Ссылки для упрощенного доступа

"Къадирофобия" биччалеб гьечIо Россиялда


Рамзан Къадиров ва сверухълъи
Рамзан Къадиров ва сверухълъи

Рамзан Къадировасдехун хинаб бербалагьиялъул лъазабулеб буго Россиялъул «кваранал» политтехнологаз.

Россиялъул опозициялъулги Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанилги ахираб заманаялда букIараб дагIба-рагIиялдаса хадуб, Къадировасдехун хинаб бербалагьиялъул лъазабулеб буго Россиялъул «кваранал» политтехнологаз.

Чачанлъи-Россиялде бачIунеб радикалияб исламалда цебе чIараб сангар бугин рикIкIунеб буго Россиялъул политолог Сергей Кургиняница. Гьес гьедин абуна Александр Рогаткиница бахъараб ва «Россия» каналалда «Специальный корреспондент» программаялда бихьизабураб «Ишаналде босараб терроризм» абулеб фильмалъе къимат кьолаго.

Гьес Регнумалъе жеги ракIалде щвезабулеб буго ДАГIШалъул мурад цо кинаб букIаниги территориялда тIад, масала ГIиракъалда тIад контроль чIезаби гуреблъиялде. Гьезул мурад бугин Татарстан, Шималияб Кавказ ва Россиялъул цоги регионазда тIад контроль чIезабийин абулеб буго гьес.

«Нилъер бакIалъул исламалъе гьеб къваригIун гьечIин, нилъер масъалаги бугин гьеб суалалъулъ гьезул рахъкквей»,-ян абулел Кургинянил рагIаби кьолел руго Регнумалъ. ИА REGNUM.

Чачанлъи-Россиялде бачIунеб радикалияб исламалда цебе чIараб сангар бугин Кургиняница рикIкIунеб батани, Чачанлъи- Россиялъул пачалихъалъул жанубияб рахъалда стратегияб мугъчIвай гьабулеб республика бугин абулеб буго Александр Прохановас.

«Ниж Грозныялде унел руго Россиялъул пачалихъалъул жанубияб рахъалда (югалда) стратегияб мугъчIвай гьабулеб республика гьеб букIиналъги улкаялда тIибитIулеб бугеб чеченофиялъе жаваб кьезеги. Дица абила къадирофобияйицин. Гьеб буго либералиял къукъабазулъ тIибитIун. Нижеца рикIкIуна гьеб бугин пачалихъалде данде гьабулеб бугеб цо операциялъул бутIа»,-ян абуна Россиялъул хъвадарухъан ва журналист Александр Прохановас Чачанлъиялъул бакIалъул информалаталъе.

Гьесда ракIалда буго жинца бетIерлъи гьабулеб Изборский абулеб клубалъул иргадулаб данделъи Грозныялда тIобитIизе.

Гьеб клубалъул масъала бугин Советияб Союз биххун хадуб къватIисан нилъеда босизабураб либералияб проектги нахъе рехун, Россиялъул пачалихъалъул прогрессивияб идеология гIуцIиян баян гьабун буго Прохановас.

Проханов вугин махщел бугев хъвадарухъан ва пикру бугев инсан, амма гьев гIадинал чагIи цоги бокьарал къуватаз жидерго мурадал цIунизелъун хIалтIизарулел ратизе бегьулин рикIкIунеб буго чачаназул машгьурав кинорежиссер Шарипов Иналица.

Шарипов Инал: «Проханов цо заманаялда кIочон тун вукIанин абизе бегьула. Гьеб заманаялда дун гIемер кIалъаан гьевгун. Дида гьев лъала лъикIав хъвадарухъан хIисабалда. Художник хIисабалда жиндирго бакIал балагьулев ватизеги рес буго гьев. Гьев вуго пикру бугев чи. Узухъда, гьев профессионалив политик гуро, гьев политтехнолог гуро. ЛъикIав режиссерасда кIола герой бокьараб средаялда лъун сцена гIуцIизе. Гьедин гьевги цо-цояз жидерго мурадазе хIалтIизавулев ватизе рес буго».

Политикаялде гъорлъе лъугьуневщинав чи жакъасеб Россиялда гьел ругин тIалъиялъ гIуцIараб вертикалалъул мурадал цIунулел чагIийин рикIкIунеб буго Шариповас.

Шарипов Инал: «Политика жибго бацIцIадаб жо руго. Гьелдасан чед щолел чагIиги ракI рагьарал чагIи ругин аби мекъаб букIине буго. Гьеб буго театр. Пачалихъиял информалатаздасан кIалъазе рес щолел политикал гьел руго вертикалалдаса чагIи ва гьез цIунула пачалихъалъул ва тIалъиялда бугеб элитаялъул мурадал».

Прохановас лъазабунаха жидер клуб данделъи гьабизе Грозныялде ине бугин. Щибизе гьел гьенире?

Шарипов Инал: «Гьев вуго гьеб тIалъиялъ гIуцIараб вертикалалдаса чи. Киналго политтехнологалги руго тIалъиялъе хъулухъ гьабулел ругел чагIи. "Рамзан Къадиров" абулеб проект гIуцIаравин рикIкIине бегьулев Владислав Сурковас ургъун букIана "суверенияб демократия" абулеб терминги. Гьеле гьесдасан бачIараб буго Грозныялде ине бокьарал Россиялъул жамгIияталъул машгьурал чагIазул ирга гIуцIиги».

XS
SM
MD
LG