Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистан: депортациялъул рагIдукь


Даниялов ГIабдурахIмание лъураб мазгарул сси. МахIачхъала. 21Авг2013
Даниялов ГIабдурахIмание лъураб мазгарул сси. МахIачхъала. 21Авг2013

Исана 23 февралалда тIубала 71 сон чачаналгун гъалгъаязе депортация гьабуралдаса. Гьезда хадубго депортация гьабун букIана балкаразе, гъарачаязе, крымалъул татаразе ва цогидазе.

Депортациялдаса дагъистаниял рорчIизарурав чилъун лъала рагъул заманаялда Дагъистаналъул халкъиял комиссаразул шураялъе ай Совнаркомалъе бетIерлъи гьабулев вукIарав Даниялов ГIабдурахIман. Гьесул вас кинорежиссер Даниялов Юсупица Эркенлъи Радиоялъе чанго сон цебе бицун букIана дол къоязда гьесул инсуца гьабураб ва жакъаги дагъистанияз баркала къолаго ракIалде щвезабулеб хIалтIиялъул. Даниялов Юсупица рицарал гьесул инсул ракIалдещвеял нижеца цереги кьун рукIана эфиралде ва гьанжеги хIукму ккана гьел дагьалги цIикIкIун гIадамазда рагIизе рукIинелъун цоги нухалдаги эфиралде кьезе.

«Дагъистаналда 1944 соналда обком партиялъул тIоцевесев секретарлъун вукIарав ГIалиев ГIазизица абун буго дир инсуда: «ГIабдурахIман, хъизанги магIарухъе битIе, гьениб гьеб бахчизе бигьалъизе буго, амма дуе гьединаб рес щвезе гьечIо»,-ян.

Доб заманаялда щибаб республикаялъул бетIерасда хадув чIезавун вукIана гьев цIунизейин абун кIиго чи. Гьезул хIалтIиги гьел цIуниялда гуреб, гьез гьабулеб бугеб жоялъул тIадегIан лъазаби букIана...

Гьесдасан лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул лъарав инсуца магIарухъе ниж ритIизейин щиб гурин, гьелъул гIаксалда-гьес нижги эбелги рекIинаруна тIаса рагьараб автомашинаялда ва буюрана шагьаралъул къватIахъан гьеб машина бачейин. Амма дун кутакалда воххун вукIана гьедин къватIахъан тиризе щвеялдаса, гьенив квачан хадусан унтаниги.

Инсуца гьединаб буюри кьеялъе гIиллалъун букIун буго Данияловасул хъизам кибениги битIун гьечIолъи ва гьев живгоги шагьаралда вукIин гIадамазда бихьизабизе бокьи.

Гьев живго ун вуго ГIалиевасухъе. Гьес инсухъе кьун руго полковникас лъаларо, подполковникас лъаларо, хIадурарал документал. Гьев чиясе чачанал гочинаруралъухъ кьун букIана Ленинил одрен.

182 чи чIвазе «хIукму къотIун» букIун буго

Цо бутIа Москваялде ритIарал гьел документазда рекъон, 182 чи чIвазе «хIукму къотIун» букIун буго. Гьеб сияхIалдаги, узухъда, дир инсул цIар-Даниялов ГIабдурахIманил цIар- тIоцебе хъван букIинарищха.

ГIалиев ГIазизица эмен вачун вуго жиндирго кабинеталда нахъа букIараб хIухьбахъи гьабулеб рокъове ва абун буго:

-Гьале, гьал кагътал цIале, дун цо кваназе щун вачIинин.

Гьенив гIодовги чIун гьел цIалулев вукIун вуго эмен. Гьеле гьеб заманаялда гьениве жаниве кIанцIун вачIун вуго дов дица бицен гьабурав полковник. Гьес тIалаб гьабулеб букIун буго гьел кагътал хехгьабун гьесухъе нахъе кьезе.

Инсуца абун буго:

-Цо бугони, дуца дида гьедин гьаракь борхизабуге. Дун вуго фронталъул рагъулаб Шураялъул гIахьалчи ва гьеб хъулухъалда ругезул букIине кколеб цIар дуралдаса кIудияб букIуна. ГIодовчIа, дица гьал цIалун рахъинегIан.

