Бостоналъул кьвагьиязул пайда лъие бугеб?

Бостоналда 15 апрелалда марафоналъул заманалда гьарурал кьвагьиял чачаназ гьарун рукIин чIезабуни, гьел ккезе руго СССРалде гъорлъе унел рукIарал республикабаздаса гIадамаз Россия бахун гьабураб тIоцебесеб терактлъун.
Гьел кьвагьиязда сверун гIемерал баянал ва экспертазул пикраби руго информалатазда Россиялдаги къватIисел улкабаздаги. Абизе ккола гьел цо-цо мехалда цоцазе гIаксаб магIнаялъулги ругин гьелин. Гьединазул цо-цоял данде гьарун руго жакъасеб хасаб программаялдаги.

Бостоналъул кьвагьияздаса хадуб Россиялда цIикIкIун рагIунел руго гьел кьвагьияздаса пайда Америкалъ босизе рес бугин пикраби. Официалиял каналаздасан рагIуларо Россиялъ гьездаса пайда босизе бугин абулеб, амма гьединал гьезего гьечIин абуниги мекъса ккела.
КъватIисел улкабазул медиагIатIилъиязда цIикIкIун рагIине бегьула гьел кьвагьиязул Россиялъе пайда бугин абулел пикраби.

Гьединазул цояб загьир гьабуна хас гьабун Эркенлъи Радиоялъе Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалазда сверун Америкалдаса эксперт Стефан Бланкица. Гьес абулеб буго гIурусазул гIурал гIиллаби руго терроризмалъукьа хIинкъизе. Гьебги гьелъул кьалбал тIагIинаризелъун Шималияб Кавказалда кьварарал тадбирал тIоритIаниги. Гьанже Сочиялда рукIине ругел Олимпиадаялъул хIаял гIадахъ росун гьез хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал дагьалги кьваризаризе ругин ва исламияб радикализмалъул рагIадцин гьенибе аскIобе биччазе гьечIин кколин.

Президент Владимир Путиница Бостоналъул кьвагьияздаса пайда босун Шималияб Кавказалъул регионалда жиндирго репрессиявияб политика ритIухъ гьабизе рес бугин, амма гьелъул хIасил букIине бугебищали жинда лъаларин абуна нахъеги Бланкица. Жинда кколин гьелда бан рахIат хвеялъе гIиллаги бугин, щайгурелъул Россия унго-унгояб полициялъулаб пачалихъ букIин бичIчIулеб букIунин абуна гьес

Геополитикиял экспертизабазул Москваялда бугеб Централъул директор Коровин Валерийил пикру буго Бланкилалдаса тIубанго батIияб.

Коровин Валерий: «ТIоцебесеб иргаялда гьелъул пайда буго Америкалъе, гьелъул миллияб администрациялъе. КIиабизе бугони, гьелъул зарал буго, гьединл терактазул инициатораллъун гIемерисеб нухалда рукIунел, исламистазе. Гьелъул кинаб букIаниги пайда гьечIо Россиялъе ва гьелъул миллияб администрации.

Щайгурелъул, бицен гьениб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараби рекъон хIалтIиялъул даражаялъул гуребги Кавказ америкаялъул стратегаз кIвар кьолеб бакIлъун кколеб букIиналъул бицунеб букIиналъги. Афгъанистаналдаса НАТОялъул контингент реххулеб бакIлъунцин гьеб бихьизе рес букIиналъ. Бостоналъул терактаздаса хадуб зарал ккарараб рахълъун буго Россия. Гьебги теракт гьабиялда щаклъи бугезул фамилияби чачаназул рукIиналъ ва Чачанлъи формалияб куцалда Россиялъул территория букIиналъ.

Гьебго заманалда Америкалъул миллияб администрациялъе гьел кьвагьияз рес кьолеб буго улкаялда жанисеб политика дагьабги кьваризабизе, жидерго гражданазда хадуб хал кквеялъул режим дагьабги кьваризабизе, хIинкъиялъул даража цIикIкIинабизе ва ахирал соназда гьенир гьарулел рукIарал ва икъбал кьечIел медициналъул ва цоги социалиял реформабазул хIасилалда улкаялда жаниб лъугьараб дисбалансги контролалде гъоркье босизе. Гьенир дагьал гьечIо этникиял къукъабазда гьоркьор проблемабиги. Гьебго заманалда гьеб буго Кавказалъухъ НАТОялъул ва Америкалъул стратегазул аслиял мурадал цолъулеб бакIалъухъ гIадин балагьизе рес кьолеб формалияб гIилла».

