ТIолгодунялалъул журналистазул ихтиярал цIуни абураб гIуцIиялъ хIадур гьабураб рейтингалда бищунго журналистазул хIалтIуе хIинкъи цIикIкIарал улкабазда гьоркьоб ичIабилеб бакIалде бачIун буго Россия. Аслияб куцалда гьеб рейитнг хIадур гьабун буго чIварал журналистазул такъсир рагьиялъул хIасилазде балагьун. ЦIез-рехаз бихьизабулеб буго цониги гьединаб такъсир рагьун гьечIеблъи Россиялда. Кинаб ахIвал-хIалха бугеб гьелъул рахъалъ Дагъистаналда?
Журналистазе бищун хIинкъи цIикIкIараб регионлъун Россиялъул регионазда гьоркьоб хутIулеб буго Дагъистанги. ТIолабго Шималияб Кавказалъул регионазда бугин гьединаб хIинкъиян абун букIана «Черновик» газета гIуцIарав ХIажимурад Камалов чIван хадув Хьюман Райтс Вотч абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Ахираб 20 соналда жанив дагъистаналда чIван вуго кинавниги 15 журналист. Гьезул ахирисев вукIана 2011 соналъул декабралда чIварав «Черновикалъул» хважаин ХIажимурад Камаловги.
ЦохIо Россиялда гуребги эркенаб рагIи цIебетIураб дунялалъул бокьараб улкаялда бугин жакъа журналистасул гIумруялъе хIинкъиян абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго «Черновик» газеталдаса журналист МухIамад МухIамадовас. ГIицIго авторитариял хIукуматазда гьечIин гьединаб хIинкъи журнаслистазе, щайгурелъул гьединал улкаялда вугев журналистасда лъалин жив гъорлъе лъугьине бегьулебги бегьуларебги бакI. Мисалъе гьединал улкабазда гъорлъ МухIамадица рехсана Совет хIукуматалъул пачлихъ, Августо Пиначетица нухмалъи гьабулеб заманаялъ букIараб республика Чили, гьединго Россиялъул регионазда гьоркьоб гьес рехсана Чачаназул республикаги, щайгурелъул гьениб авторитарияб режим билълъанхъизабулеб букIиналъ. Дагъистан гьес рехсана эренаб рагIи билълъанхъизабизе бищунго рес цIикIкIараб регионлъун.
МухIамад МухIамадов: «Россиялъул субъектазда гьоркьоб гьелъул рахъалъ цебесеб кьерда буго Дагъистанги. «Рагьун кIалъазе изну кьей» абураб фондалъ тIобитIараб цIех-рехалда рехъон Дагъистаналъе щун буго бищунго кIудияб къимат. Амма гьеладго цадахъ журналистазе гIумруялъе хIинкъи цIикIкIараб регон хIисабалдаги гьеб бищун цебе буго. Россиялда дида лъаларо цоги гьединаб регион, ахираб къого соналда жанив 15 журналист гIмруялдаса ватIалъараб. Цояб рахъалъ балагьани эркенаб пикру къватибе кьезе кIудияб рес щун буго, цогидаб рахъалъ хIинкъиги кIудияб буго. Гьеб киналъго бицунеб буго инормациялъул алатазда гьоркьоб конкуренция цIикIканагIан, тIалъиялъул хIалтIуе битIараб къимат кьезе кIолел инормациялъулал сурсатал цIикIкIанагIан цIикIкIунел руго жураналистал чIваялъул хIужабиги.
Амма Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъо рази гьечIо Дагъистан журналистазе бищун хIинкъи цIикIкIараб регион кколилан абураб пикруялда. Дагъистналда къватIибе биччалеб «Новое Дело» газеталъул вукIарав бетIерав редактор ккола гьев Россиялъул цогидал регионазда дандекъан батIалъи гьечIого киса кибего бугин жакъа гьединаб хIинкъи журналистасейилан. Гьединго Маркъоца рикIкIунеб бго ахирал соназда Дагъистналда чIварал журналистазда гьоркьор киналго журналистасул хIаракатчилъиялъухъ чIварал чагIи кколариланги.