Полковник гьесда аскIов гIодовчIун вуго. Гьес байбихьун буго ургъунго килщал столалда кIетIезарун къали кьабизе, хIатIал кIанцIезарун квал-квал гьабизе, инсул ццим бахъинабизе.

Инсуда бичIчIун буго жиндир ццим бахъинабизе къваригIараб гьесул мурад ва гьелъул гIаксалда тIадеги гIодове виччан цIалулел рукIун руго гьес гьел кагътал.

Гьездасан гьесда бичIчIун буго, ургъунго квешабщинабги данде бакIарун лъабго миллат-магIарулал, даргиял ва тумал- гочинаризе хIалтIи гьабулеб букIин.

Гьел документал жанир рукIараб жилдал инсуца къараб мехалда полковникас гьикъун буго:

-Кин ккараб, лъикIаб документ гьечIищ?

-Цоги одрен базе гурдида каратI бахъичIого чIеларин лъугьун вугин ккола мун?

-Вугоха!

-Гурде гуреб гьеб каратI мунго ворлъун бахъизе ккезе гурин,-ян абун буго инсуца.

Кагъталги столалда тIад лъун гьев къватIиве лъугьун вуго.

Гьениса эмен ун вуго Гугучияхъе ва гьесда гьарун буго жив цIунизе тарал чагIи цо сунбе букIаниги руссинарейин. Гьез Москваялде нуха регIулел рукIун руго Каспийскалда рагъулаб заводалде щвезе рачIун рукIарал хасал хъулухъчагIи. Эмен гьезда цадахъ вахун вуго аэропланалде жаниве ва гьениса къватIиве вахъун гьечIо. Гьедин гьевги жаниб боржун буго аэропланги.

Астраханалда гьел рещтIараб мехалда аэропланалда рекIун вуго гIадатияб ретIел ретIарав чанго чи. Гьел цIакъ кIвар кьун инсухъги ралагьун руго.

Гьеб мехалда жинда бичIчIанин гьениса къватIиве вахъани тIокIав гьениве жаниве лъугьине жинда кIвезе гьечIолъи ва гьелдалъун жиндир гIумру лъугIине бугеблъиян ракIалде щвезабулеб букIана инсуца гьеб къоялъ ккараб.

Берия: "Валлагь, бетIерни бихьула дур!"

Москвалде гьел щвараб мехалда аэропланалдаса гьел рещтIунеб болъоялде аскIобе бачIун буго «эмка» абулеб букIараб машина. Гьелда жаниса къватIиве вахъарав чияс абун буго инсуда:

-Гьалмагъ Даниялов, гьарулеб буго гьаб машинаялда рекIайин, ниж духъ балагьун чIун руго,-ян.

Эмен рекIун вуго нахъехун кIиго чиясда гьоркьов. Аэропорт тун букIун гьечIо гьез цевехун рекIарас нахъехунги вуссун: «Мун киве щвезавилев?»-ян гьикъараб мехалда.

-Миллиял суалазда сверун министрелъиялде!-ян абун буго инсуца,-Микоянихъе.

Гьениве щварабго инсуца Микоянида абун буго:

-Анастас Иванович, щиб, гьанже Сталинил биографияйищ цIидасан хъвазе бугеб?! Нужеца Сталиница гъалатI бичIчIаниланищ рикIкIунеб бугеб?-ян

Гьеб параялъ телефоналъул трубкаги борхулаго Микояница абун буго:

-ГIодове виччай, гIодове виччай!! Лаврентий Павлович, гьанив вуго цо тирияв дагъистанияв Сталинил биографиялъул бицунев.

Гьелде щвелалде эмен чанго нухалда дандчIван вукIун вуго Микоянгун ва гьезул букIун буго гIадатияб лъикIаб гьоркьоблъи. Гьединлъидал гьев гIажаиблъун гьечIо гьединаб харбида.

Берияца бицунелъухъ гIинги тIамун Микояница инсуда абун буго:

-Жаниве а (Берияхъе).

Бериял кабинеталъул кIалтIа инсуда дандчIван руго гIадатияб гуреб НКВДялъул аскариязул ретIел ретIарал гIадамал. Гьез гьев гъункIукьаги ккун Берияхъе вачун вуго.

