Эльдаровасул къватIалда бугеб минаялда жаниса къватIир рачIана кIиго лъимерги цо чIужугIаданги, жанир хутIарал «рохьилаз» инкар гьабуна кверда рачIиналдаса. Гьезда ва низам цIунулезда гьоркьоб кьвагьдей байбихьана. ЦIияб Кяхулаялдаса информация «Эркенлъи» радияолъе щвечIо.
Гьал къоязда Дагъистаналда чанги нухалда лъазабун букIана терроралда дандечIараб низам. Гьеб лъазабун букIана Сергъохъала мухъалда (гьенив чIвана цо рохьилав, цогидазе тIуризе кIвана), Казбек мухъалдаги лъазабун букIана (гьенир щалго ратичIо къуваталъулазе).
Ахирисеб кIудияб хасаб операция Семендералда тIобитIана. 17 январалда къаси Семендер росулъ сверун ккуна изну гьечIого яргъид гIуцIарал жанир ругел мина. Хасаб операциялда чIвана анкьго чи – гьезда гъорлъ ратана «МахIачхъалаялъулаб» абулеб рохьилазуллъун рикIкIунеб къокъаялъул цевехъан МахIмуд ГIалиев.
Низам цIунулезул баяназда рекъон, гьеб къокъаялъ чанги такъсир гьабуна МахIачхъалаялда. ГIаракъи бичулел тукеназда кьвагьиял гIуцIана, полициялъул хIалтIухъаби чIвазе хIалбихьана чанги нухалъ, бизнесменазухъе «флешкаби» ритIулел рукIана. Гьез гьабураб ахирисеб такъсирлъун рикIкIунеб буго «Золотая империя» рестораналда аскIоб ккараб кьвагьи. ЦIех-рехалъул комитеталъул лъазабиязда рекъон, гьеб лъугьа-бахъиналда лъукъана 16 чи, гьезда гьоркьосан анлъгояв жеги азарханабазда руго.
ХIинкъи гьечIолъиялъул рахъалдасан Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб букIана цодагьалъ цебе тIобитIараб Терроралде дандчIараб республикаялъулаб комиссиялъул данделъиялда.
Гьеб данделъиялда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIадбулатIиповас абуна экстремизмалъул идеологиялда дандечIараб хIалтIи гьабулеб гьечIилан Дагъистаналда ва гьелдалъун гьеб идеология гIолилазда гъорлъ тIибитIулеб бугилан. Гьединго ГIабдулатиIповас абуна росдал джамагIаталъги гьеб сулалъе кIвар кьезе кколилан.
Вице-премьер Рамазан Джафаровас рохьилазда ва гьезул кумекчагIазда хъинтIараб статистикаялъул бицана. Гьесул рагIабазда рекъон, гъоркьисала Дагъистаналда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул 160 чи, ккун руго 215 «рохьилав» ва гьезул кумекчагIи, жалго кверде вачIана 27 «рохьилав».
Данделъиялда гьединго абуна республикаялда ругел киналго мадрасазе аттестация гьабизе кколин ва гьеб гьабизе кколин КъургIан ва Ислам лъалел гIалимчияз илан. ГIабдулатIиповас ахиралда тIаде жубана халкъиял дружинниказул хIалтIиги цIигьабизе кколин ва гIагараб заманалда республикаялда динияб конференцияги гьабизе кколин. Низам цIунулезда ГIабдулатIиповас абуна республикаялда бачIунеб ва гьанисан унеб транспорталда хадуб хал кквеян Волгоградалда ккарал гIадал такъсирал такрарлъичIого рукIине.
РакIалде щвезабила, декабралъул ахиралда Волгоградалда кIиго теракт ккана. Гьел терактазда хвана 34 чи, лъукъана 106 чи. «Вилаят Дагестан» абураб экстремистазул сайталда гьал къоязда баккараб информациялда рекъон, гьел такъсирал гьаруна «Ансар аль-Сунна» абураб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъ.
БатIи-батIиял сайтазда хъван бугеб информациялда рекъон, «Ансар аль-Сунна» ккола ГIиракъалда бугеб рагъулабгун-исламияб къокъа. ГIиракъалъул хIукуматалда ва Америкаялъул цолъарал штатазде данде къеркьеялъе 2003 соналда рагьараб къокъа бугин гьебиялан хъвалеб буго интернеталда.
«Вилаят Дагестан» Сайталда лъун бугеб видеороликалда бихьизабулеб буго кин гьел хадIурлъулел рукIарал терактал гьаризе. «Ансар аль-Сунна» къокъаялъул цевехъана ГIумарил лъазабиялда хъван буго жеги чанги такъсир гьабизе бугин жидеца Россиялда, хас гьабун, Олимпиада Сочиялда унеб мехалъ илан. Гьеб кинабго жо провокация бугилан рикIкIунеб буго Россиялъул экспертаз.
«Взгляд» газеталъе кьураб интервьюялда Рагъулаб прогнозазул централъул нухмалъулев Анатолий Цыганюкас абуна «Ансар аль-Сунна» цIар бугеб къокъаялъул хIакъалъулъ цебе лъиданиги рагIун букIинчIилан, амма гьединал къокъаби дуниялалда гIемерлъулел ругин ва Белорусиялда цин ракун ругилан. Пачалихъияб Думаялъул хIинкъигьечIолъиялъул комитеталда гъорлъе унев Анатолий Выборныясни абуна, гIадамазда гъорлъ рихха-хочи баккизабизе гьабураб ролик бугин «Ансар аль-Сунна» къокъаялъ бахъараб видео.
Цогидал экспертаз абулеб буго «Ансар аль-Сунна» къокъаялъул вакилзаби Дагъистаналдаги ракун ругилан ва гьелдалъун Сочиялда олимпиял хIаял лъугьун хадур респбликаялда кIудияб рагъулаб операция тIобитIизе бугилан.
ЖамгIияв хIаракатчи Сулейман Уладиевасул пикруялда рекъон гьединаб операция Дагъистаналда гьаби щакаб жо буго.
Сулейман Уладиев: «Лъие ва щибизе гьеб къваригIун бугеб? Лъида данде гьеб гьабизе бугеб? Гьел суалазе чIванкъотIараб жаваб батулеб гьечIо. Хасал операциял Дагъистаналда щибаб анкьалъ тIоритIулел руго, гьезул хIасилалги рихьулел руго. Гьединал операциял гIемерлъизе ратила, амма рагъулаб операция букIине бугин абураб жоялда дун божуларо. Гьелъие кинабгIаги гIилла гьечIо. Дун божулев вуго Россиялъул политикияб нухмалъиялъе къваригIун гьечIин Сочиялда Олимпиада тIобитIун хадуб Дагъистаналда рагъулал кIудиял операциял гьаризе».
Экспертас тIаде жубана, гIадамаз гIемер бицунеб бугин Олимпиядалда хадуб букIинеселъул, щайгурелъул гьезие чIалгIун бугин гьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал. «Гьеб хисиялъе гIадатиял гIадамазда рагъулал гурони нухал рихьулел ратиларо, амма хIукуматалда бичIулеб буго къуватгун цадахъ диалогалъул механизмал хIалтIизаризе кколеблъи», - илан абуна Уладиевас.