ЭР: Дур пикруялда, гьел гIолилазда нахъа рукIанищ кинал рукIаниги хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къукъаби яги гьез гьанже Царнаеваз гьабуралдаса, дур пикруялда, гIицIго пайда босулебищ бугеб?

Коровин Валерий: «Дида ккола гьел рахъанин теракталъул гIайиб тIаде рехизелъун хIадурулел рукIарал къукъабазул цояблъунин. Дида ккола гьеб теракт хIакъикъиял профессионалаз хIадурун букIанин. Гьел рукIине рес буго армиялъул ветеранал яги хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъазул рукIарал хIалтIухъаби. Бихьулеб буго гьев кIиявго васас гьел кьвагьиял хIадурун ва рагIалде рахъинарун рукIинчIолъи. Рес буго жидеца хIадуричIеб машина хIалтIизе биччазе гелдо цIарал чагIи гьел рукIинеги».

Россиялъул прессаялда гIемер бицунеб ва цо-цо экспертаз абулебги буго Бостоналъул кьвагьияздаса пайда Америкалъ босизе бугин, дуца кин рикIкIунебин суал кьуна нижеца Россиялъул гIелмабазул Академиялдаса социолог ва Кавказ лъазабулев Кисриев Энверие

Кисриев Энвер

Кисриев Энвер: «Дунги ургъулев вукIана гьел суалазда тIад, амма гьел пикраби ритIухъ гьабулеб жо дида батичIо.
Щиб гIилла букIине кколеб Америкалдаги гIурал, гьелъул жамгIияталъ гIезеги гьарурал гIолилазе гьел магIна гьечIел кьвагьиял гьаризе?»

ЭР: Энвер, рукIана 11 сентябралда гьарурал гьужумаздаса Америкалъ пайда босанин абулелги пикраби.

Кисриев Энвер: «Гьеб батIияб жо буго. Дица тIадчIей гьабулеб гьечIо, амма гьел гьужумаздаса хадуб Америкалъ гучалда хисизабуна жиндирго политика, гьелъ гьеб кьваризабуна гьелги дунялалъул батIи-батIиял регионазда ругел батIи-батIиял улкабазда. Гьеб гьедин букIанин чIезабизе, узухъда, дида кIоларо, амма гьединал гIаламал халлъизе бегьула. Бостоналъул кьвагьиязул щиб пайда букIине бегьулеб? Чачанал квешал чагIилъун рихьизаризейищ? Гьелъие кьвагьийищ гьабизе кколеб? Дун гьелда божуларо».

ЭР: Бостоналда кьвагьиял ккун дагьаб заман иналде Путиница лъазабуна гьез цоги нухалда бихьизабулеб бугин Шималияб Кавказалда гьес билъанхъизабулеб букIараб политика битIараб букIараблъийин. Гьанже дагьабги цIикIкIун гьединаб битIараб политика билъанхъизабизе рес кьолеб гьечIищ гьел кьвагьияз Путиние?

Коровин Валерий: «Путиница бажарухъе пайда босулеб буго гьеб ситуациялдаса. Гьелъ гьесие рес кьолеб буго Кавказалъул политика гIицIго Россиялъул жанисеб иш букIинчIолъи бихьизабизе. Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабулел рукIаразул халкъаздагьоркьосеб терроризмалъул системагун бухьен букIин бихьизабизе. Гьебго заманалда битIун гьечIони хъвалсонгIаги Путиница кIвар буссинабулеб букIана гьелъулъ Америкалъул рахъалъулги гIахьаллъи букIиналде, щайгурелъул Аль-КъагIида жиндир заманалда ЦРУялъул хIаракаталдалъун Афгъанистаналда советиял къуватазе дандечIей гьабизе гIуцIун букIиндал».

ЭР: Валерий, дуда кколарищ Путиница Шималияб Кавказалъул карта жиндиего бокьухъе къватIибе бахъулеб ва хIалтIизабулеб бугин? Бокьараб мехалда гьес абула Шималияб Кавказалъул проблема гьеб халкъаздагьоркьосеб терроризмгун къеркьеялъул проблема бугин, гьеб регионалда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналъул бицунеб мехалда гьес абула гьеб бугин Россиялъул жанисеб ишин.

