Гьоркьохъеб Азиялде гочарал чачаназул ракьазде ине разилъун рукIинчIо дагъистаниял. Амма гьел зулмуялдалъун ритIулел рукIун руго доре. Нагагь тIурун нахъе рачIине къасд гьабуни, гьезул росаби рухIулел рукIана. Гьелда бан гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи ва Дагъистаналъул тарих лъазабулев Маркъо ШагIбановас.
Маркъо ШагIбанов: "1944 соналъул ихдал бищун ракъараб мехалъ Дагъистаналъул цIорорал мугIруздаса гочинарун руго гьел, лъелго. Гъоба кинабгIаги хIадурлъиги букIинчIого, квен-тIехалъе жоги букIинчIого гIезегIан чи хвана. Цо-цоязул баяназда рекъон, гъора хварал магIарулазул къадар чачаназул хвараздаса цIикIкIун буго. Гьединлъидал абизе ккола, чачназдаса дагьаб зулму хIехьечIин гъоба магIарулазгиян. къоло хадуб процент хун буго гьениб гIадамазул. Гъоре гочинарун рукIана гIезегIан росаби. Масала, дирго ЧIарада мухъ босани, ичIго росу букIана гочинабун - Рилъаб, ГьогIаб, ЧIилдаб, Чанаб, Могъроб, КIулзеб, Щугинуб, Мокъсоб, Сохъ. Гъоба Рилъаб абун мухъги гIуцIун букIана. Чачаналъе гочинабун букIана тIубараб ЦIунтIа мухъги. Узухъда, чачаназдаги кутакалда къо бихьун буго. Амма гьездаса дагьаб гIакъуба магIарулазеги кьуна. Гьелъул бицинеги хъвазеги ккола, гьабсагIаталда абуни гьелъул цIар бахъулеб гьечIо".
МагIарулаз, даргияз ва тумаз гIумру гьабулел хасал мухъалги гIуцIун рукIана доб мехалда Чачаналда.
Маркъо ШагIбанов: "Рилъаб мухъ гIуцIун букIана Саясан мухъалъул бакIалда. Видано мухъалда цIар хисичIо. ГIандалал мухъ гьабуна Ножаюрталъул бакIалда, Шурагъат мухъ гIуцIун букIана Гудермесалъул бакIалда. Гьенире гIадамалги гочинарун цIакъго гIемер рсаби чIунтана Дагъистаналда. Маданият нахъе ккана. Масала, кутакалда некIсияб росу буго даргиязул - Къала-Къорейш. Гьениса гIадамал гочинаруна доре. ГьабсагIаталад гьел Мамедхъалаялда руго. Гьеб кIочон тезе бегьуларо."
Чачаналъе гочинарун рукIана Гуржиялъ гIумру гьабулел рукIарал магIарулалги. Гьеб букIанин гуржиязул миллатчагIазе данде кколеб пикруян рикIкIунеб буго гьанжегIагар Гуржиялъа Дагъистаналде гочарав жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Ибрагьимовас.
Бадрудин Ибрагьимов: "Нижер тухумалъ 13 сон бана Чачаналда. Дир инсуца щуго сон байдал тIадруссана гьел. КIудияй эбелалъул вац вукIана колхозалъул нухмалъулев. Жидеего хъулухъ къваригIарал гIадамаз гьесдаса мацIги гьабун, киналго нахъе рачIана (гьел хIинкъана дова гьев туснахъ гьавилилан). Гьедин хIайваназда тIад къайиги лъун, Анцухъе рачIун, гьенисан Гуржиялде щун руго. Амма жидер рукIарал рукъзал гуржияз ккун ратун руго нижер умумузда. Чачаналда унелъул, нилъее киназего бакI гIолин, дораго чIаян абулебги букIун буго гьезда чачаназ. Доб мехалда Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев ГIабдурахIман Данияловас абун буго нижер гIадамазда Гуржиялде нахъруссун инчIого Дагъистаналдаго чIайин. Кида-къадги дозул миллатчагIаз бетIер борхичIого толареблъи лъалеб букIун буго досда, гIакъилав чилъидалха гьев вукIарав. Стальское росдал ракьги бихьизабун буго гьезда. Амма нижераз кин букIаниги ЦIор тIаса бищун бугоха. ВатIанлъидалха гьеб кколеб".
Гьедин нахъруссун рачIарал гуржиязул магIарулазда жидер росаби гуржияз ккун ратулел рукIун руго. Гьедин гьел чIезарун руго Сарусо, Чантлискъоре, Тиви росабалъ.