Ссылки для упрощенного доступа

Депортация: дагъистаниял чияр ракьалда...


Чачаназул депортация
Чачаназул депортация

23 февраль Россиялда байрам букIаниги, цо-цо халкъазе гьеб ккола пашманаб къо. 1944 соналда гьеб къоялда байбихьана чачаназулгун гъалгъазул депортация. Хадуб гьезул бакIазде хIал гьабун гочинаруна дагъистаниязул цо бутIа. Кинаб букIараб гьезул гIумру чияр ракьазда?

Дагъистаналдаса Чачаналде гочинаруна мугIрузул мухъалъул чанго росулъа чагIи. Гьезда гьоркьор руго ЧIарада, Болъихъ, ЦIумада, ЦIунтIа, Гумбет ва Хунзахъ мухъалдаса гIадамал. Гьезул цо-цоял 1957 соналъ тIадруссун магIарухъе гочинаридалги тIадруссине бокьичIого Хасавюрт мухъалда аскIоб бугеб хъутаналдаса гIебеде чIун руго гIумру гьабун. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» Гумбет мухъалъул ТIасагьарадерихъ росулъа Будунов ГIалибулатица. I943 соналъ гьезулги аскIоб бугеб Гъоркьагьардерихъ росулъаги кIиябго росдал гIадан хутIичIого чи гочинавун вуго Чачаназул Гъвалдари абураб росулъе. ГIалибулат гьенив гьавун вуго 1947 соналъ. ЧIахIиял чагIаздаса ва эбел-инсудасан бицун лъалеб буго гьесда депортациялъул хIакъикъат.

Милициялъул форма тIад ретIарал чагIиги росулъе рачIун кинабго къайи-цIаги хIамузда къан цин Буйнакск шагьаралде ракIарун руго гьел киналго ва гьениса цадахъ гочинарун руго гьел чачаназул ракьалде.
Чачаналде гочинарун хадур тIоцересел соназ гьесул росуцоязда бихьун бугеб гIакъуба къварилъиялъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Будунов ГIалибулат «Гьаваги рекъечIого гIемерав чи хун вуго нижер гьенив тIоцересел соназ. Бакъул унти абураб унти букIун буго гьеб. ХIатта хварал чагIазул гIемерлъиялъ гьел рукъизе регIулел рукIинчIин бицунеб букIана гьез. Нижер росулъ гIадин аскIор аскIор рукIун гьечIо Чачаналда минаби, гьоркьоб кIудияб манзил букIиналъ лъалеб букIун гьечIо чи хун вукIин. Гьединлъидал гьал тIаде щвелалде хун чанго къо бан гIункIкIаз кванацин батулеб букIун буго жаназа».

ЭР «Нужер тIубараб росугойиш гочинабун букIараб Чачаналде?

ГIалибулат «Нижер кинабниги бугоха лъабго росу ТIаса, Бакьулъ ва Гъоркьагьарадерихъ. Гьезда гьоркьоб бищун кIудияб нижер росу букIун буго. ГIага-шагарго 90 гIанасеб цIараки, гъол кIиязулго 50 цIараки гIанасеб жо.

ЭР: ГIаммаб къагIидаялъ дуда чIахIияз бицаниш чан чи нужер Чачаналда хваравали?

ГIалибулат: «Валлагь, гIага-шагарго дида гьеб тарих лъаларо, амма нагагьабги чи хвечIеб рукъ букIинчIилан бицунаанха чIахIияз».

Гьеле гьеб куцалда гIемерав чиги хун чIаго хутIараз жидерго бетIербахъиялде байбихьун магIишат гьабизе байбихьун буго Чачаназул доба. Аслияб куцалда жал ругеб бакI гIемераб пихъ бижулеб бакI букIанилан бицана ГIалибулатица. Гьеб пихъидалъун гIемераб хайир щолеб букIанин жидее. ХIатта гьединаб магIишаталде ругьунлъун рукIиналъ хадуб I957 соналъ нахъруссун магIарухъе ине изну кьедал бокьичIелги гIадамал гIемер ккун руго гьезул. Цин хIал гьабун рижараб ракьалдаса гьанире гочинарун гьанже цIияб бакIалда гIумру дандебилълъине байбихьидал нахъруссун гочинариялъул магIна щибан чанги чияс инкар гьабун буго инсул росулъе вуссине ва гьел магIишат гьабун цоял Хасавюрт мухъалда аскIоб бугеб Рилъаб абулеб чIарадисезул хъутаналда, цоял гьанир цоял дора чIун руго магIишат гьабун. ХутIарал, ГIалибулатил хъизамалъул гIадамалго гIадин ТIасагьарадерихъе руссун руго. ЦIидасан инсул росулъ магIишат гьабизе байбихьараб куцалъул хIакъалъулъги гьадин бицана ГIалиблатица нижее.

