ЕГЭ: объективазул "балагьиялдасаги" рахчизе бегьулеб буго

Дагъистаналъул чанго школалда пачалихъиял экзаменал кьолеб мехалда къанунал хвезариялъе гIоло къвативе къотизе ккун вуго анцI-анцI цIалдохъан. Гьединал лъазабиял гьаруна МахIачхъалаялда тIобитIараб лъай кьеялъул идараялъул данделъиялда. «Роскомобрнадзоралъул» вакил Максим Жуковасни лъазабун буго коррупциялъул хIужжабиги загьирлъун ругин гьеб процесс унеб мехалдайин. Амма гьеб баян тIубанго тадикъ гьабулеб гьечIо.
КIиабилеб июналда физикаялъул ва къватIисел мацIазул пачалихъалъул цогояб экзамен кьолелъул 29 чиясул хIалтIи хIакъикъияб гуреблъун рикIкIана. Гьезухъ кодор ратун руго мобильный телефоналгун шпаргалкаби. Гьел ругин бищунго гIемер дандчIвалел гъалатIалилан абуна гьелда бан лъай кьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовас. Бицен гьабулел хIужаби тIатинарун руго Дагъистаналъул МухIарамкент ва Сулеймат-стIал мухъазда. Гьев 29 чияс экзамен цIидасан кьезе буго июлалда.

Гьелдаса цебе 29 маялда гIурус мацIалъул цогояб экзамен кьолеб бакIалдаги тIатинабун букIана гьединабго хIужа.

«Эркенлъи» радиоялъ цебеккун бицун букIахъе, Дагъистаналда Цогояб Пачалихъалъул экзамен кьолеб куцалда хадуб халкквезе исана Москваялдаса витIун вуго 120-гIанасев тохалчи, киналго мактабазда рекъезарун руго видеокамераби ва гьаракь хъвалел хасал алатал.

Цересел къояз Пачалихъалъул цогояб экзамен кьолелъул тIатинарурал хIужабазул бицунеб букIана гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда. «Роскомобрнадзор» абураб гIуцIиялъул нухмалъулесул кумекчи Жуков Максимица абуна Дребенталда цогояб экзамен кьолеб бакIалда чанги гIунгIутIи загьир гьабизе кIванин жинда, экзамен кьолел лъималазухъ кодор шпаргалкаби ратун чанго чи экзамен кьолеб рокъоса къватIиве вачахъиялъул хIужаги кканин гьениб.

Экзаменалда хадуб халкквезелъун тарал, «Роскомобрнадзоралъул» вакилзаби къабул гьаричIел хIужабиги кканин, хIатта цо-цо бакIазда гьезие хIинкъаби кьеялъул ва гьел ричун росизе къасд гьабиялъул хIужацин ккун бугилан бицана гьениб Жуковас.

Амма Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев ГIалиев Ширалица тIубанго ритIухъ гьабичIо гьес бицанщинаб, гIаммаб куцалдайин абуни пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялъул тадбир низамалда анин Дагъистаналдаян абуна министр хисулес. Экзаменалда хадур хал кколел чагIи хIинкъизаризе ва ричун росизе лъугьиналъул хIакъалъул баяналъе комментарий кьолаго ГIалиев Ширалица абуна гьединаб иш ккун бугилан абулеб букIин гурони жеги официялияб куцалъ гьеб тасдикъ гьабун гьечIилан.

ГIалиев Ширали: «МухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьединаб хIужа букIиналъул хабар буго. Экзаменалда хадуб хал кколес жинцаго бицун буго жинда аскIореги рачIун хIалбихьанин жив вичун восизе. Амма жив вугеб бакIалъул ва жинда тIад лъураб масъалаялъул хIисабги гьабун гьес инкар гьабун буго. ХIакъикъаталда гьеб букIине рес бугеб хIужа буго, щайгурелъул дагъистанияз гьединал бакIазда, гьоболъиялъул нухалда сайигъат-саламалъул кумекалдалъун чи кверде восулев куц нилъеда лъалелъул. Амма дица цебеккун абухъе гьес инкар гьабун буго ва нижеда, лъай кьеялъул министерлъиялда лъазеги гьабуна гьес. Нижецаги тIадал табирал тIоритIун гьелъул хIакъалъулъ кколеб бакIалде лъазеги гьабуна».