Коровин Валерий: «Путин вугоха реалист. Улкаялъул суверенитет ва миллиял интересал цIунизелъун гьес хIалтIизарулел руго жинда бажарулел къагIидаби. Гьел батIи-батIиял темаби руго. Цо иш буго экстремистиял инструкторал гьеб регионалде рачIин ва Россиялъул цолъиялде данде къеркьезе чагIи гьенир хIадури. БатIияб иш буго регионалда инсанасул ихтиярал цIуниялъул суал. Гьеб буго жанисеб иш. Нижеца абулеб гьечIоруги Путиница гIарцухъ гьенире рахъизе рачIарал чагIазул ихтиярал хвезарулел ругин.
Гьениб бакIалъул халкъалъул ихтиярал хвезариялъул бицани, тIоцебесеб иргаялда гьезие санагъалъи бахъун буго гьеб регионалда халкъаздагьоркьосел террористиял къукъабазул чагIи рукIиналъ. Гьел чагIазда буго гьениб халкъалъул ихтиярал хвезариялъул жавабчилъиги. Путиница гьел суалал батIа-батIа рихьизарулел ратани, гьес гьедин буго пачалихъалъул мурадал цIунулел руго».

ЭР: Путиницаги абулеб батани, гьанже дуцаги абулеб буго халкъазда гьоркьосел экстремистал Шималияб Кавказалда ругин, гьел гьенире рачIунел ругин гьелъ бихьизабулеб гьечIищ Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазул хIалтIи хашго гIуцIун букIин?

Коровин Валерий: «Гьел Шималияб Кавказалде рачIиналъул активияб фаза лъугIана Чачаналъ букIараб кIиабилеб компания лъугIараб мехалда. Жакъа нилъеца бицен гьабулеб буго гьез хIадур гьарун гьенир хутIаразул. Глобалиял террористиял исламиял къукъабазул гIахьалчагIи жакъа Кавказалда гьечIо.
Щималияб Кавказ 90-билел соназ бокьарав чи вачIине рагьун букIанин абизе бегьула. Террористиял активисталги, гIарцухъ рагъулелги гьенире дунялалдасаго ракIарулел рукIанин абизе бегьула. Жакъа гьезие гьенибе нух къан буго, хутIураб жо буго гьезул хутIелаздаса регион бацIцIад гьабизе».

Гьебго заманалда Коровиница рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда идеологияб хIалтIи гьабулебго букIинчIин. Путиница кьварараб пачалихъ бахъун чIезабуниги идеологиялъе кIвар кьолеб букIинчIин ва жакъа улкаялда идеологиялъул вакуум бугин, пачалихъияб даражаялдаго цо бичIчIулеб стратегия гьечIин ва гьеб кIудияб гIунгутIи бугин. Жакъа Кавказалда исламистияб идеологиялдехун гIемерал гьетIулел рукIинги идеологиялъул суалазе Кремлалъ гIураб кIвар кьолеб гьечIолъиялъул проблема бугин рикIкIунеб буго политологас.

Россиялъул хIинкъигьечIолъиялъул суалазда сверун Америкалдаса цоги эксперт Марк Галеоттил кIудияб щаклъи буго Бостноналъул кьвагьияздаса хадуб Россиягун Америкалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватал цоцалъ рекъон хIалтIизе рукIиналда.

Марк Галеотти: «Дун гьелъухъ балагьула цIакъ скептикияб куцалда. Цебеги 11 сентябралда Америкалда терактал гьарун хадуб гIемер бицунеб букIана цадахъ хIалтIиялъул. Гьаб нухалъги ФСБялъ квербакъи гьабулеб букIана ФБРалъул къукъаялъе Дагъистаналда хIалтIизе. Дида ккола гьезул рекъонхIалтIи лъугьунеб гьечIин цадахъ рекъон хIалтIи щиб жояли гьел кIияздаго батIи-батIияб куцалда бичIчIулеб букIиналъин.
Дида ккола американияз россиялъулазда сверун цо кинабалиго скептицизм цIунун бугин. Дида ккола цо рахъалдасан гьеб бараб бугин Россиялда инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун ругел проблемабаздайин. Магърибалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идарабазул нухмалъулелгун кIалъа-ралъаял гьариялдалъун дир букIараб хIалбихьиялъги дагьабиги лъикI бихьизабулеб буго неосталинилаб тайпаялъул цо-цо гIурус-хъачагъаз коррупциялдасаги инкар гьабулеб гьечIолъи.
Гьел божулел гьечIо гIурусал ракI рагьун цадахъ хIалтIизе разиял рукIиналда. Жалго гIурусазги гьеб пикру хисизабизе гьабулеб хIалтIи кIудияб гьечIо.
Цебе нилъеда гIемер бихьана къватIисел улкабазда ругел цо-цо гIадамазда хадуб хал кквей чIезабизе къваригIараб мехалда гIурусаз гьез гьарурал къануналде данде кколарел жал кIодо-кIодо гьарун рихьизарулел рукIин. Гьез абулеб букIана Чачанлъи лъадаго бачIеб букIиналъул рахъ кколел чагIи потенционалиял террористал ругин.
Гьеб буго кIиябго рахъалъул проблема.
Цин гъира букIуна информация цоцазе гIахьал гьабизе, хадуб цо анкь-моцI ун хадуб гьеб гъираги уна. Гьелдасаги хадуб бижун бачIуна рахъазда гьоркьоб кинабалиго проблема ва цебе букIараб хIаракат тIубанго билула».

