Ростовалда тIобитIана гъурщил къимат гIодобе ккеялде данде пикет.
Гьеб акциялъул бищунго кепаб жо багьана бугин ккола – гъурщил къимат холеб букIин (цуладе яги щегIалде гIаги буссунгеги гьеб!). Жакъасеб хIакъикъаталде балагьун, гьеб релъараб бугин абизе бегьула, хасало гIазу балеб букIиналде гIарз гьаби гIадаб хIужаялда.
Суал баккулеб буго, пикет гIуцIараз лъие загьир гьарулел ругел жидерго пикраби ва ахIиял? «Мун чIаго буго, гъурущ, баркала дуе!», «Гъурущ бортичIо, гьурущ мохмохалде тIаде ккун, накабазде ккун буго».
Цо босани, гьеб киналъулго хIакъалъулъ жибго гъурщида щибниги лъазе рес гьечIо. Щаяли нужедаги лъалебги батила.:))) КIиабилебги, мохмох нарт батани, гьелъул багьаялде балагьун, гьеб мохмох бугинги абизеги захIматго буго. Гьединлъидал «бегIенлъицин» гьечIеб гьелде тIаде ккун, хъештIон, накабазде ккейги цебе чIезабизе захIматго буго.
Цойги нухалда цогидаб къагIидаялдаги суал лъела. Ле, Ростовалъул гIадамал, гъурщил къимат хвеялде данде (кIвар буссинабулеб буго «данде» рагIиялде) пикру загьир гьабулеб батани, лъидехун нужеца гьеб пикру буссинабулеб бугеб? ХитIаб гьеб батани, гьелъул адресатги вукIине ккеларищ? Унгоги бецIаб рукъалда жаниб чIегIераб кето балагьи гIантаб жо ккола. Амма кIал къан чIезе ракIалъ толев гьечIо.
Суалазе жаваб кьолеб бугин ккола «Кавказский Узел» сайталъе комментариял гьарурай акция гIуцIаразул цояй Яна Гончаровалъ. Гьелъ абулеб буго: «Нижее бокьун буго Россиялъул гъурщил рахъ кквезе, щайгурелъул гьеб ккун буго пашманаб хIалалде. Америкаялъулаз жидерго доллар хира гьабулеб буго, мискIинаб гъурщидайин абуни (гIодизе бачIинехъин буго), бажаралеб гьечIо гьелдаса бергьине, нижее бокьун буго нухмалъиялда малъизе, щиб гьелда хурхун гьабизе колебали». Гьеле гьединал руго Гончаровалъул рагIаби.
Американиязда гIайиб букIиналда жакъа Россиялда щаклъулев чи нагагь гурони гьечIо. Ахирисел цIакъ лъикI лъала академик Рамзан Къадировасда. Амма, ростовалъулазул логикаялъ ахир-къадги Россиялъул тIалъиялдаги гьеб гIайибалъул бутIа букIин бихьизабулеб буго, гьелда кин гъурущ хвасар гьабизе колебали, малъизе кколеб батани. Амма Къадировасул «тушбабаз» абулеб буго, гъурущ гурин хвасар гьабизе кколеб, хвасар гьабизе кколин тIабигIиял, базаралъул къануназда рекъон хIалтIизе квал-квал жиндие пачалихъалъ гьабулеб тIолабго экономикайин.
Йо, Гончарова, чIужугIадан хIисабалда, дудани лъикI лъазе кколаан, бихьинчиясул бихьинаб рухI гьечIони, гьев бихьинаб рухI гьечIев чи хIисабалда къабул гьавизе кколев вукIин. Гьелъул хIакъалъулъ ахIун абичIого тани, битIараб букIинаан, гьеб сахлъиялда хурхараб проблема букIиналъ.
Амма гъурщил бицунеб мехалда, гьеб хурхараб гьечIо физикияб сахлъиялда. Гьеб тIоцебего хурхараб буго улкаялъул экономикаялъулгун политикияб сахлъиялда.
Нилъер экономика комаялде кколеб хIал бикIиналъул аслияб багьана хурхараб бугин, абизе бегьула, гьебго Ростовалъулги, Дагъистаналъулги, Россиялъул кинабго федерациялъул субъектазул тIалъиязда, улкаялъул гама бачунезда. Нилъер щивасдаги буго хIакъаб гIайиб. Щивасул гIарацги кванан нухмалъуда «хьихьун» ругел хъулухъчагIи хIакъаб хъулухъ халкъалъе гьабизе тIамулел гьечIолъиялъ.
Гьелъул бакIалда гражданазул 80-ялдаса цIикIкIун проценталъ, эффктивиял гурел "менеджеразул къокъаялъул" рахъ кколеб буго.
Гьел процентал нолалде щолеб мехалда гурони, гъурщил къиматалъул даража тIаде унаро.
Нартил кумекалдалъун гьеб дараже тIаде ани, кинаб гIаги гарантия гьечIо гьелъ улка талихIалде бачине букIиналъул.
Бищунго къуватал ракетабаз, бищунго кIудияб патриотизмалъ гуреб улка талихIалде ва бечелъиялде бачунеб. Гьеб мурадалде щола хIакъаб патриотизмалъе багьанаби раккараб ва тIабигIиял экономикияб къанунал хIалтIулеб мехалда. Жакъайин абуни, гъурущ мохмохалде тIаде ккун гуреб накабазде ккун бугеб, гьеб накабазде ккун буго жиндир рухI тIагIунеб букIиналъ.
=========================================================
Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.