В.Путин: Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб буго къватIисел пачалихъаз

Владимир Путин ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул данделъиялда, Москва, 04Сен2013.

Россиялъул президент Владимир Путиница ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялда итни къоялда лъазабуна Шималияб Кавказалда къватIисел улкабазул ва халкъаздагьоркьосел идарабазул Россиялде данде гьабулеб хIаракатчилъи кьварун къотIизабизе кколин. Гьесул рагIабазда рекъон, гьезда Шималияб Кавказ жакъаги бихьулеб буго Россиялдаго ахIвал-хIал хIалуцинабизе плацдармлъун. Путиница гьединго абуна, Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин халкъаздагьоркьосел идарабазул докладазда, гIиллаго гьечIого, гьарулел гIайибалги жаваб кьечIого тезе кколарин.

ХIинкъигьечIолъиялъул масъалаби, ришватчилъи, социалиял гIузраби, террор – Шималияб Кавказалда жакъа тIуразе кколел гIемер сулал ругин абуна Владимир Путиница гьал къоязда тIобитIараб ХIинкъигьечIолъиялъул Шураялъул данделъиялда.

Терроралъулал такъсирал Шималияб Кавказалда дагьлъулел гьечIилан рикIкIунеб буго Путиница. Гьесул рагIабазда рекъон, Кавказалда хIинкъигьечIолъи чIезаби буго кIвар кьезе кколеб суаллъун. «Терроралде дандечIеялъе цIиял нухал ратизе ккола, къуватазул идарабазги хасал хъулухъазги жидерго хIалтIи цадахъ бачине ккола», - илан абуна Путиница.

Президентас бицаралда рекъон, Россиялъул хIукуматалъ хIадур гьабуна Шималияб Кавказалда хурхараб политикаялъул хассаб программа. Гьеб программаялъул аслияб бутIалъун ккола социалибгун экономикияб цебетIей.

Программаялъе къимат кьолаго Путиница абуна, гьеб документ хIадур гьабунин Шималия Кавказалъул республикабазда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босунилан. «Кавказалъул хIукуматчагIазда бичIине ккола цIияб къагIидаялъ хIалтIизе хIаракат бахъизе кколеблъи. Кавказалъулазе къваригIун руго хIалтIул бакIал, лъайкьей, цогидал социалиял институтал», - илан абуна Путиница.

Гьединго Путиница абуна Россиялде дандечIараб политика тIобитIулеб бугин Шималияб Кавказалдаилан. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб политика бачунеб буго халкъазда гьоркьосел гIуцIиязги, цогидал пачалихъазги.

«Цогидал пачалихъазул информациялъул алатазда яги хасал докладазда гIемер хъвала Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан. Гьел информациязда хъинтIараб жаваб кьезе ккола», - ян абуна Путиница.

Гьесул рагIабазда рекъон, югалъулаб Россиялда бугеб ахIвал-хIал хIалуцинибиялъе хIалтIизарулел руго цогидал пачалихъаз Шималияб Кавказалъул масъалаби. Кинал пачалихъаз ва гIуцIияз гьединаб политика бачунеб бугеблъи Путиница мухIкан гьабичIо.

ЖамгIияв хIарактчи ГIисалмухIамад Набиевасул пикруялда рекъон, инсанасул ихтиярал Дагъистаналда цIуниялъе квал-квал гьабулеб буго ришватчилъиялъ.



Your browser doesn’t support HTML5

ГIисалмухIамад Набиев


ХIинкъигьечIолъиялъул шураялъул данделъиялда Путиница гьединго абуна, исана Шималияб Кавказалда 6,5 миллирд гъурущ бикъун бугилан. Ришватчилъиялда хъинтIараб I0 такъсир гьабулеб буго Кавказалда къойида жанибилан бицана президентас. Бюджеталдаса гIарац бикъиялъул масъалаялъ бичалеб гьечIо Кавказ цебетIеялдеян, рикIкIунеб буго Путиница.