Ссылки для упрощенного доступа

Т. Айтберов: "Рахьдал мацIал цIезарун руго чияр рагIабаз"


aytberov
aytberov

Турказе къваригIун букIана Эрмениялъул, Гуржиялъул бутIабиги гъорлъе рачун, Дагъистангун Азербайжан ва Чачанги гъорлъе цIан, ГIусманиязул Империялда гъорлъ кIудияб Исламияб улка гIуцIизе.

Гьеб улкаялъул мацIлъунги азербайжан мацI гьабизехъин букIана. Амма къокъидаго Россиялда гьебги лъан, гIурус пачаяс квалквал гьабуна гьединаб пачалихъ гIуцIизе. Гьедин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналдаса тарихчи Тимур Айтберовас.

Гьес рикIкIунеб буго МахIач Дахадаев хутIизегIан Дагъистаналъул гIемерисел революционералги Туркиялъул жасусал рукIанин, гьединлъидал Дагъистаналда тюркизм билълъанхъизабизе хIалбихьулеб букIанин гьез.

ЛъарагI миллаталъул вакилзаби рекъоларо тарихчи Тимур Айтберовасул пикруялда. Амма гьаниб мисалалъе бачине бегьула Россиялда, гьединго Дагъистаналда инкъилаб ккелалдего гIадамазул гьабураб хъвай-хъвагIай. Дагъистаниязул фамилиял гьенир азербайжан къагIидаялда - огълы абун - хъван руго.

Гьединго Дагъистаналда цо-цо бакIазда цIаралги тюрказул къагIидаялда хъван руго – масала, АваргIор, яги ГIандигIорин абизе бегьулеб бакIалда, Авар-Койсу, ГIанди-Койсу ян хъвала. Гьединго магIарулаз гIумру гьабулеб Бакълъулазул мухъалда цIар буго Гумбет абун лъун.

Гьел цIарал хисизе кколин абурал пикраби загьир гьарула республикаялда цо-цо гIадамаз. Масала, аваразул миллиябгун культурияб автономиялда ракIалда буго география бихьизабулел цIарал данде гьарун, магIарул мацIалда тIехь биччазе.

БолмацIалда гьечIин абун течIого, цере рата-ратарал магIарул рагIаби мацIалда гъорлъе рачине заман щун бугин рикIкIунеб буго тарихчи Тимур Айтберовас.

Тимур Айтберов: «Турк мацIалда гъорлъ некIо гIемер рукIун парс ва гIараб рагIаби. Цинги Кемал-Пашацаги цогидазги малъун, рехун нахъе гьел чияр рагIабигун, жидерго кьолболал рагIаби лъун руго туркаца. Цоги-цогидазги гьединго гьабун буго – болгаразги, гIурусазги, цогидазги. Нилъецаги гьабуни, зарал букIинаро, пайда гурони. Нилъее къваригIун буго нилъерго, Дагъистаналъул, мацIал гIагар гьаризе рес батизе. ГIалимзабаз литературияб мацIалъе кьочIое босун буго хундерил мацI.

Нилъее къваригIун батани, тумазулгун, цIедехIдерилгун гIагарлъи балагьизе, нилъеца мацIалда гъорлъе рачине ккола гьезда мадугьалихъ гIумру гьабулел магIарулаз жидедаго гьоркьор абулел рагIаби. Масала, гъунисезул мацIалда руго тумазулгун гIаммал рагIаби. Гьединго хьергебдерил руго даргиязул рагIаби. Гьелги рачине ккола болмацIалда гъорлъе. Гьеб киналдасаго хадуб бегьила турказул рагIабиги рачине. Гьеб гьукъараблъун рикIкIунаро дица».

МагIарул ва цогидал мацIазда гъорлъ тюрк мацIалъул рагIаби гIемер рукIиналъе гIилла бугин некIо заманалда аслияб мацIлъун Дагъистаналда лъарагI мацI букIинилан абула лъарагIаз. Амма гьеб гьедин букIинчIолъиялъе гьадинаб далил бачунеб буго Тимур Айтберовас.

Тимур Айтберов: «Нилъер машгьурав гIалимчи ГIумаров ГIабдулкъадирихъе щвараб хIужаялда рекъон, тIоцебе Ермоловас бахъараб прокламация магIарул мацIалда букIун буго. Щай, щайгурелъул Аваристаналдаги, гьаниб Таргъуялда, Яхсаялда, гьединго тумазул ракьалда магIарул мацI лъаларев чи вукIунароан. Нуцабиги гьеб мацIалъ кIалъалел рукIун руго. ПалхIасил, доб заманаялъул элитаялъ бицунеб, гьез кьочIое босараб мацIлъун магIарул мацI букIун буго. Цинги дагь-дагьккун гьеб лъугIизабун буго татараздалъун.

