Сочиялда тIоритIизесел XXII хасалил Олимпиял хIаязда сверун тIубараб ахIи-хIур бугин абизе бегьула россиялъулги къватIисел улкабазулги информалатазда. Инсанасул ихтиярал цIунулезул кIудиял претензияби руго нухмалъиялде гьел хIаязде хIадурлъулеб мехалда къанунал хвезариялъул гIемер хIужаби рукIинаялда бан.
Халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъулги руго жидерго гIарзал, нилъ тамашалъизарулел цого жинсалъул гIадамазул гьоркьорлъабазде щун.
Кинаб политика билъанхъизабизе бугеб россиялъул нухмалъиялъ Шималияб Кавказалда гьедигIанго кIудияб кIвар кьураб Олимпиада лъугIун хадуб?
Машгьурав социолог ва гIалимчи Энвер Кисриевас хьул загьир гьабулеб буго Олимпиял хIаязда хадуб Дагъистаналде сахаб магIна ва хIакъаб цIодорлъи нахъ буссине букIиналде. Проблемаби, хасго исламалда хурхарал, рагIалде рахъинариялъул пуланал гIакъилал къагIидаби хIалтIизаризе байбихьизе бегьиялде. Аммаян абулеб буго гьес, нухмалъиялъул гьел хIаязда хурхун ругин хIинкъиял, паника бугинцин абизе бегьулин ва гьединаб хехаб къагIидаялда хIакъаб пайда кьолел хIукмуял гьариялде хьулал жиндир хутIулел гьечIин.
Энвер Кисриев: «Гьединаб ахIвал хIал букIана 80-леб соналъул Олимпиадаялда цебеги, Афгъанистаналде Совет Союзалъул рагъул къуватал ритIиялъе гIоло Магърибалъ бойкот гьабиялде ахIулеб мехалда. Гьанжеги руго гьединал ахIиял. Гьеб гуребги, чIечIого бицунеб буго "рохьосан" Олимпиадаялъе бугеб хIинкъиялъулги. Гьебги хурхинабула гIицIго кавказалъулазда, хасго дагъистаниязда. Дицани, мисалалъе, рикIкIунаро, гьел олимпиял хIаязе кавказалъулаздаса хIинкъи бугин. Гьанже загьирлъулеб хIакъикъаталъул буго инерциялъулаб хасият. Гьай-гьай, цинтIаго кинабго жо хисизе бугин, абизе, захIматго буго.»
Дагъистан ва тIолабго регион парахатаб, ракълилаб хIалалде буссинабизе ккани, гьеб сах гьабизе ккани, квешал хIасилазде данде гурел къеркьезе кколел, къеркьезе ккола гьединал хIасилал кьолел багьанабазде данде. Гьеб хIакъикъат ракIалде босизе кколин тIоцебего улкаялъул нухмалъиялъги, къуватиял структурабазгиян, абулеб буго гIалимчияс.
Энвер Кисриев: «Дир ракI чIараб буго, мотивация бижинабулел кIуди-кIудиял харжалги кьун, Дагъистаналде полициялъул хасал къокъабазул кIудияб къадар битIиялъ, хъачIал, бакIалъулал гIадамал рикIкIунареб къагIидаялда тIадбирал тIоритIиялъ, республикаялъул халкъалъул рахIат хвезабун букIиналда, хасго гIолохъанлъиялъул.
ОМОНалъулазул чIухIараб ва тIаса араб хьвада-чIвадиялъ гIолилал гьесизарулел руго дандечIеялде, бецIизабиялде, гIадамазул цIим бахъинабулеб буго гьеб киналъго.
Гьел къуватал нахъе рачине ккола, дир пикруялда. Дигъистаниязги киналго цIодорал гIадамазгогIадин адаб гьабула низамалъул. Гьезда жидедаго кIвезе буго террористал чIезаризе. Гьелъиейин абуни, къваригIун буго дин билъанхъизабиялда хурхураб тIаса гьабулеб регламентациялдаса инкар гьабизе.
Исламалъул гIадатияб гуреб къагIида билъанхъизабиялъе гIоло гуреб гьабизе кколеб тамихI, гьеб гьабизе ккола гIицIго гIадатиял гражданияб букIа, уголовияб букIа кодекс хIалтIизабун. Диналъул гIаркьелазде агрессия загьир гьабиялдаса инкар гьабулеб букIарабани, цинтIаго гуреб, бигьагьабун дандечIей гIодобе ине букIана. Бигьа-гьабун, щайгурелъул инерциялъ толаро цинтIаго ахIвал-хIал хисизабизе. ТIубараб наслу бижана гIадатияв гурев бусурбанчи гIицIго терорист хIисабалда вихьулеб, антиисламияб психозалъул атмосфераялда. Гьеб гьезулъа гьедигIанго хехго ва бигьаго нахъе унаро.»
Гъабардагун Балкариялдаса машгьурав инсанасул ихтиярал цIунулев ва жамгIияв хIаракатчи Ибрагьим Ягьановас абулеб буго, Олимпияда лъугIинелъухъ жидер халкъалъул цо бутIа хIинкъигун балагьун чIун бугин.
