Къоло анлъабилеб маялда Россиялъул киналго школазда байбихьана Пачалихъалъулаб Цогояб экзамен кьеялъул тадбир. Гьеб къоялъ гIолилаз кьолеб букIана литератураялъул ва географиялъул экзамен.
«Эркенлъи» радиоялъ халккуна Дагъистаналъул цо-цо мактабазда кин гьеб тадбир унеб букIрабали. Щайгурелъул нижеца цебекккун бицухъе исана «Роскомобороннадзор» абураб, лъай кьеялда хадуб хал кколеб идараялъ 120 гIанасев чи витIун вачIине вуго Дагъистаналде цогояб экзамен кьолеб куцалда хадуб халлквезе. Щайгурелъул араб соналда гIемерал гIунгутIаби ккун, кIудияб ахIи-хIур бахъараб хIужа ккун букIана ЕГЭ кьолеб мехалда Дагъистаналда. Гьеб кинабго такрарлъичIого букIине гьабулеб хIалтIи бугин гьебилан бицун букIана «Эркенлъиялъе Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев ГIалиев Ширалица.
Каспийскалда Пачалихъалъулаб цогояб экзамен кьолел пунктал чанго бутIаялде рикьун рукIана. Мисалалъе шагьаралъул кIиабилеб, анлъабилеб ва микьабилеб школазул ва шагьаралъул гимназиялъул цIалдохъабаз экзамен кьолеб букIана Каспийскалда бугеб кадетал хIадур гьарулеб мактабалда. Ниж гьенире щвараб мехалда экзамен кьеялъул тадбир рагIалде бахъунеб букIана. Амма цересел соназ гIадин школалъул азбар сверун ракIарарал эбел-эменги, автомобилазул читIирги бихьулеб букIинчIо. Школалъул азбаралъул рагьдухъ цебе нухги къан, гьелда цере чIарал полициялъул хIалтIухъабиги гьезул цо автомобильги гурони тIокIав гIаданчи гьенив вукIинчIо. ХIатта жив тIовитIизе вилълъарав жиндир мугIалимцин школалъул минаялъул кIалтIасаго нахъвуссинавунилан бицана экзаменги кьун къватIиве вачIине ватарав, Каспийскалъул кIиабилеб школалдаса Рашидица. Экзамен кьолеб рокъоб букIараб ахIвал-хIалалъул гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.
Рашид: «Кинабго цIакъ кьваризабун букIана. Телефонал нахъе росун ана нижехъа, махх-кIач кодоб бугищали лъазабулеб хасал алатазул кумелдалъун телефоналги, кодоб букIараб кинабго къайи-цIа, цохIо къаламги тIамачги хутIун нахъе бакIарун ана классалде жанире рачиналде. Нагагь хадуб цохIониги чиясухъ телефон букIин лъани, тIубараб аудиторияго къватIибе гъезе бугин, экзаменазе кIийилалги лъунилан кьварун лъазеги гьабуна. КIалъазени кин, цоцазухъ балагьизецин гьукъулеб букIана. Гъоркьиса экзамен кьолел лъималаз бицунеб букIна интеренталдасан «Ватцапалъул» кумекалдалъун кIолеб букIанин къватIибе бухьен гьабизеян. Исана интернет хIалтIизе биччалареб хасаб алат букIана гьениб лъун. Жибго экзамен бигьаяб букIинчIо, щуабилеб классалдаса нахъе дуца цIалараб жоялда тIасан бокьараб суал кьолеб букIана».
Рашидил анищ буго Сан-Петербург шагьаралда бугеб, рагъулаб гIелму малълъулеб университеталде цIализе лъугьине. Литература жиндир аслияб экзамен кколарин, кIвар бугел эзкаменал жеги црер ругин гьезде хIадурлъизе кколин гьанже тIадчIунилан мукIурлъана гьев.
Президентас цIакъго кьваризабун бугин исана экзамен кьеялъул иш, тIадеялъул кьезе бугеб гьелъул гьанжего ургъел чIван бугин жиндаян рази гьечIого вугоан Рашидида аскIов вукIарав гьесул гьалмагъги
Нижеца гьединго бухьен гьабуна мугIрузул мухъазулгунги. Кинавниги 14 гIанасев чи вукIанин жакъа ХIебде, цогояб экзамен кьезе рачIунилан бицана Шамил мухъалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалулев хисулев ХIусенов Ильясица. Географиялъул экзамен кьезе 18, литератураялъул - 13 чи вачIине кколаанин гьезул, амма бащадал гурони рачIинчIин. РачIараз экзаменги кьунин букIине кколеб куцалъилан абулеб буго гьесги.
ХIусенов Ильяс: «Экзаменалде хадуб халкквезе витIарав чиги, экзамен кьолел гIолилалги гурони токIав чи къазе толев вукIинчIо, жанахIалъур эхетарал полициялъул хIалтIухъабиги рукIана, телефоналги риччалел рукIинчIо кинабго низамалда ана»
ЭР: «Лъималазул улбузул рукIанищ гIарзал кумек гьабизе рес гьечIилан абун?».
ХIусенов Ильяс: «Гьединаб ахIвал-хIал бичIчIуларел эбел-эменги гьечIилан ккола дида, гьел жаниреги риччалел рукIинчIо, гIолилазухъ кодоб бугеб къайи-цIаялъул хал гьабулеб хасаб алатги букIана. ХIасил калам бацIцIадго ина исанасеб пачалихъалхул цогояб экзамен кьеялъул тадбир".
Кинавниги 288 чияс кьезе бугин Шамил мухъалда пачалихъалхул цогояб экзаменилан бицана гьес хадубги. 29 маялда гIурус мацIалъул экзаменалде рачIунел гIолилал гIемерал рукIине ругин.
Гьединабго низамалда рекъон анин итни къоялъ Гумбет ва Гъуниб мухъалда Пачалихъалъул Цогояб экзамен кьеялъул тадбирилан бицана «Эркенлъиялъе». ГIицIго гьаниб тIаде жубазе бегьула Пачалихъалъул Цогояб экзамен хIисабалда геогрфия тIаса бищарал гIолилал дагьал ругин Гъуниб мухъалдаян абун. Гьедин мисалалъе КIогьориб росулъа цониги чи ун гьечIо гографиялъул экамен кьезе итни къоялъ.
Ашахан