Нижеца гьесие суал кьуна батIиял шагьараздаса рачIун Дагъистаналда пачалихъалъул цогояб экзамен кьезе рачIарал гIолилазул хIакъалъулъги. Гъоркьиса рукIарал 950 чиясда дандеккун, исана гьединазул къадар бугин 65 чи. Экзамен кьолелъул гьезие щибниги квал-квал гьабизе гьечIин, щайгурелъул цогидалго гIадал дагъистаниял кколин гьелгиян абулеб буго ГIалиев Ширалица. Гьел киназго экзамен кьезе рагIула Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб техникияб университеталъул минаялъул цоялда жаниб.

Амма видеокамерабиги, гьаракь хъвалел хасал алаталги лъун пачалихъалъул цогояб экзамен тIобитIулеб куцалда рази гьечIо Унсоколо мухъалъул Зираниса ХIамзатов АхIмад. Жакъа экзамен кьолел рокъор гурел тIоцебесеб классалдаса байбихьун мугIалимзабаз лъималазе дарсал кин кьолел ругелали бихьизе гьенир рекъезаризе кколин гьел видеокамераби. ХIасил-калам ХIамзатов АхIмадица абулеб буго жакъа мугIалимзабаз лъималазе букIине кколеб хIалалъ дарс кьолеб гьечIилан.

ХIамзатов АхIмад «Жакъа букIине кколедухъ, лъилго кумек гьечIого гIолилас экзамен кьезе кканани, тIоцебсеб классалдасго хIадур гьавизе ккола гьев. Жакъа гьабулеб гьечIо гьедин. Хисун вуго мугIалим, дарсал кьолеб къагIидаго хисун буго. Цеве дун цIалулеб заманалда цо хасав чи тун вукIунаан къватIир дарсидеги инчIого хутIарал лъимал ругишали гьезда хадуб хал кквезе тарав. Жакъайин абуни мугIалим рилълъаха, ле дарсидеян гьезие лъикIаб бицунеб вуго. Гьеб жо щиб кколеб?!

Жакъа мисалалъе цо классалда 15 чи ватани цIалулев, гьезда гьоркьоса цо шуго лъикI цIалулев гIолилав лъикIаб лъай щолеб тIадегIанаб идараялде цIализе лъугьани гьеб бечелъи буго росдаего, пуланаб суал тIубазе, кумек гьарун аскIове ине вукIуна гьев. Видеокамераз гьев хIадуруларо, гьев хIадурула махщел бугев мугIалимас.
Жакъа гьезие харжида тIаде кьола стимулирующая абулеб бутIа гIарцул, амма гьеб кьолеб буго киназего бащад, хIалтIи гьабулесеги гьабуларесеги. Биччан тун буго кинабго, гIадлу-низам хун буго щколазда ва лъай кьеялда жаниб».

ЭР: Дур мисал бугиш бачине. Масала дур лъималаз кин кьураб ЕГЭ?

ХIамзатов АхIмад: «Дир кIиявго вас цIалулев вукIана Майданское росдал школалда. Гьениб букIине кколеб лъай кьолеб гьечIеблъи бихьидал дица чанго нухалда абуна абуна гьелъул хIакъалъулъ школалъул нухмалъиялда, гьез гIинтIамичIо ва дица лъимал кьуна Хьаргаби бугеб школалде. Гьениб эркенаб куцалъ ЕГЭги кьун кIудияв вас МахIачхъалаялда цIалулев вуго. КIиабилев васин абуни, лъималазда барабги гIемер букIунеб букIун буго, я гьенив цIалун бажаричIого, я росулъ бажаричIого нахъе вачана дица».
Гьединго харбал тIиритIун руго пачалихъалъул цогояб экзаменал ричун росулел рукIиналъулги. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон абулеб буго цо-цо экзаменалъухъ гIаммаб багьацин чIезабун бугилан, цо миллион гъурущ.