Ссылки для упрощенного доступа

«Аллагьин кIалъалел кIалалги руго, кIвараб жо хачалел квералги руго»


Дица гIажаиблъи гьабула къол щуябго какги бан, кIалги ккун хIукуматалъул гIарац бикъулел, ришват босулел хъулухъазда хадур лъугьарал чагIазда. ХIисаб гьабеха нужецаго, багIарараб риидалил къо, къватIиб кIикъого градусалде гIунтIун хIалуцин — кIалги ккун, мун ине кколев вуго дун хъулухъалдаса вахъугеян цо чиясда гьардезе.

Гьал суалал рачIунел руго ахираб заманалда республикаялда кадровияб политикаялъулъ лъугьун бугеб хIалуцараб хIалалъ, рищиязул хIасилаз, хъулухъалдаса унелги рачIунелги гIадамазухъ балагьун. БатIи-батIиял чагIилъидал гьенир ругел.

Атеистазги Аллагьасда божуларел, космополитазги, жидер наслу, миллат, мацI, цIаралъул тIалаб гьабуларел гьедин бегьизабуниги, кин гьеб хIал данде кколеб гIадат ва дин цIунарав магIаруласе, ялъуни муъминчиясе?

Гьаб къеркьеялъул гIахьалчагIазул гIемерисел рукIуна диниял чагIилъун хIалел, кIалалги ккола гьез, цо-цояца гIадамал гIемер ругел бакIазда какалцин рала. Гьаниб бачIунеб буго цо санагIат гьечIеб суал. Ав кIалги ккурав, какги балев, Аллагьасукьаги хIинкъулев чиясе аб хIалалъ хъулухъ щай абураб.

Хъулухъ къваригIун буго рукъалъе санагIатлъиялъеха. Мадугьаласдаса къечIеб минаги базе ккани, жаниб гIалам бахиллъулеб къайиги лъезе ккани, живго кутакав чи вукIин бихьизабулеб машинаги хIажалъани, жиндир лъимал хутIараздаса тIокIал, кутакал рукIин цойги кинха бихьизабилеб, цо чанго азарго доллар кьурал цIороберал гIадал жалниги росичIого.

Гьеле гьел шартIаз тIамулев вуго гьав «муъминчи» цо рукъалъе «санагIалъи» бугеб хъулухъалда теян, яги вахъугеян абизе. Нилъерго къагIидаялъ абуни, дун цIогьодизе виччаян абизе.

Гьеб хъулухъалъул суал битIун ккани, цойги цIиял гьундулги ран, жаниб жавгьар-якъут бекьараб къайиги лъун мавлид гьабула гьес. Мавлидалде рачIарал руччабазда бер кIутIарабго лъала кигIаналде занавескаби, яги люстра босун бугебали. Цо-цо бихьиналгицин рукIуна гьелъул хал гьабулел.

Цинги цо тамахаб бакIалдаги кIусун цIацIарал бералги, гьакIкIарал кIалалги рукIуна «мавла яса ливасалги бачунаго» «гьадаб жоялъул багьа щибдай бугеб?» ан сверун ралагьун.

Хважаин вукIуна цо биццатаб къандалъоялдаги кIусун гьезда хадув хал ккун, «унго дун вугев кутакав чи»- ян ккола гьесда. Хадубго цун ботIролъе бачIуна гьаб магIишат данде гьабизеян жинца баччараб инжитлъги, гьабураб хIелхIелги, кьурал ришваталги. Гьеб кинабго чуризе ва тIадеги балагьизе гурищха ас кьун гIарацгун дибир тIамун вугев гьагъаб назму ахIизе.

Дица хал гьабун, цо-цо хIакимзабаца гьел мавлидалги садакъабиги гьарулел руго, битIахъе, жинда тIад вугев хIакимасе ришватги кьун хъулухъ босулеб хIисабалда.

Гьеб кьураб жоялъухъ жеги боцIи бачIин ва бугеб биличIого цIуниялъул мурадалда. «Кьун букIаниги щиб аб, жеги бугелъул дир» абураб гIадин. Гьелдаго цадахъ «гьале дун» абураб жоги бугIиларищха магIишаталдалъун боцIулгун буголъиялъул лагълъуда бугеб гIаламалъе.

ЦIар нилъер авараг (с.т.гI.в) кIодо гьави, мавлидан таниги, хIакъикъаталда, бикъараб къайиялъул презентация гьабула гIемерисел хIарамаб гIарцуца бечелъарал чагIаца. Нилъеда лъалеб жо буго жамгIият рухIияб рахъалъ лъилъизе, сахлъизе ккани, хIажалъула гIалам кантIулел мисалал.

Кьезе ккола инсанасе тарбия, рихинабизе ва сурун бихьизабизе ккола кинабго Аллагьасул каламалъ какараб, Исламалъ гьукъараб щинаб жо – цIогь, мацI, хIелхIел, хIилла, кIигьумерчилъи ва гIемерал цогидал жал. Гьелго масъалаби рукIуна культураялда, литератураялда, искусствоялда цере.

Гьел киналго тIалабазул аслу буго дин, гьелдаса бачIараб буго лъикIлъиги квешлъиги батIа гьаби. Гьеб ишалъулъ бищунго хIажатаб рахъ буго ракI бацIцIалъи, ракI-ракIалъ Аллагьасда божун, гьесукьа хIинкъун, гьесул рахIмуялда хьул лъун гIибадат гьаби ва витIун хьвади.

Ххвалие, гьабураб жо БетIергьанас къабул гьабуларо, гьесда нилъер ракIал ва пикраби рихьула. Гьедин батани, щайха цо-цо гIадамал кIалги ккун ракъварал кIутIбигун, къараб гьаракьгун иргадал кабинетазул кIалтIа сентIолел хъулухъ кьеян, ай живго цIогьодизе виччаян? Гьеб кIал кквейги, как байги гьес ТIадегIанав Аллагьасе гуреб, жиндиего гьабулеб букIун. Гьабулебги буго доб дунялалъе гуреб, аб дунялалда санагIатлъи букIиналъе.

Кин доб букIараб жиндир мунагьал чураяв шагIир ЖабрагIил ХIасановасул?

«Аллагьин кIалъалел кIалалги руго,

КIвараб жо хачалел квералги руго» - ян гурищ?

ГIакълуги кантIиги кьеги нилъер бусурбабазе. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG