Ссылки для упрощенного доступа

Бугищ Кавказалда "кремлалъул тарикъат"?


Диниял суалазда хурхун Шималияб Кавказалда ккарал ахирисел лъугьа-бахъинал.

Дагъистаналда иргадулаб мажгит къазе хIаракат бахъулеб буго, Чачанлъиялда «вагьабиязде данде» резолюция къабул гьабун буго, islam.ru сайталъул бетIерай редакторлъун Галина Хизриева тун йиго. Гьел руго гьал гIагарал къоязда ислам диналда хурхун Россиялъул интернет гIатIилъиялда тIиритIарал аслиял харбал, Хасавюрталда «Северный» абулеб мажгит къаялъул ва аза-зар чияс къватIахъе рахъун гьеб рагьизаби малъичIого. Салафиязде гьабулеб «гьужумалъул» иргадулаб карачелищ гьеб яги гьел лъугьа-бахъинал ккараб заманищ дандеккараб?

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:49 0:00
Загрузить файл

Дагъистаналда араб соналъул ахиралдаса нахъе «кинаялиго къуватаз» хIаракат бахъулеб буго салафиязулин абулел мажгитал контролалде гъоркье росизе. Гьел къуватал щал ва кисаяли лъицаго абулебги гьечIо «тIасан» бачIараб буюрийин гурони. Кинабго байбихьана «Надирия» абулеб мажгит къаялдасан. Цин имам хисулевин жал гьаруна гьениб, хадуб къанго тана. КIудияб ахIи-хIур багъарун букIана Хасавюрталда «Северный» абулеб мажгит къан хадуб. Аза-аза чи къватIахъе вахъун, шагьаралъул администрациялдаса тIалаб гьабуна гьеб рагьизе. Низам цIунулез къараб мажгиталъул кIулал администрациялда щибулел рукIаралиги лъицаго баян гьабичIо. Гьелдаса хадуб баккана Дербенталъул «Аэропорталъулаб» абулеб мажгит къалеб бугин абураб хабар, хадуб лъана гьеб къачIолъи, гIицIго гьелъул имам полициялъ ккун вукIин.

Кьварун салафиязде дандечIарав муфтий Хамхоев ГIиса хъулухъалдаса нахъе ине къваригIун бугин Гъалгъаязул (Ингушетиялъул) президент Юнус-бек Евкуровасе ва гьебго заманаялда гьесул рахъ кколеб бугин мадугьалихъ бугеб Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаницайин хъвалеб буго цо-цо информалатаз. Гьеб хIужа тасдихъ гьабулеб аза-азар чи гIахьаллъарав данделъиги тIобитIун букIана февралалъул авалалда Чачанлъиялда. КIиябго республикаялъул муфтиязда цадахъ гьелда гIахьаллъана Къадировги.

Лъазабулеб буго гьеб данделъиялда Машрикъалъул Кавказалъе хасиятаб къадирияб ва накъшубандияб тIарикъатазул Чачанлъиялдаса, Дагъистаналдаса ва Гъаялгъаялъа вакилзаби рукIанин ва гьез къабул гьабунин «вагьабиязде данде» резолюцияйин.

Гьебго данделъиялда гьабуна цониги, гьез абухъе, «вагьабияв» гъорклъ вугев шураялъ, данделъиялъ, мажлисалъ яги цоги кинаб букIаниги дандеруссиналъ къабул гьабураб хIукму хIакъикъияб букIине гьечIин абураб къотIиги.

«Жакъа, салафиялин жидедаго абулел, цо-цо къукъабаз хIаракат бахъулеб буго жидерго диниял шураби гIуцIизе ва Шималияб Кавказалъул регионазда жамгIияб гIумруялде асар гьабизе. МухIамад аварагасул (жинда салам лъеяв) наслабазул чагIаз экстремистазул асаралдаса ва гьелгун рекъонхIалтIиялдаса рикIкIад чIайин лъазабулеб буго»,-ян абулеб буго гьеб резолюциялда.

Гьеб резолюциялъ кумек гьабизе бугин бусурбаби цолъизе ва квал-квал гьабизе бугин гьереси-салафиязе легализация гьабизе. Чачанлъиялда бихьанин вагьабиял къувалъараб мехалда гьез гIуцIараб террор ва цогиязе асар гьабизе гьез бахъулеб букIараб хIаракатин лъазабулеб буго Къадировасул позициялъул информалатаз.

Суфиялгун салафиязда гьоркьоб бугеб батIалъи цо-цо экспертаз бичIчIизабулеб буго гьадин: суфияз жидерго тадбирал тIоритIулаго исламалъул гIемер-гIасрабазул тарихалдаса рачIарал гIадатал хIалтIизарулел ратани, салафияз гьел рикIкIунин нахъзаманалъул тIадежураялин, кIиркъизабураб исламин ва тIалаб гьабулеб бугин кьолболъе раккизейин абулеб буго политикиял технологиязул Централъул тIоцевесев вице-президент Алексей Макаркиница «Шималияб Кавказ: суфиял салафиязде данде» абулеб жиндирго макъалаялда.

Россиялъул профессионалиял исламофобазул цересел кьераздаса гIадан Галина Хизриева Ислам. Ру сайталъул бетIерай редакторлъун тун йигин абун хъвалеб буго ГолосИслама.Ру абулеб информациониябгун-аналитикияб порталалъ. Гьезго абулеб буго гьаб гIасруялъул авалалда гьеб букIанин гIурус мацI бицунел бусурбабазе цоцалъ бахIс гьабизе ва гьел цоцазда ричIчIине кумекалъе букIараб аслияб ресурсин. Гьелъул редактораллъун Дагъистаналдаса шайих СагIид Афандил муридал рукIаниги гьелда батIи-батIиял пикраби загьир гьаризе рес букIанин ва гьелъул аслияб мурад букIанин исламияб умматалъул мурадал цIунийин.

2010 соналда гьеб сайталда хIалтIулел рукIарал чагIиги нахъе гъун гьеб Дагъистаналъул РухIияб идараялъул къайимлъиялде кьунин ва гьелдаса хадуб пикрабазул плюрализм абураб жоялъе гьениб бакIал хутIичIин хъвалеб буго тIадехун рехсараб порталалъ. Гьедин гьеб кIочонебцин букIанин гьелъул бетIерай редакторлъун Россиялъул Стратегиял ЦIех-рехазул Институталъул хIалтIухъан Галина Хизриева танин хабар баккичIебани. Гьедин нахъе рахъулел ругин Дагъистаналъул «кремлалъулаб тIарикъаталдаса» маскабийин рикIкIунеб буго ГолосИслама.Ру абулеб информациониябгун-аналитикияб порталалъ.

Галина Хизриева йигин машгьурав ислам лъазабулев Роман Силантьевасул гIагардисей чIужу. Гьесулин абуни, ахираб заманаялда, кIудияб дагIба бугин Россиялъул бусурбабазул идараялъул бетIер Равиль ГIайнудинилгун. Силантьевас ГIайнудинида гьарулел ругин Туркиялъул ва Украиналъул политикиял къукъабигун гьудуллъи кквеялъул гIайибал ва гьанже Ислам. Руялда гьединал экспертазе кьолеб бакI цIикIкIине бугин рикIкIунеб буго IslamReview абулеб цоги сайталъ.

Жибго Ислам. Ру сайталъ хъвалеб буго Галина Хизриевалъ 1978 соналда лъугIизабунин Болъихъ гьоркьохъеб школа, хадуб лъугIизабунин Москваялъул Пачалихъияб Университет, гьелдаса хадуб хIалтIанин батIи-батIиял бакIазда ва хъулухъазда. Гьей йикIанин шайих СагIид Афандил матагIилъун ва гьанже гьей йигин АхIмад Афандил муридлъунин. Гьелда лъалин ингилис, немец ва шведазул мацIал, цIализе бажарулин паранг, испан, италиялъул, турказул ва гIараб мацIаздайин ва гьанже гьей цIалулей йигин Дагъистаналъул Теологиялъул институталдайин.

XS
SM
MD
LG