Ссылки для упрощенного доступа

Берал кунчIуларел лъимал


Дагъистаналда бесдал лъималазул къадар ва гьезие гьабулеб квер-бакъи.

Гьал къоязда информалатаз кьуна Россиялъул регионаздаса бесдаллъимал къабул гьаризе хIадураб бугин Дагъистанин абураб хабар. Хъизаназде хьихьизе бачине лъимер къваригIаразул иргаялда 600 хъизан бугин бицана нижее бесдал лъималазул тIалаб гьабулел идарабазул хIалтIухъабаз. Щиб букIараб гьединаб лъазабиялъе гIилла ва кинаб бугеб жакъа Дагъистаналда бесдал лъималазе гьабулеб квер-бакъи.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:16:00 0:00
Загрузить файл

Дагъистаналда, официалиял баяназда рекъон, буго 5700гIан бесдаллъимер. Амма гьеб тарих тIубанго битIараб гьечIолъиялда щаклъи бугин ва гьединазул къадар дагьаб батизе кколин рикIкIунеб буго «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абулеб идараялъул нухмалъулей ГIусманова Раисатица. Гьелъ бицана, жидехъе щварал баяназда рекъон, жидер сах-саламатал лъимал бесдалал ругин хъвалел ругин чIаго ругел цо-цо эбел-инсуца, гьебги гьезие бесдалазе гIадин рукъзал щвезелъунин.

Дагъистаналъул щибаб мухъалдеги ун бесдалазул хIакъикъияб къадар лъазабизе бугин жидецайин бицана Раисатица Эркенлъи Радиоялъе.

ГIусманова Раисат: "Дагъистаналда жакъа къоялде, официалиял баяназда рекъон, 5700гIан бесдал лъимер бугин абизе бегьула. Дун йиго ЖамгIияб Палатаялъул гIахьалчIужу, гьениб бугеб социалияб цебетIеялъул ва сахлъи цIуниялъул рахъалъ комиссиялъул тIадкъаялда рекъон, дица цогиязда цадахъ хал гьабулеб буго республикаялъул щибаб мухъалда бесдалазул хIакъикъияб къадар лъазаби мурадалда. Нижехъе гIарзалъ рачIуна, эбел-эменги нахъа ругел лъималазе щолел ругин рукъзал жидее щолел гьечIин абун. Гьединлъидал мухIкан гьабизе ккола гьеб тарих. Эбел-эмен рукIаниги, кумек гьабизе рихьизарун руго анлъго категориялъул лъимал.

Эбел-эмен жанир тIамун ругел, эбел-эмен инвалидал, наркоманал, туберкулезалъ унтарал, гьекъолдухъаби ругони-гьединазул лъималги кьола хIукуматалъул тIалабалде гъоркье. Амма Дагъистаналда халлъулеб буго цо-цо эбел-инсуца жалго чIагоги рукIун, жидеда аскIор ругел жидер лъималаздаса инкарги хъван гьел бесдалал ругин лъазабулеб гIаламат. Гьединаз цинги хIакъикъаталдаги бесдалал нахъе ккезарулел руго".

Руго Раисатил баяназулъ лъикIал харбалги. Азарханабазда улбуз инкар гьабун хутIарал лъимал кьолел «ГьитIичазул рокъоб» жакъа къоялде цогIаги лъимер гьечIо. Гьенире лъимал кьун рукIун ратаниги, гьел цогияз жидеего рачун ун руго ва гьединал лъимал рачине къваригIаразул читIир 600 хъизамалдецин бахунебги буго.

ГIусманова Раисат: "600гIан чи ватила играялда чIун роддомалдаса лъимал рачине щоларого. Лъималазул рокъоб жакъа къоялде цониги гьечIо рехун тараб лъимер хутIун. Исана гIезегIан рачун руго гьел. Гьенир хутIун руго эбел-инсуца жидерго гIумру нухда билъинегIан, цо, лъабго, анлъго моцIалъ гьенире кьурал лъимал. Абулаха больницабаздаса гIарацги кьун рачунел ругин лъималин. Дихъ гьечIо мухIканал далилал, амма руго 500 азаргоялде яс ячанин, миллионалде вас вачанин абулел харбал. Гьединал кквезе гьелда хадув чIарав чиги гьечIо, цо-кIиго щваразул телевизоралъги бицунеб букIана. Лъимал жидеего рачине гIарац кьолеб буго".