Ибрагьим Ягъанов: «Нижеда бихьулеб буго Олимпиадаялъул объектал гьанжеги рагIалде рахъун гьечIеблъи. МоцIцин гуреб заман хутIун буго, цо-цо объектал лъугIунцин гьечIо. Олимпиял объектал рана махшел дагьал, хIалтIухъ харж кьечIого хутIулел рукIарал гастарбайтераз. БитIараб бицани, нижер хIинкъи буго Олимпиада нухмалъиялъул ракIалда букIахъе тIобитIичIони, гIайибиял ралагьизе рукIиналда. Гьезул "гIайибиязул" сияхIалда гъорлъ рукIинарищха черкессалги. Ниж байбихьудасаго данде рукIана гьединаб къагIидаялда Олимпиада гьаниб тIобитIиялде. Гьединлъидал нижер ургъел буго Олимпиадаялда хадуб нижеда хурхун, жамгIиял гIуцIабазда хурхун, хасго черкессазул жамгIиял гIуцIабазда хурхун, репрессияби рукIине бегьиялда бан. Халкъалъул аслияб бутIаялъулги ургъел буго Олиимпиада лъугIун хадуб ахIвал-хIал кьучIодасаго хIалуцине бегьиялда бан.»
ЭР. Дур пикруялда, Олимпиадаялда низам цIуниялъейин абун рукIаразде тIадеги регионалде щвезарурал къватал нахъе рачин «рохьилаз» хIалтIизабизе бегьулищ жидеего санагIатаб момент хIисабалда? Халуцине бегьулищ ситуация регионалда?
Ибрагьим Ягъанов: «Террористалин лъазарун, ралагьулел гIадамазул Гъабардагун Балкариялда киданиги вукIинчIо 30-ялдаса цIикIкIун чи. Гьаниб загьирлъулеб кинабго жо нижеца рикIкIуна лъилалиго проектлъун.
Коррупциялде, тероризмалде данде къеркьей абураб жо цебего буссун буго пачалихъалъе нухмалъи гьабиялъул къагIидаялде, формаялде. Террористазде данде рагъулаянги абун, гьаниб, Шималияб Кавказалда цо-цо къокъабаз жидерго политикиял ва экономикиял масъалаби тIуразарулел руго хIакъикъаталдаги.
Жиб-жиб республикаялда Жанисел ишазул министерлъиял руго, руго МВДялъул рагъул къуватал. Гьел гIечIого хIалтIулел руго лъиданиги берцинго лъаларел хасал къокъабиги. Ахирисел ракIалдаги гьечIого ракIкIула, жидеего къваригIарал чагIиги чIван, гьединго цинтIаго цересаги тIагIуна. Гьанирни гьезде абула "Хвалил эскадроналин".
Дир пикруялда, Дагъситаналда, Чачаналъ, Гъалгъазул республикаялда ва гьанир, Гъабардагун Балкариялда цебе букIараб къуваталъул гIунги тIокIал ресал рукIана низам чIезабиялъе. Терроризмалде данде гуребги, бокьараб цогидаб такъсиричилъиялде данде къеркьеялъе. Хас гьабун къуватал цIикIкIинабиялъул кинабгIаги магIна ва асар букIине гьечIо. ХIакъаб суал буго хурхараб гьел къуватазул махшелалда, профессионализмалда ва гьезие гьеб балагьалде данде хIакъаб къагIидаялда къеркьезе бокьун букIиналда хурхараб.»
Журналист ва политолог Иван Суховасул пикруялда, тIадтаразе бокьун гьечIо Олимпиада лъугIинчIого, бугеб ахIвал-хIалалде гъорлъе лъугьине, гьениб дагьалъги ситуция хIалуциналдаса хIинкъун. Гьедин рикIкIун, цо-цоял божулел руго гьаб соналъул ихдал Шималияб Кавказалда кIвар кIудиял хиса-басиял байбихьизе ругин нухмалъиялъин ва гьелдаса ахIвал-хIал регионалда лъикIлъизе бугин. Суховас абулеб буго гьеб гIададагосеб хьул кколин.
Иван Сухов: «Гьанжеги бихьулеб гьечIо кинабгIаги багьана регионалда реформаби гьаризе байбихьизе букIиналда божиялъе. Щайгурелъул Олимпиада ракIалде босичIоницин, ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул кинабгIаги концепция тIадтаразул букIинчIелъул. Гьез киданиги гьединал къагIидабазул тема загьир гьабун букIинчIо.»
Щибха гьабизе кколеб гьединал мурадазде щвезе ккани, абураб суалалъе жаваб кьолаго, Суховас абулеб буго, кIвар кIудияб ва аслияб жо жакъа кколин, «щиб къваригIунин Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъе?» абураб суалалъе жаваб кьолел эспертазул пикру цолъизаби. Гьеб хIалтIуда гIахьаллъизе кколин жибго регионалъул эксперталги. МухIканлъизабураб жидерго идея яги программа гьез гIунтIизабизе кколин улкаялъул тIадтараздейин.