«Берихъе жаниве вачарабго дица байбихьана ахIдезе,-ян ракIалде щвезабулаан инсуца,-щибго кIочон ахIдолев вукIана дун. Дица ракIалде щвезабулеб букIана Дагъистаналъе автономиялъул Сталиница лъазабун букIинги ва чIечIого такрар гьабулеб букIана: «Сталиница гъалатI биччаниланищан нужеца рикIкIунеб!?»-ян.

Берияца гьесда абун буго:

-Дуда лъалагури Чачанлъиялдаги цоги бакIаздаги букIараб ахIвал-хIал.

Инсуца бицунаан Чечено-Ингушетиялъул обком партиялъул тIоцевесев секретарасда нужер рохьабахъ гъачагъаз такъсирал гьарулел ругин абураб мехалда гьес: «Гьел дора рорхатал мугIрузда руго, гьезул жаваб динца кьоларо»,-ян абун букIанин ва гьел рагIабаздалъун гьес жиндир халкъ гочинабизе изну къураб гIадинаб жо гьабунин. Инсул пикруялда гьеб букIана кутакалда кIудияб гъалатI.

Инсуца гьединго бицунаан Дагъистаналдаги рукIунаанин жидецаго жидедего кьвагьун рагъизе ккеларедухъ жалго лъукъиялъул хIужаби, дизертираз бицунаанин жидеде тIаде гъачагъал кIанцIанин ва гь.ц.

Берияца абун буго инсуда махсаро хIалеб куцалда:

-Дур дора гIемерал руго миллатал, цоябгIаги кье.

-ГьечIо. Ниж цо халкъ буго. Ниж киналго дагъистаниял руго. Гьел руго цо квералъул киналго килщал. Кинаб къотIаниги дида цого хIалалда унтизе буго. Бегьуларо нижехъ ратIа-ратIа росун балагьизе.

Берияца гьикъун буго:

-Гьел киназухъго бетIер къотIун жаваб кьезе кIолищ дуда?

-КIола. БетIер къотIун жаваб кьола дица гьел киназулго.

-Валлагь, бетIерни бихьула дур,-ян гьимун вуго Берия.-ЛъикI буго, а дурго.

Гьедин Берияца пайда босун буго Дагъистан Азербажаналъухъе кьунгутIизе щвараб ресалдаса.

Гьеб мехалда эмен Сталингун дандчIван гьечIо. Дица гьесда гьикъун букIана Сталинихъ вукIанищ мун вукIинчIищ абун? Дос абун букIана делегациязда цадахъ, съездазда гьанив дова цогиязда цадахъ Сталиница къабул гьавун вукIанин, амма живго цохIо вукIинчIин.

Гьеб хIужа партиялъулги цоги архиваздаги батула, гьелъул бигьаго лъазеги кIола. Гьеле гьелдалъун лъугIана дагъистаниял гочинаризе бахъулеб букIараб хIаракат.

Гьелдаса хадуб Дагъистаналдаса рагъде ахIана 20 азарго гIолилав. РачIинахъего гьел рехана ростовалде гъоркье. Гьеле гьезда тIад басандана цинги немцазул артиллерия гумпара лъугIизегIан. Цинги советияб армиялъ Ростов нахъе бахъана. Дагьаб кватIун къуват бакIаризе кIвараб мехалда гьез гьеб цидасан кверде босун букIана. Гьедин цо-кIиго къоялда жаниб Ростов чанго нухалда добе нахъе бахъун букIана».

Жакъаги къунареб депортациялъул дандерижи

Дагъистаналъул халкъазе чачаназе гIадинаб депортация гьабичIониги, гочинаричIо хIалхьиялдаги гьезул цо бутIа течIин ва гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIанги гьезие хIалхьи бугин абизе кIоларо ЦIияблакалда иргадулаб нухалда ракъи лъазабун бугел руччаби ракIалде щвезаруни. Гьел жиб гIуцIун букIаралдасаго чанго моцI гурони букIинчIеб ГIавухъ мухъалдаса чачаназе депортацияги гьабун хутIараб ракьалде гочинарун рукIана ЦIияблак абулеб мухъги гIуцIун.