Гьал гIагарал къоязда Дагъистаналъул информалатазда тIибитIун букIана дагъистаниял хIадурал ругин Россиялъул цоги регионаздасаги хьихьизе лъимал рачинейин абураб баян. Гьелъие гьадинаб комментарий кьуна Раисатица.

ГIусманова Раисат: "ЖамгIияб Палатаялда буго гIолохъабазул ва спорталъул комиссия. Гьелъул нухмалъулев хисулев Иразиев Эльдарица гьабуна цо гьадинаб цебелъей дагьаб цебегIан. Дагъистаналда лъимал къваригIараб 600 хъизан бугелъул, рачIайин Россиялъул регионаздаса рехун тарал лъимал рачинейин. Дун бесдалазул суалазда тIад хIалтIулей йигелдаса буго 29 сон. Дица абуна гьел васазда гьеб цIакъ лъикIаб хабар бугин, амма гьелда цере чара гьечIого тIуразе кколел масъалаби гурин. Лъимал хьихьизе рачунел улбул цин хьвадизе ккола -лъимал рачунел улбузул школалде. Гьенире хьвадичIел улбузухъе лъимал кьоларо. Дагъистаналда гьеб гьечIо. Гьединго гьечIо хьихьизе лъимер бачарал улбузе кумекалъул Центр. Рачарал гIоларелъул додинал лъимал. Дирги буго хьихьизе бачараб кIиго лъимер. Диеги къваригIун букIана гьединаб Центрги гьениса психологалги. Гьел лъималазеги къваригIуна улбузеги къваригIуна. Гьединал психологал гIолел гьечIо Дагъистаналда. Лъимал хьихьизе рачарал улбузда цоги лъазе кколеб жо буго гьединал лъимазда жал хьихьизе рачарал рукIин бицине кколеблъи. Цо-цоязе бокьула гьеб балъго гьабизе, амма лъимада гьеб лъачIого хутIуларо. Балугълъиялъул гIужалда гьезда гьеб лъани-гьелъул кIудиял проблемаби рукIуна цинги. Амма хьихьизе лъимал рачине къваригIарал хъизаби руго. Россиялдаса гьел рачине разияб 15-20 хъизан лъалин жиндайин абуна гьениб Эльдарицаги.

«Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абулеб идара гIуцIун букIана 2008 соналда. Гьелъул аслияб мурадги буго эбел-эмен гьечIого хутIарал яги цоги гIиллабазда бан лъималазул рокъоре ккарал лъималазе социалиябги юридикиябги кумек гьаби.

ГIусманова Раисатица ЭР мухIкан бицана жидер хIалтIул ва гьеб идараялда ругел программазул.

ГIусманова Раисат: "Лъималазул рокъоса къватIире рачIарал лъималазе хIукуматалъ кьезе кколеб рукъ щвезе кумек гьабула нижеца, гьел хIалтIуда лъезе кумек гьабула. Рукъ щвезегIан ине бакI гьезул батичIони, нижеца гьединазе рагьун буго социалияб петер. Нижедасан гьениб кумек щвана 32 ясалъе. Нижеца гьезда малъула квен гьабизе, рукъаризе, росасе араб мехалда гьесул ва гьесул гIагарлъиялъул адаб-хъатир гьабизе. Эбел нахъа гьечIел ясазе гьел кIвар бугел суалал ругин кколаха нижеда.

Нижеца гьединал лъималазда малъула къанунал ва гьезул ругел ихтиярагун льготабазул. Гьединго бицуна хъалияналъул, гьекъолдиялъул ва наркотиказул бугеб заралалъул. Гьеб цIакъ мухIкан гьабула нижеца васазе. Гьединго васазе хIалтIи балагьизеги квер-бакъи гьабула, хасго инвалидазе. Гьединал гIемеразе хIалтIуде росизе бокьуларелъул, гьезие нижер квер-бакъи цIакъго хIажатаб буго.

