Ссылки для упрощенного доступа

Школалда зулму: гIайибиял щал?


МахIачхъалаялда гIурус мацIалъул учителалъ гIарза хъван буго полициялде, цIалдохъанасул гIагараз жинда кьабиялда бан. Гьелда данде цIалдохъанасул гIагаразги хъван буго гIарза, учителалъ лъиматIе квер борхун бугилан абун. Школалда хIал гьабиялъул суал къо бахъанагIан кIвар бугеблъун лъугьунеб бугин абулеб буго педагогаз. Психолог ГIалиасхIаб Мурзаевасул пикруялда, школалда хIал гьабиялъе гIиллаби руго кIиго батIиял.

Школалда зулму: гIайибиял щал?
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:03 0:00
Загрузить файл


24 маялда МахIачхъалаялъул 34 школалда цIалдохъанасул эбелалъ ва яцалъ кьабун, ботIрое жагъаллъи ккун, азарханаялде ккун йиго гьеб школалда хIалтIулей гIурус мацIалъул 45 сон барай мугIалим. Гьеб лъугьа-бахъиналда бан чIужугIаданалъ гIарза кьун буго полициялде.

«life.ru» сурсаталъе жийго мугIалималъ баян гьабухъе, гьелъ тIадкIалъай гьабун буго классалда жиндирго гуреб бакIалда гIодов чIун вукIарав микьабилеб классалъул цIалдохъанасе. ЦIалдохъанас хъачIго жаваб кьейдал, гьел гьесул гIин кьурун, гIадлу гьабун буго.

Гьелдаса хадуб, дарсил заманалда классалде жанире кIанцIун рачIун цIалдохъанасул эбелалъ ва яцалъ кьабун йиго мугIалим. Жиндие сакъатлъаби дагьалги щвезе рес букIанин, цIалдохъабаз кумакилан ахIи бан букIинчIебанийиан абулеб буго гьелъ.

25 маялда учителалда кьабурал цIалдохъаналъул эбелалъ гьединго хъван буго учителалда тIасан гIарза. Гьелъ васада кьабун, сакъатлъи ккезабун бугилан абун.

Заман бахъанагIан, школалда хIал гьабиялъул суал къанагIалъи кколеб гьечIин рикIкIунеб буго педагогаз. Киназдаго лъалила, педагогасул кодекс ва гьелда рекъон, лъимаде квер борхизе бегьулареблъи. Учителги кколила гIадан, цIалдохъанасде цо-цо квер борханиги, цебе гьелъухъ мугIалим вухизе улбул кIанцIулароанин школалдейин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Хунзахъ мухъалдаса 40 соналдаса цIикIкIун школалда хIалтIулей мугIалим ХIамзатова ПатIиматица.

Жий гIолохъанаб заманалда, улбуз школалде рачIун тIалаб гьабулаанила лъималазе гIадлу, лъималаздаги бичIчIулаанила, учителасул рокъор эбел-инсулго гIадал ихтиярал рукIин жидее гIадлу гьабизе, гьанже заманаялъ улбул хисун ругила.

Психолог ГIалиасхIаб Мурзаевас школалда хIал гьабиялъе ругин кIиго батIиял гIиллабийин бицана «Эркенлъи» радиоялъе. ТIоцебе босани, лъималазул улбузда жалго Макаренкоялин кколел ругила. ГIадлу гьабизе кколеб бакIалда улбуз лъималазул рахъ ккун гьел ритIухъ гьарулел ругила.

Жакъа лъималазда бичIчIулеб бугила жидее тамихI гьечIолъийин баян гьабуна гьес.

ГIалиасхIаб Мурзаев: «Жакъа гIолеб гIелалда цIакъ лъикI бичIчIулеб буго жидее тамихI гьечIолъи. Масала, 30 соналъ цебе босанани, лъималазул букIана бичIчIи, жидеца школалда гIадлу хвезабунани, школалда гьабураб тамихIалде тIаде, рокъобги гIадлу гьабизе букIин. Жакъа къоялъ улбузе бокьун буго жидеего щвечIебщинаб жидер лъималазе щвезабизе.

Тукада ругоницин, чанги рагIула гьедин абулеб, жиндие щвечIин, лъималазениги щвезабичIогон теларин гьезие бокьараб жойилан. Гьединал гIадлу гьечIел лъимал рукIуна гьеб тайпаялъул улбул ругел хъизамазда. Лъималазда бичIчIула, жидеца щиб гьабуниги, жидер рахъ улбуз кколеблъи».

Психологас баян гьабухъе, жакъа учителасул статус гIодобе кколеб буго. Гьеб гIодобе кколеб бугила экономикияб рахъалъ босаниги, учителасе бугеб цIакъ дагьаб харж. Психологиялъул рахъалъ босаниги, учителасул профессия лъиего хIажатаб гьечIин абураб пикру тIибитIараб букIиналъ. Ва соцалияб рахъалъ, учителасул къимат гIодобе кколеб бугила цIалдохъабазул социалияб статус учителасул статусалда гIодобегIан букIиналъ. Гьединлъидал, мугIалимзабазги цIалдохъабазде квер борхулеб бугила ццидаца.

ГIалиасхIаб Мурзаев: «Учителас лъималазде квер борхи ккола гьеб киналдего данде жаваблъун кколеб реакция. Жакъа учителасул статус кинабго рахъалъ гIодобе ккун буго. ЖамгIияталда гъорлъги учителасул бищун гIодобегIанисеб даража буго. Масала, жакъа цIалдохъанасда букIуна ретIун учителасда тIад ретIаралдаса кIиго нухалъ багьаяб ретIел. Лъималаздаги бичIчIулеб буго гьеб.

Гьелъ мугIалимас ццим бахъун квер борханани, гьез жалго тIубан гIайиб гьечIеллъун рихьизарулел руго рокъор. Амма дида кколаро, школалда хIал гьаби тIибитIараб иш бугин, гьеб цIакъ къанагIат букIуна. Гьединал лъималги аслияб куцалда рукIуна тарбия гьечIел хъизамаздаса».

Школалда хIал гьаби ва школлъималазул агрессия кколин жамгIияб лъугьа-бахъин, гьеб кколин жамгIияталда жаниб бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб матIуйин рикIкIунеб буго социологазги. Гьединлъидал, гьеб ахIвал-хIал хисизе ккнани хIакъикъиял хазинаби чIезаризе кколила жамгIияталъулъ.

XS
SM
MD
LG