго тIадегIанал цIалул идарабазда дарсал кьолелги, олимпиялъул хIаязул чемпионалги. Дир гьелда гъорлъ гIахьаллъи гьечIо. Спорталъул министерлъиялда дица абуна нужецаго ритIе кагъталги щибаб муниципалитетазу
Гьединго гIемерисезда бичIчIулеб гьечIо щай Олимпиялъул цIагун рекерулеб тадбир гIицIго «Анжи Арена» стадионалда тIобитIизе бугебалиги. ГIемерисел чагIазул пикру букIун буго респубикалъул чанго щагьар къотIун рекеризе ратилин спортсменалилан . балатIа гьединаб букIун буго Сочиялда тIоритIулел хIаязул гIуцIарухъабазул
Терактаздаса цIуна -къаялъул мурадалда яги цогидал гIиллабазда бан гьабураб хIукмуйищин гьеб кколебан гьикъидал, жинда лъалеб жо гьечIин гьеб бугин тIасанхун Москваялда, Сочиялъул олимпиадаялъул рахъалъ комитеталъул хIукмуян бицана Зайнал Салаудиновас «Эркенлъиялъе»
Олимпиялъул хIаялгун «Анжи-Арена» сверун векеризе вугезул цояв машгьурав гугарухъан КъурамухIамад КъурамухIамадова
КъурамухIамад КъурамухIамадов: «Кинавго чIагояв чиясе гIадин диеги кIудияб асар гьабуна олимпиялъул цIа босун ине ругезул кьерда гьоркьоб диеги бакI кьезе бугилан абун бициндал. Гьеб цIакъ кIудияб рохел ккола дагъистаналъе. Школалда цIале лъималазе рес щвезе буго олипиялъул цIа босун унеб куцалъухъ балагьизе. Тарихалдаса нилъеда лъала олимпиялъул хIаязул заманалда цIа босун унеб мехалъ рагъцин чIезе толеб букIин. Гьедин жакъаги гьал кьвагьиялгун чIвай-хъвеязул бидулаб дандерижи чIезабизе, гьеб цIаялъул мисалалда квешлъи нахъчIвазе бокьун бихьизабизе ракIалда буго нижеда, спортсменазда. Гьелъие ниж кидаго хIадурал руго».
27 январалда Олипиялъул цIа Дагъистаналъул спортсменаз босулеб куц бихьизе Анжи аренаялде рачIине бокьарал чагIазе рес щвезе букIине хIадурлъи гьабулеб буго спорталъул министерлъиялъ. Дореги нахъеги гIадамал раччизе хасал автобусалги чIезарун руго, гьеб кинабго тадбир нухда бачине буго 400 гIанасев волонтерас. МахIачхъалаялда щуго бакIалда букIине буго гIадамал ракIарулеб бакI. Стадион «Трудалда» ва «Университеталъу