Ссылки для упрощенного доступа

Диниябги динияб гуребги идеологиязда гьоркьор...


dagestan / The women forum
dagestan / The women forum

Гьал къояз Дагъистаналда тIобитIараб Улбузул форумалда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас рорхарал суалазул цояблъун ккун буго культурияб тарбия гьечIолъи.

Улбузул форум исана Дагъистаналда тIобитIана кIиабилеб нухалда. ТIоцебесеб улбузул форум 2013 соналда тIобитIулаго лъун рукIарал масъалаби ва улбузул тIадкъаял тIурараллъун рикIкIине бегьулин лъазабуна ракIараразда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьедин, 2015 соналде республикаялда рагьанила ва цIигьарун къачIанила 50 школа, гьединабго къадар лъималазул ахазул. Гьеб заманалда жаниб Дагъистаналда чвахулеб бугила ракълилаб гIумру.

Гьединго лъималазул рукъзабахъа хъизамазде рачун ругила 48 лъимер. Гьеб лъикIаб хIасил кколин, кIиго соналда жаниб гьабизе бегьулеб хIалтIулин лъазабуна нухмалъулес. Амма хутIулел ругила жамгIияталда жанир ругел гIемер гIунгутIабиги. Гьедин, аслияб гIунгутIи кколила дагъистаниязул культурияб тарбия гьечIолъийилан лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «КIудияб кIвар кьола нилъеца культураялъе. Балагье, нилъеца юбилеял ва цогидал тадбирал тIоритIула, театразул юбилеял гьарула. Гьел театразда гIолохъанал, бажарарал актерал рукIине хIажат буго. Нилъее хIажат буго эстрадаялъул кочIохъаби бертадул столазда нахъаса сценалде рачине. Жакъа къоялъ сценаялда бугеб жо кколаро культура ва искусство. Сценаялда букIине ккола искусство.

Бертабалъ бугеб культура гьениб данде кколаро. Бертада ахIе бокьараб, культура гьабе бокьараб, гIарац кьураб жо гьабула гьениб. Сценаялда букIинабизе ккола культура. Гьеб культура бахъинаиялъе кIудияб кIвар буго музеязулги, гьел цIигьариялъеги кIвар кьолеб буго. Гьаб соналъул ахиралде гIуцIизе ракIалда буго аслияб, ГIагараб ракь лъазабиялъул музей Дагъистаналда».

Цо жакъа бижараб гIунгутIи кколарин культурияб тарбия гьечIолъи, гьеб бугин умумузул нух, гIадат-гIамал гIун бачIунеб гIелалда бихьизабулеб гьечIолъиялъул хIасилин рикIкIунеб буго Хунзахъ мухъалъул Улбузул цолъиялъул вакил ПатIимат ХIамзатовалъ. Жакъасеб гIел умумузул, росдал гIадат-гIамалалъ гуреб, телевизораз тарбия кьун гIолеб бугин баян гьабуна гьелъ культурияб тарбия гьечIолъиялъул гIиллаби.

ПатIимат ХIамзатова: «Гъоб гьоркьоб биччан, умумуз гьабулеб бихьизабичIогон, кин гьабизе кколеб гIадат гIамалали ккана гьеб хIалалда иш. ЧIахIияз мисал бихьизабулеб гьечIо. Рехун тун буго кинабго. ЦIидасан бахъинабизе ккола кинабго. Росулъ рукIарал гIадатал, цогидаб. Росулъ босанани, цониги гIадат-гIамал хутIун гьеIо. Жакъа гIун рачIунел руго компьютералъ ва телевизоралъ кьолеб тарбия бугеб гIел. ГIадат-гIамал бахъинабун, мацIал цIунун байбихьизе ккола культурияб тарбия кьеялъул иш».

ГIадатал цIуничIолъи гуребги, культурияб тарби гьечIолъиялъе гIилла кколин цо ккураб идеология гьечIолъи. ГьабсагIат нилъер жамгIияталда жаниб бугин кIиго идеология, динияб ва светияб, киналда хадур рилълъинелали лъаларого гIадамалги ругин рикIкIунеб буго учительница ХIасанова ГIайшатица.

ХIасанова ГIайшат: «Заманалъул проблема буго гьеб. КIиго идеология букIине рес гьечIо. Динияб ва светияб идеология буго гьабсагIаталда цадахъ унеб. ГIадамалги киналда хадур рилълъинелали лъаларогон руго. Цин аб рахъалде кIанцIун, цин доб рахъалде ун. Советияб заманаялъ букIана идеология. Цин мун вукIана октябренок, пионер, хадув комсомолец. Гьанже щиб бугеб? Динияб идеология букIинениги бегьилаан, гьелда жанибги гьечIо цолъи, цо росулъ гьабулелдаса батIияб батулеб буго цогидаб росулъ гьабулеб. Гьелъ буго гьединаб ахIвал-хIал жакъа».

Бугеб къагIидаялда жамгIият цебе унеб букIаго, рухIиял хазинаби ратичIогон гьеб иш гьедин хутIизеги бугин рикIкIунеб буго ГIайшатица. Жакъа цере рехулеб бугеб патриотизм ва гIадатал рахъинари рухIиял хазинабазде свериги щакаб бугила, щай гурелъул кинабго рихьдае гьабулеб букIиналъ.

XS
SM
MD
LG