Будунов ГIалибулат: «КIодоэбелгун вацалги яцалги киналго цадахъ рукIанаха гьадабго куцалъ хIамуда къан къайи-цIагун, цере къотIун боцIигун рачIунел. Инхоса рачIун ИчичIалисан сверун ГIандадерил мегIер къотIун рукIана рачIунел. Дида ракIалда буго Инхоса рачIунеб мехалда гьезул лъарада тIасан лъураб кьо букIана хъарщазул бараб. ХьвагIолеб кьодасан боцIи цебехун бачине кIоларого гIемераб къо бихьана, гьеб куцалда щвана росулъе. Хундерил колхозалъул къайимлъиялда букIараб лъабго мина батана росулъ чIунтичIого хутIараб,».
ЭР: ГIемераб захIмалъи бихьунги батила магIишат цIигьабулаго?

ГIалибулат: «Валлагь бихьанаха, цохIо дир эбелалъул вацгIаласул минаги цоги лъабго рукъги букIана биххичIого хутIараб, гьеб минаялъур гьабсагIатги ракIалда буго,I7 чи вукIана рагъида бусабиги тIамун рега-рахъун.

Гьедин хасалиде киналго гIадамазе цо-цо рукъ базе кIвана нижеда. Игьелдерил жамагIаталъги гьабуна кIдияб кумек. ХIукуматалъги тIаса квер босун течIо, тIохда кквезе шифер, цIул-цIа кьуна гьезги, амма росулъе автомобилалъул нух букIинчIолъиялда бан квал-квал букIана. Гьеб мехалъ нижер росдал гIолохъабаз хаселги гъоба Игьаледерил росда аскIоб нохъазда чIун тIамун, квераз бухъун гьабуна шагьранух росулъе».

ЭР: КигIан манзилалъул нух гьеб букIараб?

ГIалибулат: «I8-20 км букIун батила. Гьелъие кIудияб кумек Игьали росдал жамагIаталъги гьабуна. Нухде садакъаде гьан, чед кьурал чагIиги гIемерал рукIана. Гьедин нух бахъун хадуб шагьаралдаса бульдозер бачIун гьелъ битIизеги гьабуна нух».

ГIалибулатил хъизамалъул киналго гIадамал чIаго-гIатIго руссун руго магIарухъе чачаналдаса. Жинда лъай гIакълу бижараб заман 50 соназул байбихьи букIанин, чачаналда вукIаго жинда гьедигIанго кIудияб ракъи-къечIалъул бакIлъи лъачIилан мукIурлъана гьев. ТIасагьарадерихъа Будуновазул чIей букIараб чачаназул росулъ гьезул росулъа гурони чи вукIун гьечIо, гIицIго гIандимухъалдаса чагIазул кIиго лъабго хъизам букIанин гьениб. Гьазда тIадехун букIраб Центорой абураб росулъ рукIун руго Унсоколо мухъалъул ЦIатанихъ росдал ва ЧIарадас Рилъаб абурал росдалги жамагIат. Центорой ккола Чачаназул гьабсагIат вугев Президент Къадиров Рамзанил инсул росу.

Гьес гьединго бицана гьал Чачаналде ритIилалде чанго соналъ цере 1937 соналъ Хъиргъизстаназул улкаялде гочинарун рукIун руго гьесул инсул вацгIаласул тIубараб хъизамги, гьединго Бакьулъ ва ТIасагьарадерихъа росулъаги чанго хъизамги, гьезул цо-цоял чIаго-гIатIго I957 соналъ нахъруссун руго инсул росулъе. Гьасул инсул вацасул тIабараб хъизам гьенирго хун руго. Нилъ гьанире хвезе ритIарал чагIи кколин ва гьанир чIезезеги кколилан Совет хIукуматалда бахъараб ццидахъе къисматалъе мукIурлъун гьенивго къанщизе хIукму гьабун буго ГIалибулатил гIагарав чияс. Гьанже гьезул наслуялъул хутIарал чагIазе депортациялъул къурбанал хIисабалда хIукуматалъ кьолел рецIалил гIарац ялъуни цогидаб кинаб букIаниги бигьалъи щолищали лъазе бокьун ГIалибулатие.
XS
SM
MD
LG