Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул цIар гьебго Google-рагIибуссалъ буссинабулеб буго –«пашманаб тайи» абун.
Чачанлъиялда тIалъи какаразе "гIадлу" гьабиялда данде Венаялда митинг тIобитIаразул гIагаразеги "гIадлу" гьабизе бугин лъазабун буго Къадировас.
24 декабралда Венаялда митинг тIобитIарал чачаназул гIагаразе ватIаналда гIадлу гьабизе бугин лъазабулеб букIана Чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзаница журналистазе.
Исана нижер хIукму ккана гIадатияб куцалда баркиялгун ва гьари-рахьиялгун гуреб, ракIалде рачIарал кепал лъугьа-бахъиназдасан ва харбаздасан гIуцIизе цIияб соналъул программа.
Дагъистаналда бесдал лъималазул къадар ва гьезие гьабулеб квер-бакъи.
Украиналда чанго къоялъ бицунеб буго иргадулаб сенсациялъул. Гьеб хурхараб буго журналистазда Евгений абун вихьизавурав ФСБялдаса лъутун вачIарав абулев чиясда. Украиналъул телеканалазе гьес жинцаго бицухъе, ФСБялда гьев терроризмгун къеркьолев вукIун вуго ва Лубянкаялда тIадегIанаб даражаялдаги вукIун вуго.
Жидер гьудул чIвазе къасд гьабурал гIурусал полициялъ ралагьулел гьечIин бицунеб буго Москваялда аскIоб бугеб Дмитров шагьаралда гIумру гьабулел гIолилаз. Гьелъул гIиллаги гьезда бихьулеб буго жал Кавказалдаса рукIин. Бугищха гьеб лъугьа-бахъиналъулъ кавказофобиялъул гIаламат?
Магърибалъул санкциязде данде Россиялъ лъазарурал санкциял тIадегIанал хъулухъчагIазе бокьухъе экономика бикьа-къотIизе ургъунго гьарурал жал ругин рикIкIунеб буго бизнесчи Дмитрий Потапенкоца. Гьес гьедин абуна гьал къоязда Москваялъул экономикияб форумалда. Кванил нигIматазе эмбарго лъазабиялдалъун ургъунго гъурущги капкиде ккезабунин ва ургъунго экономикаги биххулеб бугин тIалъиялъин рикIкIунеб буго гьес.
Хамиз къоялда Гъизляралда маслихIат гьабун буго авариялда Эльдаргун Разият МухIамадовал жиндихъан хварав чачаназул полициясул цIаралдасан рачIарал чагIазги хваразул гIагаразги. Гьедин лъазабулеб буго информалатаз. Амма гьеб авариялда сверун интернеталда букIана цIакъ кIудияб ахIи-хIур.
Прагаялда ноябралъул ахиралда унеб букIараб ММАялъул чемпионаталда лъабабилеб нухалда Дунялалъул чемпионлъун бахъана Россиялъул команда. Гьеб тIубанго гIуцIун букIана дагъистанияздасан
«Исламияб пачалихъ» абулеб террористияб гIуцIи тIагIинабизе бугин абуна Америкаялъул президент Барак Обамаца гьал къоязда телехитIабалда. Гьес улкаялъул ва тIолабго дунялалъул бусурбаби ахIулел руго радикалияб идеологиялдаса инкар гьабизе ва терроризмгун рагъулъ цолъизе. Гьебго заманаялда Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница Инстаграммалда бугеб жиндирго гьумералдасан бусурбабазул улкабазул лидерал ахIана, гьес абухъе «исламияб дунял тIагIинабизе къваригIараб» Америкаялде данде цо фронтлъун рахъине.
3 декабралда "Платон" системаялъул хIалтIи чIезабичIони, 4 декабралда Москваялда федералиял нухал къазе ругин жидецайин лъазабун букIана Россиялъул гIемерисел регионазда юк баччулел чIахIиял автомашинаби рачунез. Жакъа Москваялда гъоркьехун Химкиялда ракIарулел ругел гьез лъазабулеб буго Дагъистаналдаса колонна бачIинегIан чIун ругин жалин. Гьезулго цогияз лъазабулеб буго низам цIунулезул колланбиги ругин гьенирехун рачIунелин. Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъ гьел шоферал ракIарулеб бакIалдасан кьолеб буго чIагояб эфир.
Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ зама-заманаялда хасал операциял гьаризе байбихьаралдаса исана тIубала анкьго сон. Гьеб заманаялда жаниб лъагIалида жаниб чанго операция гьабурабги, лъагIелалъ КТО нахъе бахъичIеб мехги букIана гьениб. КIиго сон буго геназул I4 соналдаса тIаде ригь бугел гIадамазе хасал номерал кьуралдаса. Росулъе ина-рачIинаго гьеб бицине кколеб буго гьез жегиги росулъ ругел аскариязде. Гьел номералги нахъе рахъейин хасал сияхIазде росарал жидер цIаралги нахъе гьарейин гIарз буго гьезул.
27 ноябралда Прагаялда унеб ММАялъул дунялалъул чемпионаталда 93 кг цIайиялда Словакиялдаса Лангер Паволидаса бергьана Анкалаев МухIамад.
27 ноябралда Чехиялъул тахшагьар Прагаялда рагьана гугаригун жубарал рагъазул ММА тайпаялъул дунялалъул чемптонат. Гьелда гIахьаллъизе рачIун руго дунялалъул 40-гIан улкаялдаса спортсменал.
Голландиялъул хIукуматалъ улкаялда жаниб ва цо-цо улкабигун дандбан буго Шенгеналъул зонаялда ругел цо-цо улкабазул гIурхъабазда паспорталъул контроль цIикIкIинабиялъул суал. Гьелъул мурад буго мигрантазул ва жиде-жидер улкабаздаса лъутун рачIунезул къадаралъе контроль гьаби.
Брюсселалда ва гьелъул сверухълъиялда полициялъ хасаб операция тIобитIиялъул хIасилалда ккун вуго 16 чи. Гьедин лъазабулеб буго Бельгиялъул прокурорас. Улкаялъул премьерас лъазабулеб буго терроризмалъул хIинкъиялъул даража щаклъи бугел кквезегIан гIодобе гьабизе гьечIилан.
Исана декабралда тIубала 20 сон Чачаналъ тIоцебесеб рагъ байбихьаралдаса. Официаялиб куцалда гьеб рагъалде абулаан Чачан Республикаялда конституционияб низам чIезабиян, цоги гьелда абула чачаназул конфликт яги Чачанлъиялда тIоцебесеб компания абун. ХIакъикъаталда гьеб букIана 1991 соналда жибго лъидаго бачIеб букIиналъул лъазабураб Чачаназул Республика Ичкериялда ва Россиялъул аскариязда гьоркьоб рагъ.
Чачаназул Курчалой мухъалъул Майртуп росулъа ункъго гIолиласде гIунтIизабулеб буго гьез зияраталда цIа лъеялъул гIайиб. Гьел мукIурлъун руго шайих Кунта-ХIажил муридлъун вукIарав Янгулби-ХIажи шайихил Курчалой росулъ бугеб зияраталде тIаде цIатариги тIун гьелда цIа лъеялъе. Цо-цо лъазабиязда рекъон, Кунта-ХIажил тухумалъул чи рагIула чачаназул нухмалъулев Къадиров Рамзанги.
Ноябралъул 26 къоялдаса 29 къоялде щвезегIан Прагаялда тIобитIизе буго гугаригун рагъ жубазабураб спорталъул тайпаялъул ММА версиялда рекъон Дунялалъул чемпионат. Гьелда гIахьаллъизе бугеб Россиялъул команда тIубанго дагъистанияздасан гIуцIун бугин абизе бегьула. Нижеца гара-чIвари гьабуна гьеб гIуцIараб Чехиялъул гугаригун рагъ жубазабураб спорталъул тайпаялъул ай ММА-ялъул Цолъиялъул нухмалъулев Перт Карешгун.
Загрузить еще