Иван Сухов: «Дида ккола гьеб бугин бищунго баянаб къагIида. Дида ккола гьеб къагIидаялъ чIаголъизабизе бугин регионалъул «хIалтIулареб» экономика.
Гьабизе ккола ракьазул реформа. Гьаризе ккола мунициапалиял реформаби.
РукIалиде рачине ккола къуватиял структурабазул хIалтIул къагIидаби. Жакъайин абуни, Шамалияб Кавказалда ахирисезул хьвада-чIвадиялде балагьун, кколеб буго гьеб жиндирго планалда рекъон хIалтIулеб, пачалихъалъул интересазул ургъел тIоцебесеб бакIалда лъолареб, батIа чIараб струтура бугин. Гьелъул хIалтIуда къваригIуна гражданияб контроль, гьелъул хIалтIи баянаб букIине ккола.
Цогиги баянаб къваргIел ккола кадрабазул политикаялъул реформаби. Руго жидер рацIалъиялда бан щаклъи бугел элитабазул къокъаби. Низам чIезабизе кумек гуреб гьез гьабулеб бугеб, гIагсалда, квал-квал гьабулеб буго. Буго мекъаб пикру, гьел жидерго асаралдаса махIрум гьаруни, гьебго заманалда талъиялде радикалал рачIунин абураб. Дир пикруялда, гьеб гьедин гуро. Шималияб Кавказалда буго жиндирго потенциал, ахIвал-хIал гьединаб хIалалде ккезе риччангутIиялъе.
Хисизабизе ккола конфессионалияб политикаги. Дир пикруялда, ислам диналъулгун гьоркьорлъаби гIуцIулеб мехалда пачалихъалъ гIадахъе босулеб буго гIицIго "официалиябин" рикIкIунеб исламалъул бербалагьи ва цогидал диниял гIаркьелазул вакильзаби рихьизарулел руго террористаллъун. Гьебго бербалагьи кьучIое босун билъанхъизабулеб буго антитеррористияб политикаги.
Гьанже гIадатияб ва гIадатияб гуреб исламалъул гIадамазда гьоркьоб цоцаде дандечIей тIагIунеб буго. Хасго гIолохъабазда гъорлъ гьединаб диналда жанисеб рокьукълъи дагьлъулеб буго ва пачалихъалде данде чIолезул контингент хисулеб буго. Гьединлъидал гьеб рахъалда хIукуматалъулги цIияб бербалагьи букIине ккола ва хIалтIизаризе ккола цIиял къагIидаби.»
Суховасул рагIабзда, цо-цо экспертаз гьанжеялдего гIага-шагарго регионалъул «унтабазул» диагноз лъун бугин абизе бегьула. Амаян абулеб буго гьес, дурусго гьаб бакIалда захIмалъаби загьирлъулел ругин ва гьел хурхаралги ругин россиялъул политикияб машиналъул гIуциялда. Пачалихъалъул сфералда ругин экспертазул церелъеял къабул гьабичIого хIутIизе бокьарал хъулухъчагIи, къокъаби.
Иван Сухов: «У, цо-цо экспертаз жидерго церелъеял информалатазда загьир гьарулел руго. Гьел гIумруялде рахъинариялъе къваригIуна халатаб заман. Гьел кколаро цинтIаго, моцIалда яги моцIазда жаниб хIасил кьолеб хIалтIи. ГIагарисеб заманалдайин абуни, дир пикруялда, ахIвал-хIал тIадеги хIалуцинецин бегьула. Щайгурелъул гьанже регионалда бугеб система хIутиялъул интерес бугел гIемер чагIи ва къокъаби ругелъул. Гьезул мурад ккола гьеб система бажарараб гIанаб заманалъ хутIизаби, гьелдаса рачIунел дивидендал ракIалдеги росун.
Политикияб нухмалъиялъеги экспертазул церелъеял абизегIанго ракIалъе гIолел гьечIо, гьел гIумруялде рахъинариялъе халатаб заман къваригIунеб букIин ракIалдеги босун. Жакъасел политиказе къваригIуна хехаб эффекталъул ишал. ТIадтарал экспертазул пикрабазухъ гIенеккизаризе цIакъ захIматаб масъала ккола жакъа.
Гьез жидецагоги чIечIого гIамал гьабула жидерго пикраби тIаде гIунтIизариялъе. Бугеб ахIвал-хIал хутIаниго лъикI букIинин нилъее, цияб хIалуцин, цIиял кьвагьиял, проблемаби раккиялдаса. Бугелдаса квешаб хIалалде ккечIого чIани, лъикI букIинин, абурал пикраби загьир гьарулел жаваб щолел руго гьезухъе.
Цогидаб рахъалдаса балагьани, бугеб системаялъги нилъ рачунел руго бугелдасаги захIматаб хIалуциналде. Загьирлъилищщ гьединаб хIалуцин гьаб 2014 соналда? Гьединаб прогноз кьезе захIматаб жо ккола.»