Ссылки для упрощенного доступа

Дунялалъул коррупционеразулъ рехсолев вуго Къадировги


Transparency International идараялъул сайталдаса босараб сурат
Transparency International идараялъул сайталдаса босараб сурат

Transparency International абулеб къватIибе биччан буго дунялалъулго коррупциониял компаниял къватIир чIвазарураб хIалтIи.

Transparency International абулеб къватIибе биччан буго дунялалъулго коррупциониял компаниял къватIир чIвазарураб хIалтIи. Гьез жидерго сайталда гIадатиял гIадамазда гьарулеб букIана, гьезул пикруялда рекъон, бищунго коррупциониялъун гьез рикIкIунел чагIи яги компания гьаракь кьун рихьизареян. Кинал компаниязул ва гIадамазул цIарал гьенир ругел?

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:18 0:00
Загрузить файл

Гьаркьал кьун руго анцI-анцIазар чияс батIи-батIиял компаниязул ва гIадамазул цIарал рихьизарун. Transparency Internationalалъ тIаса бищун буго бищунго гIемер гьаркьал щвараб ичIго компаниялъул яги чиясул цIар. Гьезда гьоркьоб буго ФИФАги, Чачаналъ гIуцIараб АхIмад-хIажи Къадировасул фондги, Украиналъул вукIарав президент Виктор Януковичасул цIарги.

https://unmaskthecorrupt.org/#section-contest

«ЦIогь, гьереси, рекIкI гьаби-гьел руго коррупционеразул алатал. Нижее бокьилаан нижер сияхIалдаса кIванагIан цIикIкIун компаниязда хурхун санкциял гьаризе. Гьезул бищунго коррупциониябин абун цо компания бихьизабизе кIоларо нижеда, гьел киназулго хал гьабизе ккола»,-ян лъазабулеб буго рехсараб идараялъ.

ТIадехун рехсараб ичIго компанияги гьез бихьизабун буго гьел цохIо коррупциониял рукIиналъ гуреб, гьез инсанасул ихтияралги хвезарулел рукIиналъ.

Гьеб хIалтIи хадубги халат бахъинабизе ракIалда буго гьеб идараялда. Гьаб тIоцебесеб нухалда гьеул сияхIалде ккун буго жидехъ бугеб къуваталдаса пайда босун жамгIияталъе зарал гьабураб 383 компаниязул букIа, политикиял лилеразул рукIа, мульти-националиял команиязул рукIа цIарал.

Буго гьезда гьоркьоб Америкаялъул Делавэр штаталдаса компанияги. Гьелъ цIар гьикъичIого рагьулел рукIун руго цоги компаниял хириял яхтаби, вилаби росизе яги жал цIунулел адвокатазе гьенисан гIарац битIизе.

ФИФАялда хурхун Transparency International идараялъ хъвалеб буго гьелъул букIараб тIалъиялда гIунтIизабулеб бугин миллионал рикъиялъул, бикъараб гIарац «чуриялъул» гIайиб ва гьез футболалъул фанатазул миллиардазул ццим бахъинабун бугин.

АхIмад-хIажи Къадировасул фондалъе цо моцIие щолеб бугин 60 миллион доллар, гьебги халкъалъул 80 % язихълъиялда бугеб регионалдайин лъазабулеб буго Transparency Internationalалъ. Гьеб фонд гIуцIарав Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанил хIакъалъул рехсараб идараялъ хъвалеб буго гьев 2007 соналда 30 сон бараб мехалда танин Кремлалъ гьеб республикаялъул бетIерлъунин. Цеве Россиялде данде вагъулев вукIарав гьев Кремлалъул рахъ кколевлъунги лъугьун, ахирисел соназда сверанин Москваялъе бищунго ритIухъав регионалияв лидерасдейин.

Инсанасул ихтиярал цIунулей Татьяна Локшинал рагIабазда рекъон, цохIо «жиндирго гурони къанунал малъуларев» Къадировас гьанже пачалихъалда жаниб пачалихъалъе бетIерлъи гьабулеб буго.

Жиндирго гъорхъи лъалареб кверщел чIезабизе гьес мугъчIвай гьабулеб бугин Москваялъе гуреб цо гьесие мутIигIаб 80 азарго чи вугеб аскаралда. Гьез республикаялъул халкъги хIинкъизабулеб бугин, киса лъалареб бечелъиги дандегьабун бугин абулеб буго Transparency Internationalалъ. Гьезго ракIалде щвезабулеб буго Къадировасул лъагIалил харжалъул декларациялда 75 000 доллар рехсон букIин, амма жиндирго гIагараб росу Центороялда гьес бан бугин эбелалъул цIаралда хъвараб кIалгIа. Гьениб бугин жиндирго зоопаркги, жидер багьа кIиго млн долларалдаса цIикIкIарал чуязул бокьгиян.

Гьез гьединго ракIалде щвезарулел руго Къадировас Грозныялде жиндиего рекIелгъеялъе ахIулел дунялалъул спорталъул ва Голливудалъул цIвабзазул цIаралги. Масала дунялалъул футболалъул цIва Диего Марадонае гьес кьун буго цо млн. доллар. Майк Тасоние кьун буго кIиго нухалъ цIикIкIун. Гьел гонорарал кьолелги руго АхIмад-хIажи Къадировасул фондалъ. Гьел киналго тарихал кьолел руго «Открытая Россия» абулеб багъа-башариялъ бахъараб документалияб фильмалда.

2004 соналда чIварав жиндир инсул цIар кьураб фонд Къадировас гIуцIун букIанин рагъаз биххараб республикаялъул инфраструктура цIигьабизе, амма хадусан гьеб лъугьанин живго Къадиров бечед гьавулеб фондлъунин абулеб буго Transparency Internationalалъ.

Жиб гIуцIаралдаса гьеб фондалъул цониги нухалда халги гьабун гьечIо Россиялъул я РикIкIадул Палатаялъ я магъало бакIариялда хурхун Федералияб хъулухъалъ. Гьеб бихьичIеб ххвел гьабулеб буго Кремлалъги. Гьедин хъвалеб буго Transparency Internationalалъул баяналда.

Гьелдаго лъазабулеб буго Чачанлъиялда харж щолевщинав чияс гьелъул 10-30 процент щибаб моцIалъ бицен гьабулеб фондалде кьезе кколин. БизнесчагIаз абуни, жидер хайиралъул бащдаб кьезе кколеб бугин гьенибе. Гьедин гьенибе цо моцIие бакIарулеб бугин 45-60 млн доллар. Чачаназул тIалъиялъ гьел киналго гIайибал нахъчIвала ва абула гьеб бечелъи жидее «Аллагьас кьураб бугин».

http://www.kommersant.ru/doc/2736101 11

https://openrussia.org/post/view/7428/

https://www.occrp.org/en/daily/4029-chechen-corruption-documentaryreceives-more-than-a-million-youtube-views и http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/263279/ 12

https://openrussia.org/post/view/7428/

Ахирисел къоязда баккараб баяналда рекъон, Чачанлъиялъул хIукуматалда ракIалда буго сайгъаталлъун кьезе 100 сагIат босизе. Гьезул 40-ялда лъезе рагIула Рамзан Къадировасул гъулбас. Гьезухъ гIезеги рагIала цо миллионгун 500 азарго гъурущ. Гьедин лъазабулеб буго Регнумалъ.

http://regnum.ru/news/polit/2076162.html

XS
SM
MD
LG