Эркенлъи радиоялъ Сергей Гуриевасе суалал кьуна Россиялъ Магърибалъул улкабазде лъазарурал санкциязул проблемаялда бан. Хасго Европаялъул цо-цо улкабаздаса кванил сурсатазул импорт гьукъиалда. Гьелда бан Гуриевас гьадинаб баян гьабуна:
Сергей Гуриев: «Дида ккола Россиялъул росдал магIишаталъул хIалтIуханазе гьеб бугин лъикIаб хабар. Амма Россиялъул хIукуматалъулги президентасулги гьелда ракI чIараб букIарабани, ай - гьединал санкцияздалъун Россиялъул экономика цебетIезабизе бигьаго букIиналда - гьадинаб хIукму гьез цебего гьабилаан.
Амма гьанже гурони гьабичIоха. Гьеб цо, кIиабизеги - 2012 Россиялъул президент Владимир Путин разилъана Россия Дунялалъул дармил палатаялде гъорлъе жубаялда. Гьеб кIиябго хIужа гIадахъ босун абизе бегьула лъикIал шартIазда, Магърибалъуллгун лъикIаб гьоркьобакI букIарабани ва Россия дунялалъул экономикаялде гъорлъе жубанани Россиялъул жамагIаталъеги, экономикаялъеги цIикIкIараб пайда щвелаан».
ЭР: - Россиялъул хIукуматалъ лъазабуна, миллияб росдал магIишат цебетIезабизе жиндир хиял бугин ва росдал магIишаталъул хIалтIухъаназеги, кампаниязеги квербакъи гьабизе бугин. Бегьулищ гьелда божизе?
Сергей Гуриев: «Ахирисел соназда, хасго ахирисел моцIазда Россиялъел хIукуматалъ гIемерал рагIаби кьуна халкъалъе. Ва гьезул гIемерисел тIуразарун гьечIо. ГьабсагIат захIматго буго абизе гьеб рехсараб рагIи тIубазабизе бугищ-гьечIищали? Щай гурелъул - Россиялъул бюджеталъул кьварарал гIурхъабиги рукIиналъул, экономика гIодобе кколеб букIиналъулги».
ЭР: - Россиялъул вице-премьер Аркадий Дворковичас абуна, Москваялъ лъазарурал санкцияздалъун Гумурукалъул цолъиялъе кIудияб пайда щвезе бугин. Гумурукалъул цолъиялъул мушавара-улкабилъун кколел Белоруссиялъеги Казахстаналъеги гьединаб пайда щвеладай?
Сергей Гуриев: «Магърибалъул улкабазул кванил сурсатазул импорт гьукъизегIан, Россиялъ Белоруссиялъулгун ва Казахстаналъулгун гьеб суал дандбачIо. Я кIочон тун ратила, ялъуни сан гьаричIо тана гьезул пикраби. Лъаларо.
Амма цо жо нахъ чIвазе рес гьечIо. Гьай-гьай Белорусситялъги Казахстаналъги Магърибалъул кванил сурсатазул импорт гьукъичIо. Гьединлъидал гьезие рес щун буго гьел кванил сурсатазул импорт гьабизе, гьезда жидерго ишараби лъун, жидерабго продукция хIисабалда. Гьеб рахъалъан, хIакъикъаталдаги рехсарал улкабазе пайда щвезе буго».