ГIурус армиялда гIисинал хъулухъазда (майор, капитан…) татарал рукIун руго. Хасго таржама гьабулел чагIи. Гьагъал чагIаца (Гьоркьохъеб Азиялдаги гьебго жо гьабун буго, гьанибго – гьебго) абун буго гьайила, жидеца тюрк мацIалда гьабизе бегьуларищдила кинабго жо. Гьедин гьез байбихьун буго гьеб мацI билълъанхъизабун, магIарул мацI лъугIизабизе».

Дагъистаналда гурелги цогидал мацIазулги бугин рагIаби жураялъул масъалайин рикIкIуна филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьим Дибировас.

Ибрагьим Дибиров: «ГIурус мацIалдаги руго гьединалго журарал рагIаби. Масала, Пушкиница хъвараб «Бахчисарайский фонтаналда» дагIба балел рукIун руго доб заманалда цо тишковцал абурал чагIазул къокъа (мацI бацIцIад гьабизейин рахъарал гIурус гIалимзаби рукIана гьел).Фонтан паранг рагIи бугин, гIурус рагIи ургъизе кколилан чIун рукIун руго гьел. Цинги «лъел рогIороги» хIалтIизабун, цо гIантаб, магIнаго гьечIеб жо лъугьун буго гьелъул».

Ахирал соназда Дагъистаналда баккараб мода буго бакIалъул мацIазда гъорлъ хасаб бакI ккурал гIурс рагIабиги нахъе рехун гIараб рагIаби цIазе лъугьин.

Ибрагьим Дибиров: «ГьанжелъагIан нилъеца хIалтIизарулел рукIарал гIурус рагIаби нахъе рехани, тIаде бачIунеб гIелалда цIидасан малъизе ккола гьел хисун лъурал рагIабазул магIна. Гьелъ доб цIияб гIел нахъе ккезабула. «Учителасул» бакIалда «мугIалим» хIаллтIизабулеб бугони, гьезул кинаб битIараб? Амма кIиябгоги магIарул рагIиги гуро. Жибго «мугIалим» бугоха доб цоялдаса цебе бачIараб. Кинаб хIалтIизабуниха лъикI?».

МацIалда гъорлъе чияр рагIаби рачIиналъулъ щибгIаги квешлъи гьечIин рикIкIунеб буго тумазул миллатазул тарих ва культура лъазабиялда тIадчIарав Алексей ХIажиевас.

Алексей ХIажиев: «Дунялалда цониги мацI гьечIо чияр цониги рагIиги гъорлъе бачIинчIого, бацIцIадго хутIараб. Дир пикруялда тIад рекъечIого рукIинеги рес буго гIемерисел, амма чияр рагIаби гъорлъе рачIун лъикIаб буго мацIалъе. Щайин абуни гьединан мацI жеги гIемер мехалъ цIунун хутIизе буго. Чияр рагIаби гъорлъе цIикIкIун рачIанагIан цебетIолин мацIилан рикIкIине бегьула. Цо мацIалъул кьучIалда хас гьабун цо мацI билълъанхъизабизе кколин, масала, гьединаб мацIлъун магIарул мацI тIаса бищизе кколин абураб пикру букIана нижер миллатцояв, тумав Зиявудин Айдамировасулги.

Бокьараб мацI тIаса бищизе бегьила гьедин къваригIани – эсперанто, компьютералъул мацI, бокьараб! ПалхIасил, дун рекIекълъулеб жо буго цебе гIадин гьанже документация кIи-кIи мацIазда гьечIолъиялда. Масала, паспортал, аттестатал ва цогидал документал рукIунаан гIурус мацIалдаги магIарул, тум, лъарагI, дарги мацIаздаги. Гьанжейин абуни тумаз гурони гIумру гьабулареб росдал школалда яги бакIалъул администрациялда данделъаби рачуна гIурус мацIалда. Гьебни щиб! Бажаризехъин гьечIо тумазул мацI тум мацIалда малъизегицин».

Тарихчи Тимур Айтберовас ЭР-ялъе бицана тумазул интеллигенция гIемер букIанила советияб заманалда Дагъистаналъул тIалъиялда. ЦIикIкIарасеб мехалда гьез квербакъанила магIарулазул мацI цIунизе. Гьелъухъ нилъеца гьезие баркалаги кьезе кколила.

XS
SM
MD
LG