Депортациялдаса тIадруссарал чачанал дол соназ ричIчIалел рукIинчIо цере жидеца гIумру гьабулел рукIарал бакIазде, амма гьез цин гьавугьин цинги гьаракь борхизабун тIалаб гьабулеб букIана жал жидеца гIумру гьабулеб букIарал ракьазде тIадруссине тейин ва ГIавухъ мухъ букIухъе цIигьабейин.

Гьезул мурад тIубан, Дагъистаналъул хIукуматалъ 25-ялдасаги цIикIкIун соналъ цебе къабул гьабун букIана тумалги МахIачхъалаялде аскIорегIан Хъумторхъала мухъалде гочинарун гьел ракьал чачанахъе кьезе кколин абураб хIукму. Амма гьеб хIукму жакъаги рагIалде бахъинабун гьечIо. Гьелъиеги руго цIияб бакIалда рарал рукъзада жаниб гIумру гьабизе бажарулел шартIал гьечIолъиялдаса байбихьун гочинаруразе кьезе тIалаб гьабулеб компенсациязде щун гIемерал батIи-батIиял гIиллабиги.
Жидеего бокьичIого гьенире гочинарурал тумал данде гIуцIинабураб магIишатги реххун тун гьанжеги цоги бакIалде гочине кколел руго.

Депортация гьабурал чачаназ гIумру гьабулеб букIана гьанже Казбек мухъалъул Ленинаул ва Калининаул росаби ругеб бакIалдаги. Алмахъаздаго цадахъ гьенире гочинарун рукIана Иха абулеб росулъа гIадамалги. ЙикIана гьезда гьоркьой доб мехалда кIиго сон гурони букIинчIей ХIасанова Мухлисатги. Гьелъ кIудиязул биценаздасан ракIалде щвезабулеб буго доб заман.

ХIасанова Мухлисат: «Гъоб заманаялда рагъда эменги тIагIун дунги дир элебги рукIана хутIун. Дие кIиго сон гурони букIинчIо. Нижер чагIаз бицунаан ихаселги цIабкьалги аскIор рукIиндал нижер Иха росдал «кансара» ЦIобокь росдал сельсоветалде кколеб букIун буго. Гьенибе бачIун буго цIабкьадерил 50 нижер 15 хъизан гочинабизе кколин кагъат. КIудиял чагIаз бицунеб рагIараб буго дида гьеб, дидаго лъалеб жо щиб букIинеб?

Цинги цIабкьаз нижер росуги биххизабун ниж ритIун руго доре. ХIамидаги гьакидаги щиб жоха лъелеб букIараб? Буге-бугелъуб бугебги тун гочанаха. Нижер чагIазда гьениб цIакъ кIудияб гIакъуба-къварилъи бихьун буго. Ракьунги хун руго. МичIчI кваналеб букIун буго. Ракъуца гьорон хун вуго гIемерисев чи Ленинаулалде гочинарураб мехалда.

Нижер хъизамалдани эбелалъул инсуца ракъи бихьизе течIин абулаан эбелалъ.

1957 соналъ рачIине байбихьана гьенире цо-цо чачаназ. Гьел рачIаралдаса бараб какги щоларин ккураб кIалги къабуллъуларин абун нижер гIемерисел чагIаз дораса нахъе гочине байбихьана.

Гьенибги хутIана цо бутIа, гьанже базаразда ричарулел руго жидерго магIишат-яшав гьабулел.

Дун рукъалде юссараб мехалда дир якьадалъ нижее бихьизабураб рукъ букIун буго чачаназул букIараб. Эбелалъги ункъгIалалъги кьураб кIиго кIудияб матIу букIана дир къадазда бан. ЯчIана гьение гьеб рукъалъул бетIергьан йикIарай чачанай. Гьелъ абуна:

-Гьаб матIу дир буго.

-Дур гьеб букIине ккани мун Ихае гьеб босизе ячIунищ йикIарай?- ян гьикъана дица гьелда ва абуна дие гьел кисаяли.

Цинги абизе жо тIагIарай дой юццун чIана.

Амма кин бугониги дуца гIумру гьабулеб рокъореги рачIун гьаб рукъ жидер бугин цо чагIаз абизе лъиеха бокьилеб? Кинха гьадинаб бакIалда чи вукIинев?

Гьелдаса хадуб ниж гьениса нахъе гочана. Хубар росдада аскIор кьолел рукIана доб мехалда нижее ракьал».

XS
SM
MD
LG