ШагIбанов Маркъо: «Журналистазул цолъиялъ чIваразда гъорлъе рачун руго журналисталъун хIалтIичIел чагIи. Гьединалъилал гьеб масъала батIатIун халгьабизе, ай цохIо журанлисталги чIван хутIарал жалго тун ругилан абизе дида кIоларо, чIвалел руго кIиябго рахъалдаса гIадамал. Жакъа гьел такъсиразулъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал гIаммаблъун буго киназего. Мисалалъе восизин «Молодежь Дагестана» газеталъул вукIарав бетIерав редактор ГIабашилов ХIажи. Киназго абула гьев журналистасул хIалтIуе гIоло чIванилан, амма дица рикIкIуна жиндирго ва политикиял мурадазе гIоло ватIалъанин гьев гIумруялдасаян».
Дагъистаналъул РГВК каналалда миллиял мацIазда рахъулел передачабазул шеф редактор ГъалбацIов ГъазимухIамадица гьадин загьир гьабуна жиндирго пикру.
ГъалбацIов ГъазимухIамад: «Мисалалъе цо чиясул хIакъалъулъ дица хъвани дихъе полициялдъул яги цогидаб жавабияб хъулхъалдаса чи гуро вачIунев, вачIуна гьев чиясул имгIал ялъуни цевесев гIагарав чи, дуца щайин гьасул хIакъалъулъ гьадин хъварабилан кIалгьикъизе ва бищунго гIажаибаб жо щибниги гьелдехун бухьен гьечIел чагIицин рачIуна. Жакъа Дагъистаналда цо пуланав хIакимчияс гьаб жо бикъун бугилан хъвани миллатцин гьабуларо, лъицаниги, амма гьев чиясул цIархъвани гьеб мехалъ рачIуна неца речIчIараб гIадин дуца гъодин хъвазе кканийила, дуда бихьарабищила, адинила додинила, кьабилила, вухилила абун хIинкъаби кьезе. ЦохIо Дагъистналда гуребги киб гьеб бугеб жакъа журналистасе хIинкъи гьечIеб регион? Лъица гьев цIунулев?».
Рес бугиш жакъа Дагъистаналда журналистасе живгоги цIунун бажарулеб къагIидаялъ хIалтIизе. Гьеб суалалда тIасанги гьадин бицан жиндирго пирку ГъазимухIамадица.
ГъалбацIов ГъазимухIамад: «Дир хIисабалда халкъалъул, культураялъул рахъалъ бугониги лъаялъул рахъалъ, бугониги даража эхеде борхани вичIчIизе вуго гьезда журналист. Амма жакъа журналисталги ругелъул батIи-батIиял. Газеталъул тираж цIикIкIинабизелъун яги цо лъил бугониги хасал мурадазе гIоло букIинего букIинчIеб жо кьолеб буго гьез къватIибе. Гьанже дов чи вукIуна диваналде нахъе векерахъдилев жиндирго ихтиярал цIунун. Гьединал жал хъвалел ругони газеталъул даража борхизе бегьлаха эхеде, амма халкъалъул дараж цIикIкунеб бугоги журналист нечелаха гьединал жалги хъван жиндирго цIар учуз гьабизе»
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ ва гьединго Юнескоялъ гьал къоязда кьурал баяназда рекъон ахирал 10 соналда жанив дунялалда чIван вуго 600 журанлист, цохIо араб 2012 соналъ чIван вуго 100 чи. Аслияб куцала гьез рохулел рукIун руго рагъулал тунка-гIусиязул гурел, жамгIияталда церечIарал суалал, мисалалъе ришватчилъи, инсанасул ихтиярал цIуни гIадал. ЧIварал журналистазул такъсиразул 10 бутIа гьабун ичIго бутIа жакъа къоялъги рагьун гьечIилан хъвалеб буго гьебго баяналда.