ЭР: Лъалеб букIахъе Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керри кватIичIого щвезе вуго Москваялде. Кин дуда кколеб букIинисеб рекъонхIалтIиялъул суалалъ гьесул данделъабазулъ кинаб бакIал кквезе бугеб?

Марк Галеотти: «Дида кколаро гьесул визиталъул аслияб суаллъун гьеб букIине бугин. Бостоналъул трагедиялда хадуб, узухъда, гьелъул бицинчIогоги хутIиларо. Руго бицен гьабизе кколел гIемерал суалал. Россиялъул криминалалъ, россиялъул терроризмалъ ва ярагъ бичулел гIурусаз гьабулелъул кIвар кIудияб буго американиязе.

Гьанибго ракIалде щвезабизе бегьула Нью-Йоркалда ккураб ва диваналда цебе чIезабураб россиялдаса чагIазул гIуцIараб такъсирчилъиялъул къукъаялъулги.
РукIине бегьула кIиябго рахъалъул лъазабиял. КIиябго рахъалдасан цоцазе кумекалъе хасал гIадамал ритIизеги рес буго. Амма хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хIалтIи кIуди-кIудиял лъазабиял гуро кколеб. Гьеб буго щибаб къойилаб хIалтIи. Гьеб бараб букIуна щибаб къойил цо сунда букIаниги ккараб щаклъи доб цояб рахъалъухъе кьеладай кьелародай абун щибаб къойил жаваб кьезе кколел суалазда».

ЭР: КIватIичIого Сочиялда тIоритIизе руго Олимпиадаялъул хIаял. Кавказалдаса экстремистиял элементазул хIаракатчилъи гьениб загьирлъиялда хIинкъиги буго. Бостоналъул трагедия Шималияб Кавказалда жинирго политика ритIухъ гьабизелъун хIалтIизабизе рес бугищ Россиялъ?

Марк Галеотти: «БичIчIулеб буго Шималияб Кавказалда жиндирго политика ритIухъ гьабизе Бостоналъул трагедия хIалтIизабизе Россия хIадураб букIин. Битараб бицани, гьезие бокьун буго Кавказалда жидерго гIахьаллъи халат бахъинабизе. Амма хьул буго Россиялъ гьениб атлетазул ва хIаязухъ балагьизе рачIаразул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хIалтIи лъикI гIуцIизе букIиналда. Дунялалдаго бокьараб Олимпиадаялъул хIаял гIуцIулаго гIемерал улкабазул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул ва цIех-рехалъул идараби цоцалъ рекъон хIалтIула».

Бостоналдаса хадуб Россияги Америкаги хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалазул рахъалъ цоцалъ рекъон хIалтIиялъе ресал цIикIкIине рукIиналда щаклъи буго Стефан Банкилги.

Стефан Бланк: «Бицунеб гIемараб буго, амма хIакъикъаталдаги иш гьедин букIиналда дир щаклъи буго. РакIалде ккола гьеб рахъалъ цо кинабалиго хIалтIи гьабизе бугин, проблема буго батIи-батIиял мандатал ругел бюрократиял системаялъулъ. Вацал Царнаевазул бицани, гIурусаз лъазабун букIана гьезул проблемаби ругин, амма ФБРалъул щаклъи ккезе гIанасеб информация гьез кьун букIинчIо. Гьединлъидал гьеб суалги хутIун буго рагIалде бахъинчIого щиб балагьилебали лъачIого. Улкаялъул бутIрузе бигьаго букIуна рекъонхIалтIиялъул лъазабиял гьаризе, амма гьел рагIалде рахъинаризе гIемерго захIмат букIуна».

Гьанже тIадруссинин бицен гьабулел кьвагьиязул пайда лъие цIикIкIараб букIине бугебин абураб суалалде. Россиялъул гIелмабазул Академиялдаса социолог ва Кавказ лъазабулев Кисриев Энверилги буго Бостоналъул кьвагьияздаса пайда босизе бугел чагIазда сверун жиндирго пикру.