Нижеца тIатинабуна цIалулел ругел студентал- бесдал лъималазе гьезул цIалул идарабаз 2200090 гъурущ кьун гьечIолъи. ЛъачIогойин, гIалатI ккунин, лъималаз гIарза хъвачIогойин гIиллаби рукIана гьез ралагьулел. Цо-цоял диваналде кьун цогиял кьечIого нижеца гьеб гIарац гьел лъималазухъе щвезабуна".

ЭР: Бесдал лъимал хъизабазда гIурал лъималаздаса батIиял рукIунищ?

ГIусманова Раисат: "РукIуна. Дирги буго рокъоб хьихьизе бачараб кIиго лъимер. Васасе щуго сон букIана вачараб мехалда, гьанже 15 буго. Яс дица ячана исана августалда гьей хьихьизе ячарай эбел хвараб мехалда. Гьелъие буго 16 сон. Кие айинха гьей телей йикIарай? Дица гурони лъицаха гьей хьихьизеги ячине йикIарай? Вас вачун вукIана дица диего гIоло гуреб, дир диргоги буго лъабго лъимерги, гьезул лъималги. Дица гьев вачун вукIана гьесие гIоло. Гьес 18 сон базегIан эбелалъул рокьиги тIалабги гьесие кьезелъун. Хадуб жиндирго эбел ялагьил гьесда ракIалде ккани, гьеб мехалдаги дица кумек гьабила гьесие. Дирго вас гIадин хьихьун вугониги, дида бихьулеб буго гьесул бадиб кунчIи гьечIолъи. Дозда кколеб буго жиндир щайин эбел-эмен гьечIел, жал щайин рехун таралин. Гьел, киналго гьечIониги, дагьал агрессивиял рукIуна".

Руго Раисатил хIалтIи гIуцIиялъе цIиял планалги. Жидер тIалаб-агъазалда ругел лъималазе щолеб тарбия щвалде щвараб букIинелъун гьелдаракIалда буго жидер централде хьихьизе ригь араб ва кумек къваригIарал руччаби рачинеги. Раисатил пикруялда гьелъ рес кьезе буго гIолел ясал чIахIиязул адаб гьабизе ва гьезие хъулухъ гьабизе ругьунлъизе ва хьул буго гIумрудул малъа-хъаял хераз гьезие гьаризе рукIиналдаги.

ГIусманова Раисат: "Пуланаб хъизамалъ дие кьуна МахIачхъалаялда аскIоб ракьул кесек. Гьениб базе минаялъул 100 азарго гъурщил багьаяб проектги кьуна дие чIобого. Гьанже дица спонсорал ралагьулел руго гьениб медициналъул центр базе. Гьениб дару гьабизе буго херазе ва лъимал-инвалидазе.

ХIукуматалъ нижее гьабураб кумек ккана-нижеца ккун бугеб рукъалъухъ ижараялъул гIарац босунгутIи. Нижее бергьуна грантал. Гьанжеги бергьана ясазде яскIоре хьихьизе херал руччаби рачиналъул проект. КIудиязул адаб гьабизе ясалги ругьун гьарила, гIумрудул малъа-хъаял хераз гьезие гьариялдаги хьул бугоха. Хьихьизе кколел херал руччабиги гIезегIан руго. КIиго сон буго дир гьеб пикру ботIролъе бачIаралдаса. Гьединазул гIуралъ кIудияб сияхIги бакIарун буго".

«Бесдалал гьечIеб Дагъистан» идараялъ гьарулел батIи-батIиял къецазулги, гьезул рукIунел жидерго байрамазулги, жамгIияб гIумруялда гьезул гIахьаллъиялъулги цо программаялда бицун бажаруларо, амма бесдал лъималазда жал бесдалго тун гьечIолъи бичIчIизабиялъе хIалтIи гьабизе жидерго бугеб хIадурлъиялъул лъазабулеб буго «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абулеб идараялъ.

XS
SM
MD
LG