Кисриев Энвер: «Дида ккола гьел кьвагьияздаса пайда босизе бугин кавказалдаса гIадамал магърибалъул жамгIиятаз къабул гьабизе бокьуларел чагIаз, гьеб рекIее гIезе буго гIамм гьабун кавказалъулал квешаб рахъалдасан рихьизаризе бокьарал чагIазе. Гьедин нахъе бахъизе рес буго лъазабичIеб рагъ унеб бугеб Шималияб Кавказалъул регионалъул халкъал цIунизе ккеялъул суалго.
Дагъистаналда, Гъалгъаялъ гьаб сагIаталда гIадамал цо-цоккун чIван рехулел руго. ЧIвалелги щал ругелали лъаларо. Гьел чIван хадусан лъазабула гьел экстремистал рукIанин, террористал рукIанин. Гьединал ишал диваналдеги гIунтIуларо, гIунтIаралги ратула яги криминал яги ритIухъ гьарула гIайиб гIунтIизабулел.
Кавказалъулазда сверун магIна гьечIеб ва вахIщияб рагъ ритIухъ гьабизе пайда босизе рес буго Бостоналъул лъугьа-бахъиназдаса.

Лъие гьелъул пайда бугебин абуни, гьелъул пайда буго Кавказалда рагъ гьабулел ругел ва къанун щиб жояли кIочарал Россиялъул къуватазе.

Гьелдалъун гьез политикияб куцалда гьеб теракт хIалтIизабулеб буго ритIухъ гьабизе бегьулареб жо ритIухъ гьабизелъун.

Бегьуларо росу сверунги ккун гьенир ругел рукъзаде гIарадаби кьвагьизе ва хадусан гьенир чIваразде цере лъицаялиго гьарурал такъсирал тIаде рехизе».

ЭР: Россиялъул централиял каналаздасан рагIулеб букIана Царнаевал хасал хъулухъазул агентал рукIине рес бугин ва Америкалъул хасал идарабаз гьел Дагъистаналда ругел яргъидгIуцIаразул къукъабалъе лъугьине хIалтIизарулел рукIун ратилин.

Кисриев Энвер: «БукIине рес буго гьединаб жо. Цинги щибха гьезие ккараб? Щай гьабизе кколеб букIараб гьединаб магIна гьечIеб ва суракъаб иш? КIиго вац цадахъго гIантлъизе рес гьечIелъул. ЛъикI буго гьезул цояв чIаго хутIи ва дие цIакъ бокьилаан гьес диваналда щиб бицунебали рагIине. Гьеб мехалдагIаги суалал дагьлъилел рукIун ратила дир ботIролъ».

Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун «Правозащита» идараялъул хIалтIахъан Тарасова Фатимал пикруялда Дагъистаналда ахIвал-хIал Олимпиада байбихьилалде рукIалиде бачIинабизе хIаракат бахъаниги бажаризе гьечIо гьеб ккун бугеб бакIалде балагьун.

Тарасова Фатима: «Цо-цо мехалда ккола Олимпиада байбихьилалде цебе гьаниб цо кIудияб ахIи-хIур багъаризабизе ва къватIиса чи вачIинаредухъ ахIвал--хIал хIалуцинабизе хIаракат бахъулеб бугин. Гьелъ ритIухъ гьабизе букIана Олимпиадаялде объектал хIадурун гьечIеб жоги, гьенире риччарал миллиардалги цинги кIочене тезе рес букIана. Гьеб гьедин бугин абулеб гьечIо дица. Амма гьеб буго гьанир ругел гIадамазул тIоцебе ботIролъе бачIунеб пикру.

Гьанже гьанир диваналъул хIукму гьечIого чIвалел гIадамазул бащдазул хIакъалъулъ лъидаго лъаларо. Гьезул газетаздасанги бицунаро, щайгурелъул гIагараз гIарза хъвалеб гьечIого. Цебе инсанасул ихтиярал цIунулезухъе рекерулел рукIун ратани гIадамал, гьанже кирего гIарзалъ унаро. Инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гIагараз гIарза хъвани, гьеб параялъго гьеб хIужаялъул сайталдасан нижеца лъазабула. Дагьаб цеве Буйнахъскалда чIварав гIолохъанчи МухIумаев МухIамадил гIагаразда абуна нижеца гIарза хъваян, амма гьез абуна жидехъе кагъат рехун бугин гIарза хъвани эменги чIвазе вугин абураб».

Бостоналъул кьвагьиял Кавказалъул регионалда хурхинаруле руго гьел гьариялда щаклъи бугел вацал Царнаевал этникиял чачанал рукIиналъги, гьенир ругел яргъидгIуцIаралгун вацазул бухьен букIанищан балагьулеб букIиналъги. Амма лъица щиб бицаниги Бостоналда чIварал лъабгоязул гIурмуги лъукъарав 260 чиясул сахлъиги тIокIаб нахъбуссунаро.